МагъчIваялъе рес

ХIакъикъат бакьулъегIан батила...


Азербайджаналда Дагъистаналъул вакил хисулев Бабаев Видади хъулухъалдаса нахъе вахъейилан тIалаб гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Бабаев Дербенталъул мажлисалъул депутатги кколила Россиялъул къануналда рекъон муниципалиял депутатал пачалихъиял хъулухъазда рукIине бегьуларин лъазабулеб буго гьеб идараялъ.

Гьев хIалтIудаса реххейилан тIалаб гьабун Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанихъе кагъатги хъван буго республикаялъул прокуратураялъ.

Бабаев Видади прокуратураялъул хIукмуялда разияв гьечIо гьес абулеб буго жив Бакуялда Дагъистаналъул вакилхисулевлъунги вукIинчIила, гьеб кинабго багъа-бачариги жив данде кколарел Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имамил рахъккураз багъаризабулеб бугилан.

Гьединго жив Дербенталъул тIалъиялъул магIна гьечIеб хIалтIудеги, гьез билълъанхъизабулеб бугеб коррупциялдеги дандечIчIун вукIиналъ, гьезиеги щиб гьабунги жив депутатлъиялдаса нахъе ине къваригIун бугила. Гьединлъидал Яралиевасул гIарзачагIазул рахъкколеб бугила гьезилан.

Бабаев Видади: «Дица гIадатиял гIадамалги, мугIалимзаби цIунулел рукIиналъ, дун гьезул рахъалда вукIиналъ дида дандечIчIун руго шагьаралъул нухмалъиги, Яралиевасул къокъаги. Гьез гIарзаги хъван багъаризабун буго прокуратураялъ гьеб иш, дида гьеб ракIчIчIун лъала. Кинаб конституциялда хъван бугеб шагьаралде цIияв бетIер вачIунин абун школазулги лъималазул ахазул нухмалъулелги хъулухъалдаса нахъе ине кколилан?

Азади РахIимов мэрлъун вачIараб мехалда гьел киналго тIамуна жидеего бокьун хIалтIудаса ине ругин абун гIарза хъвазе. Хадуб гьелго чагIазулгун лъабго моцIица контрактги хъвана, гьесие бокьани гьеб контракт халат бахъинабизе букIине бокьичIони гьабичIого тезе.

Гьебго жо Багълиевасги гьабулеб буго. Дица абулеб буго Яралиевас хIалтIуде росун, Азадицаги хIалтIуда тун, гьанже цIидасан лъабабилеб свертIа Багълиевасги гьелго школазулги лъималазул ахазулги бутIрул хIалтIуде росун, нахъе гьарун базар лъугIизе тейилан. ГIадамазда рекIел унти чIвазабун буго гьез».

Гьединго депутатас абулеб буго жив Дербенталъул некIсияб рахъалда гIемертIалаял минаби раялдеги данде вугилан. Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъиялъ гьенир лъабго тIалаялдаса рорхатал минаб рагейилан лъазабун бугониги, гьелъухъ гIинтIамулев чи гьечIилан. Гьебги цIакъ дандекколеб гьечIила шагьаралъул нухмалъиялъе. Гьелъги жинде дандечIчIун ругила гьелилан, щиб гьабунги депутатлъиялдаса жив инавизе къваригIун вугин гьезиейилан.

Видади Бабаев: «Дун гьев Азербайджаналда вугев Дагъистаналъул вакилхисулесул ишал тIуразарулев вукIана заманалъ. 20I4 соналдаса нахъе вукIана дун гьеб хIалтIуда. Дун вакилхисулевлъун официалияб къагIидаялъ тIамунги вукIинчIо жеги. Гьедин бигьаго тIамуларо гьеб хъулухъалде. Гьенибе конкурсги лъазабун, газеталдасан къватIибеги кьун гьабулеб хасаб къагIида букIуна гьелъул.

Прокуратураялъ дун вакил хисулевищ гьесул ишал тIуралевищали лъазабунцин гьечIо, гьелъ бихьулеб буго гьеб дун дандекколарезул заказ букIин. ИсаналъагIан гьединаб къанунги букIинчIо, гьелда рекъон дун хIалтIудаса ине кколев ватани ина дун, амма депутатлъиялдаса кивениги ине гьечIо».

Яралиевасул рахъкколезул цояв, гьесулин абулел чанго информсурсатазде хъвадарулев Амиль Саркаровас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна жидеца Бабаевасда тIасан гIарзаги хъван букIинчIила, жиндаго гIайиб ккедал лъиде гьеб реххилебали лъаларого ххелделев вугин гьевилан.

Гьес бицунеб хIалалъ гIадамазулги, Дербенталъулги ургъел бугев чиги гурила гьев. Багьа-багьана батун жиндиего цIар гьабулев вугилан. Гьанжеги жив кутакав коррупциялде дандчIечIчIарав чи вукIиналъ толев гьечIин абун жиндаго сверун ахIи-хIур гьабулев вугин гьевилан.

Амиль Саркаров: «Бокьараб жоги цебереххун жинда гIайиб гьечIин чIчIезе бегьула чи, гIайибияв ватичIони лъикIха, амма ватани гьесда тIад букIине кколеб гIакIа къотIизе ккола. Гьелда тIадеги тIаса лъугьайилан абизеги тIамизе ккола гьев. ГIайиб гьечIел гIадамал жидергогIайибгьечIолъиялда ракIги чIчIун руцIцIухIун чIчIун рукIуна, жив цIакъав чи вугин жиндир цIакълъиялъ жив киназдаго рихун вугин, гьел квешал чагIи ругин абун ахIи балев вукIунаро.

Щив гIайибияв вугевали хасал идарабаз жеги чIчIезабила. Амма халкъалъул ургъел бугев, гьезул рахъалда вугев чи хIисабалда живго вихьизавун, гьезие кумек гьабунин жиндицайилан бихьизабун живго цIакъав чилъун хIай гьеб жо буго пайда гьечIеб гьадингосеб учузуб хьвада-чIвади».

Депутат Бабаевасул лъазабиялда тIасан Дербенталъул мэриялъул пресс-хъулухъалъ кинаб букIаниги баян кьечIо. Гьезул пресс-секретарь Ирина Шихшаевалъ лъазабуна прокуратураялъ гьабулеб бугеб цIех-рехалда гьоркьоб мэриялъул щибниги гIахьаллъи гьечIила, жидеда хъвалеб жо гурила гьеб ишилан.

XS
SM
MD
LG