МагъчIваялъе рес

Украиналдаса лъутун рачIарал жакъа кIочон руго тIалъиялда


Украиналдаса лъутизе ккарал Дагъистаналда
please wait

No media source currently available

0:00 0:02:15 0:00

Гьаб видеоялда бицен гьабулеб букIана кин Дагъистаналда къабул гьарулел рукIаралали Украиналдаса лъутизе ккарал.

Дагъистаналда ругел Украинаялдаса лъутун рачIараз  заманаялъ чIей гьабизе  «Лезет» ва «Дельфин» абурал хIухьбахъиялъул базаязулгун  Дагъистаналъул тIалъиялъ хъван рукIарал  къотIи-къаязул болжал лъугIун буго. Кинаб къисмат букIинеб  хадубккун гьел гIадамазулали бичIчIулеб гьечIо.

Цадахъго, лъагIел гIанасеб заманаялъ лъутун рачIаразе биччалеб гIарац кьун гьечIо базаялъул хважаинасе. Кинаб хIал бугеб лъутун рачIаразул ва кире гьел ине ругелали цIехана нижеца.

2016 соналъул 5 февралалда рагIалде рахъана болжал, Дагъистаналъул тIалъиялъ гьел хIухьбахъулел базаязда заманаялъ лъутун рачIарал тезе хъвараб къотIиялъул, амма гьел жеги гьенир руго. Жакъа къоялда «Лезет» ва «Дельфин» абурал базаязда руго гIаммаб куцалда 160 лъутун рачIарал. Гьезул 76 чи вуго «Дельфин» абураб хIухьбахъиялъул базаялда.

Байбихьудаго гьадинал лъазабиял рукIунаан украиналъулаз яшав гьабулел бакIазда.
Байбихьудаго гьадинал лъазабиял рукIунаан украиналъулаз яшав гьабулел бакIазда.

Заманаялъ гьенир гIадамал тезе хъвараб къотIиялдаго рекъон, щибав лъутун вачIарасе бихьизабун буго 800 гъурущ къойие, амма анкьго моцI балеб бугила, хIукуматалъ гьеб гIарацги биччачIогон бугелдасайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Дельфин» абураб хIухьбахъи гьабулеб базаялъул бетIергьан ГIумархIажи ГIалиевас. ТIалъиялъ лъутун рачIарал тезе бихьизабураб заманалъул болжал лъугIаниги, гIадамал гьениса кирего ине гьечIин, риидалил заманаялъ лъагIан, хасел бакьулъ гIадамал къватIире гъезе яхI-намусалъ толарин жинда, амма пачалихъалда гьел цере гIадин ракIалда гьечIин баян гьабуна гьес.

ГIумархIажи ГIалиев: «Кире гьел инел, шиб букIинебали бичIчIулеб гьечIо жеги. ГIемерал лъимал, пенсионерал, жалго хутIарал руччаби руго гьезул, кире гьел инел. Дица гьел нахъе гъоларо, риидал лъагIан гьел рукIине руго гьединго, гьабсагIат хIукуматалъ тIаде росарал гьечIониги. Дида гьаб хасало гьезда нахъе айилан абизе кIоларо. БачIиндаго букIарабгIадин гьезул кIвар гьечIо хIукуматалъеги, нилъер хIакимзабазул бугеб тIаса-масагосеб бербалагьи буго сундуего гIайиб. Анкьго моцI балеб буго гьезие бихьизабураб гIарац кьоларогонги, дирго чвантиниса харж гьабулеб буго. ГIарац биччангутIиялъе гIиллаби рачунел руго тIалъиялда. Амма киналъего гIилла буго кколеб куцалда хIалтIи гьабулеб гьечIолъи хIакимзабаз».

«Дельфиналда» цебе хIалтIулеб букIана лъутун рачIаразул лъималазе ясли-ах ва медикияб кумак гьабулеб пункт, амма гьелги къан руго, гIарац гьечIолъиялда бан.

Бищунго кIудияб лъутун рачIаразе бугеб ургъел кколеб буго гьезул документал жеги гьарун рахъун гьечIолъи. Россиялъул цогидал регионазда лъутун рачIаразе киналго документал щун ругин, Дагъистаналъул тIалъиялъ бащдаб лъагIалида жанир гьарун рахъинаризе рагIи кьун букIанин, амма жакъа къоялдеги гьел щун гьечIин жидеейин бицана гIадамаз. Докуменал гьечIогон хIалтIудеги росулел гьечIила.

Россиялъул паспортал кодоре щун рукIаралани гIемерисел цогидал регионазде ун, яги хIалтIи щун, шагьаралде рахъинаанин, амма квекIенал ратулел ругин ОВИРалдаги Миграциялъул хъулухъалдагийин абулеб буго пенсионер Людмилаца. Масала, жинда абулеб бугила документал ракIарун рахъун гьечIин, тIаде щолеб мухьалъул справка тIалаб гьабулеб бугила жиндихъа. Донецкалда Щербак Людмилал рагIула пенсия, 1800 гъурущ, гьеб щолилан справка босизе ине нухда гьелъ харж гьабизе кколеб буго 10 азарго гъурущ, гьаниб гьелъие пенсия щолеб гьечIо, гьей Россиялъул гражданин кколей гьечIолъиялъ.

Щербак Людмила: «ЛъагIелги хадубги балеб буго нижеца гьаниб. Чанго къоялъ цебе ниж данде ракIарун ГIумархIажи ГIаливас абуна, ургъел гьабугейин, жинца нужеда цIалул сон лъугIизегIан кирего айин абиларин. Амма нижеда бичIчIула гьеб гурхIиялъ букIин. ТIоцересел моцIазда нужеда лъалеб батила, нижее гьабулеб букIараб кверчIвай, амма гьанже щибго кумак гьечIо. Нижеца гьарулеб гьечIо, нижее рукъзал кьейин, гьарулеб буго гIицIго документал гьарейин ва нижецаго хIалтIун, рукъ кквелин.

Цогидал регионазда гIадин заманалда документал щун рукIаралани, гьанив чиго хутIилароан, хIалтIи балагьун, цогидал регионазде ун, рикьа-риххилаан. Амма вид на жительство гьабизе дие хIажалъулеб буго 50 азарго гъурущ, киса дица гьеб бахъилеб, пенсия дие гьаниб щоларо, чIорого нижее гьел документал гьарулел гьечIо».

ХIалтIи балагьун индал, Украинаялдаса рукIин лъайдал, хIалтIи гьечIин абулин жидеда, хIалтIудалъун хьезарурарал, 14 чи вугин баян гьабуна Людмилаца.

Цо-цоял, хехго документал гьаризе рукIине цогидал регионазде унел руго, амма сапар гьабизеги рес батулеб буго гIицIго хIалтIи бугезул.

Анастасия Романюкил буго кIиго лъимер, гьитIинаб лъимаца жеги лъагIел бан гьечIо. Чанго къоялъ цебе, хIалтIи балагьун жинца лъелго сверанила Редукторный поселокалдаса бахъун, Шамилил къотIноб, Джума мажгит бугеб бакIалде щун къватIал, нухда батанщинаб бакIалде жанире лъугьун хIалтIи цIеханиги, цониги бакIалда жиндие гьеб щвечIилан баян гьабуна гIолилалъ.

Анастасия Романюк: «Лъай кьей буго дир медикияб, амма гьелда рекъой медсестраялъул хIалтIи щвезе кканани, документал рукIине ккола, хIалIти гьечIин абула, гьебги. Гьенир къотIноса унаго, нижеца кафе букIа, цогидаб бакI букIа, жанире лъугьун хIалтIи цехана, амма яги инкар щвана, яги кIалъалин хадурилан абуна, цониги чиги кIалъан вачIинчIо.

Дица бокьараб хIалтIи цIехолеб букIана, гIодобакIал рацIуней чIужулъун букIаниги. Лъимадул агъаз гьабизе гIарац хIажат букIиналъ. Дир кIудияб лъимер лъималазул ахалдеги босулеб гьечIо, гьеб ахалде кьезе кканани 40 азарго гъурущ хIажалъулеб буго, дир гьечIо гьединаб гIарац».

Цогидай лъутун ячIарай, Ольга Никитюкица гьединго балагьулеб букIун буго хIалтIи, церегIан къояз гьей рукъ бакIарулей чIужулъун йосун йиго отелалде, унтун нахъе арай гIаданалъул бакIалда, амма гьей нахъе ячIиндал, гьелъ хIалIи тезе кколеб буго.

Киналго лъутун рачIараз абулеб буго хIакимзабаз жидеего рекламаялъе хIалтIизарун гьанже тун ругин жал.Риидалиде документал гьарун лъугIилин хьул буго гьезул, амма гьеб хьулги цIакъ тIеренаб бугила.

XS
SM
MD
LG