МагъчIваялъе рес

​Украиналъул конфликт дагъистаниязул бераздалъун


Киевалда парламенталъул минаялда цебе Украиналъе камизехъин ругел территориял рихьизарурал карта бахъулев гIолилав, 30Апр2014
Киевалда парламенталъул минаялда цебе Украиналъе камизехъин ругел территориял рихьизарурал карта бахъулев гIолилав, 30Апр2014

Крымалда сверунги Украиналда кколелда тIасанги дагъистаниязул пикраби цо ккурал гьечIо. Цоязе рекIее гIолеб буго Украиналъул конфликталдехун Россиялъул бербалагьи, цогидаз рикIкIунеб буго Россиялъул хъулухъ гьечIин цогидаб улкаялъул масъалабазде гьоркьобе лъугьинейин. Крымалда ва Украинаялда хурхун щиб бицулеб бугеб дагъистанияз интернеталда?

Крым кIиабилеб Дагъистанлъун букIине бугилан хъвалеб буго Украиналдаса тIадвуссарав МахIачхъалаялдаса адвокат Расул Къадиевас. Гьесул пикруялда рекъон, кIиго республикаялда гьоркьоб чанги релъараб жо батана гьесда. Мисалалъе, тIабигIат: мугIрул, гIатIиракь, ралъад – гьел руго Дагъистаналдаги, руго Крымалдаги. Гьединго Россиялъул цIияб регионалда гIумру гьабулеб буго батIи-батIиял миллатаз. Кадиевас хъвавухъе Крымги ккола дотациялъцулаб регионлъун – бюджеталъул 70% бачIунаан гьенибе улкаялъул бюджеталдаса. Индустриалияб цебетIейги гьечIо гьениб, амма росдал магIишаталъул рахъалъан ахIвал-хIал лъикIаб буго: гьениб бижула гIеч-пихъ ва гьеб бичун жидеего гIарац гьабула гIадамаз.

Крымалъул экономикаялъул бицунаго Къадиевас хъвалеб буго гьениб Дагъистаналда гIадин балъгояб экономикаялъул кIудияб къадар бугин. Гьединго адвокатас рикIкIунеб буго Кремлалъ гIемерисала кIвар кьоларин Дагъистаналъул хIакимазул гъалатIазе, республикаялъул жиндирго специфика бугиланги абун. Крымалъул хIакимаздехунги гьединабго бербалагьи букIине батилин хъвалеб буго Къадиевас.

Экспертазги рикIкIунеб буго, Крымалда цIияб Дагъистанлъун абизе бегьилин Россиялъ регионалияб политика хисичIони. Мисалалъе, гIелмиялгун-социалиял цIех-рехазул RAMCOM централъул директор Денис Соколовас абухъе, дотациялъулаб политикаялъ Дагъистаналъул цебетIеялъе квекIен гьабулеб буго. «Кидаго дотациял щолеб Дагъистаналъул хIакимазе къваригIун гьечIо хиса-басиял гьаризе, экономика цебетIезабизе. Гьезие бигьалъун буго дотациялги щун килищ килщидаги тункичIого чIезе», - илан абун букIана Соколовас. Крымалдехунги гьединаб политика хIалтIизабуни федералияб централъ раккине бегьула «ГIела Крым кваназабун!» хъварал лозунгалилан рикIкIунеб буго Къадиевас.

Дагъистаналдаса блогеразул ва журналистазул пикраби Крымалда тIасаги Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда тIасаги батIи-батIиял руго. Мисалалъе, блогер Салман ГIисаевас хъвалеб буго Крымалда татаразул протестниял акциял байбихьизе бегьилин. Гьес ракIалде щвезабулеб буго татаразул цевехъан Мустафа Джемилев Крымалде вичалев гьечIин Россиялъ. ГIисаевасул пикруялда рекъон, Джемилев Крымалда вичангутIи татаразе цIакъ захIмалъанин. «Мисалалъе, Россиялда Путин яги Чечняялда Къадиров вичалев гьечIин абураб гIадаб жо буго гьеб», - илан хъвалеб буго ГIисаевас жиндирго интернет-даптаралда.

Фейсбук сайталда бугеб дагъистанияз гIуцIараб цояб къукъаялда МахIачхъалаялдаса Камал ХIажиевас хъвалеб буго Крымалда референдум букIинчIин, пародия букIанин. «Россиялъ Конституциялъул адаб гьабулеб батани, щайха ричаларел гIадамал гьединабго референдум Дагъистаналда яги Чечняялда гьабизе», - ян хъвалеб буго ХIажиевас.

Гьевгун рази йиго Гъизляралдаса Мадина Къурбанова. Гьелъул пикруялда рекъон, Крымалда, Одессаялда, Донецкалда Киевалдаса эркенал регионал яги улкаби гIуцIизе бокьун бугин гIадамазеилан бицунеб буго Россиялъул телевидениялдаса. «Гьелдалъун гIадамал рахъунел руго къватIире ярагъги ккун, бичIчIизабуна Путиницаги. Амма цо жо бичIчIизе захIмат буго: Дагъистаналда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унезеги бокьун буго республика Россиялдаса эркенаблъун букIине. Гьезда абулеб буго террористалилан. Гьезулго гIадал тIалабал ругел Одессаялдаса гIадамаздехун щай батIиял терминал хIалтIизарулел ругел», - илан хъвалеб буго Къурбановалъ.

Украинаца Россиялда рагъ лъазабуни жий хIадурай йигин гьение солдат хIисабалда инеилан хъвана Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералда Дагъистаналъул парламенталъул хIалтIухъан Эльмира Кожаевалъ. Гьелъул гьеб хъвай-хъвагIаялда гъоркь бахIс ккана. Цояз жалги хIадур ругин хъвана, цогидаз хъвана Россиялъул хъулухъ гьечIин цогидаб улкаялъул масъалабазде гъорлъ лъугьинеилан. «Америкаялъе ва Европаялъе гьеб бегьулеб буго гури», - илан хъвана Кожаевалъ. Журналист Тимур Джафаровас гьелъие жаваблъун гьадин хъвана: «Дун вуго Россиялъул гражданин, дица дирго улкаялъул гурони бицунаро. Дир улка мекъи бугеб мехалда, дица абула мекъи бугин. Америкаялъгун Европаялъул ургъел гьениса гIадамазе гьабизе те».

Украиналда чанги соналъ гIумру гьабун йикIарай Дагъистаналдаса журналист Светлана Анохиналъ абуна «Эркенлъи» радиоялъе жинда бичIчIулеб гьечIилан щай дагъистаниязе гьедигIан кIудияб ургъел бугеб Украиналъул.

Светлана Анохина: «Нилъер гьаниб, Дагъистаналда, гIемер масъалаби руго, гьелги цояб цоялдаса хIалуцараб. ХIинкъигьечIолъи гьаниб бугищали абизе кIолищ? КIоларо. Гьанир кьвагьигун кьвагьдеял гьоркьоса къотIунел гьечIо. Гьединго социаялиял гIузрабазул халгьабе. Яги ришватчилъиялъулищ бицинеб? Бокьараб сфераялда мун ваккани, масъалаби гурел ратулел гьечIо. «Украиналда гIадамал рикъулел руго», - ян хъвалеб буго МахIачхъалаялдаса цо лъалев чияс. Дагъистаналда гIадамал рикъиялъул хIужжаби дагьалищ рукIарал ва ругел? Щай гьезул бицунеб гьечIеб дагъистанияз? Гьанир ругел масъалиби гьезда кIочон ратилаха. Гьелъ гьезие рекъел ва низам чIезабиялъул ургъел батилаха чияр улкаялда».

Гьединабго пикру загьир гьабуна «Эркенлъиялъе» блогер Шамил СагIитовас. Гьес абуралда рекъон, цо-цоязул бетIер сверун бугин ккола, Украиналда тIаса гьезул баянал рагIараб мехалда. «ЧIвазе ккола, рагъ лъазабизе ккола, жужжахIалъ росаял бандеровцал», - гIемерисала гьединал рагIаби хъван рихьулел ругоян абуна блогерас.
XS
SM
MD
LG