МагъчIваялъе рес

Къуръаналъул тафсирал авар мацIалда


11 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана Къуръаналъул Тафсирал магIарул мацIалде руссинарун бахъараб тIехьалъул презентация. Гьел руссинаруна Сасикьа динияв гIалимчи МухIамадил ГIабдурахIимица.

Дагъистаналда чанго соналъ цереги бахIсал рукIана бегьулищ Къуръаналъул таржама гьабизе, бегьуларищ абураб суалалда тIасан. Официалияб пикруялъул рахъкколез абулеб букIана бегьуларин, щайгурелъул цо хIарпгицин мекъи ккани, нахъа жаваб кьезе кколеб жо бугин гьеб. Гьединлъидал Къуръан лъазе бокьараб чияс гIараб мацI лъазе гьабейин абулеб букIана гьез.

Гьединаб пикруялъе гьадин жаваб гьабуна 11 марталда Миллияб библиотекаялда букIараб данделъиялда Хасавюрталда бугеб Исламияб институталъул ректор ЯхIя-хIажица.

ЯхIя-хIажи: «ГIараб мацIалда рещтIараб Къуръаналда хъван бугеб жо лъазе шавкъ буго щивав чиясул - щибдай гьениб хъван бугеб, гьелъул магIна щибдайилан. Гьеб лъазабизе тIадаб буго щивав чиясда. Гьелъул тажамаги гьабичIони, гьелъул магIнаги гьабичIони, гьеб лъазе гьечIо чиясда. Гьелъул таржама гьабичIеб мацI хутIун батиларо дунялалда тIад.

Къуръаналъул тIоцебе таржама гьабун буго 12-абилеб къарнуялда Испаниялда, доб мехалъ гьенир рукIарал насранияз. Гьелде щвезегIан гьел хIинкъун рукIунаанила гьелъул таржама гьабизе. Хадуб латин мацIалдеги цогидаб мацIалдеги гьелъул таржама гьабулел рукIарал бакъбаккул рахъ лъазабулезул мурад букIана Къуръаналда жаниб бугеб гIунгутIи цIехей. Гьезда кколеб букIана МухIамад (с.гI.в) жиндирго пикраби лъун ругин гьелда жаниран».

ГIабдурахIимил росуцояв, Сасикь росдал школалъул директор Хизроев МухIамадица ракIалде щвезабуна ГIабдурахIимица Къуръаналъул Тафсиразул таржама гьабизе байбихьараб замана.

Хизроев МухIамад: «1989 соналдехун ГIабдурахIимица бащадабниги Къуръаналъул Тафсиразул таржама гьабун букIана. Жиндирго хатI лъикIаб букIинчIого, жинцаго хъваралдаса цогидаб тIамчиде хъвазе тIамулаан жиндирго яцалъул вас АмирхIамзал МухIамад.

Цинги цо гъалгъаясул кумекалдалъун Тифлисалда балъгого тIамчазда бахъана. Гьелдаса хадуб жилдал лъун, букъун ГIабдурахIимихъе бачIана. 1990 соналда тIубанго лъугIана таржама гьабун. Гьебго соналъул ахиралда гьелъул цо тIехь Москваялда, цогидаб Ленингралда бахъана басмаялда».

МацIалъул, литератураялъул ва искусствоялъул рахъалъ Дагъистаналъул ГIелмияб Централда гIуцIараб институталъул директор МухIамад МухIамадовасда лъикIаблъун бихьулеб буго хадубккун ГIабдурахIимица гьадинаб гIунгутIиялде кIвар кьезе.

МухIамад МухIамадов: «Гьаб таржамаялъул чанго тIамач цIалана дица, тIубанго цIализе жеги заман гIечIо. Гьенир жеги гIунгутIаби руго. Амма аслияб куцалда гьаниб магIна цIунун буго. Гьелда дагIба гьечIо. КIиабизеги биччалеб мехалда гьел ритIизаризе ккела.

ТIехьалъул байбихьуда живго ГIабдурахIимицаги хъвалеб буго хIалкIвараб яхI бахъун, битIараб магIна букIине бокьун гьабураб хIалтIи буго. Амма инсанасул гъалатI камиларо. Гьеб гъалатI бокьун гьабураб батичIони, Аллагь тIаса лъугьуна».

Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Денга Халидовасда Сасикьа ГIабдурахIимица гьабураб хIалтIулъ бихьулеб буго магIарулал, дагъистаниял цолъиги, лъай-гIелму цебетIезабиги, гьединго магIарул мацI цIуниги. Хадубго гьес къимат кьуна гьанжелъагIан жинца цIаларал цогидал таржамазеги.

Денга Халидов: «Жакъа школазда букIа, цогидал бакIазда букIа, дагьаб гурони бицунеб гьечIо рахьдал мацI. ГIабдурахIим гIадал исламиял гIалимзабаз кIудияб хIалтIи гьабулеб буго рахьдал мацI цIунизе. Дица цIалана Пороховалъулги, Крачковскиясги, цогидазги гьабураб Къуръаналъул таржама.

Крачковскияс абун букIана жиндица гьабураб таржамаялдаса нужеца пайда босугейила, щайгурелъул жиндица гьеб тIубан рагIа-ракьанде щвезабун гьечIилан. Амма кин букIаниги, гьесде мугъчIвайги гьабун гьеб таржама гIемераб бакIалда тIибитIизабуна. Порохова дида цеекун лъалей гIадан йикIана, гьелъ таржама гьабураб чанго сура цIалидал, бичIчIана гьелъ магIнаги хвезабун гьабун букIин таржама.

Дагьабниги мадараб таржама буго Саблуковасул. Дица гьеб дандекколеб букIаралъулха тарихияб, философияб рахъалдаса балагьун. Саблуковас гьениб магIна хвезабун гьечIо, цогидаз гIадин гIурус тексталда гьес Аллах абун хъвалеб гьечIо, гьес хъвалеб буго Единый Бог, Всевышний Господь абун. ГIурусазеги магIарулазеги, киналго миллатазе, Аллагь цо вугин абураб магIна цIунун буго гьес».

Сасикьа ГIабдурахIимица Къуръаналъул тафсиразул таржама гьабиялда тIасан букIараб презентациялде рачIун рукIана гьесул росуцоялги, Дагъистаналъул рухIияб идараялъулги, гьединго республикаялъул нухмалъулесул вакилзабиги.

XS
SM
MD
LG