МагъчIваялъе рес

Къуран буссинаби ва дин лъазаби гъукъизе бегьулищ?


Араб анкьида Америкалъул Цолъарал Штатазул тIалъиялъул консультативияб комиссиялъ лъазабуна Иранги, ГIиракъги, Пакистанги, Узбекистанги, Тажикистанги, Туркменистанги кколин диниял эркенлъаби хъачIго хвезарулел улкаби. Докладалда рехсон буго Россияги.

2013 соналда гьеб рахъалъан дунялалда ккарал шинал хIужаби хIисабалдеги росун рехсараб комиссиялъ лъазабуна Америкалъул хIукуматалъ гьел тIадехун рехсарал улкабазде данде санкциял лъазаризе ругин гьениб динияб эркенлъи гъанкъулеб букIиналъухъ.

Аслияб къагIидаялда бицен унеб буго гIайиб гьечIел гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьеялъул, гьел жанире тIамиялъул, гьел рикъиялъул ва гьелда релъарал хIужабазул хIакъалъулъ.

Халкъаздагьоркьосеб динияб эркенлъиялъул суалазул рахъалъан Цолъарал Штатазул комиссиялъул бетIер Кэтрин Лантос Свэттица гьадинаб баян гьабуна прессалъе.

Кэтрин Лантос Свэтт: «Нижер хитIабалъ бихьизабухъе гьел хIукуматаз мех-мехалъ жидеца зулму гьабулеб буго, мех-мехалъ цогидаз гьабулеб зулму сан гьабичIого толеб буго. Кин бугониги гьединаб бербалагьиялъ тушманлъи гьечIолъи бижизабулеб буго».

Ираналъе, Узбекистаналъе, Китаялъе ва Шималияб Кореялъе Америкалъул ХъахIаб рукъалъ цо-цо санкциял лъазарун руго. Амма хадуб Узбекистаналъе лъазарурал санкциял нахъе рахъун рукIана.

Докладалда гьединго рехсон руго Апгъанистан, Азербайджан, Казахстан ва Россия. Гьениб гьедегIан хъачIго динияб эркенлъи хвезабулеб гьечIониги, руго сан гьаричIого тезе бегьуларел хIужаби.

Америкалъул хIукуматалъул комиссиялъ гьел улкабазде ахIи балеб буго Инсанасул Ихтияразул тIолго Дунялалъул Декларациялъул стандартал ва цогидал халкъаздагьоркьосел къанунал цIуниялда.

Исламияб Республика Ираналда бугеб ахIвал-хIалалъул бицен гьабулаго Светтица абуна гьениб якъинго бихьулеб бугин тIалъиялъул загIиплъи.

Кэтрин Лантос Свэтт: «Бахаи гIадаб тIубанго ракълилаб ва лъиениги хIинкъи кьолареб динияб жамагIаталде тIадецуй гьабулеб бугеблъи нилъеда бихьулаго абизе бегьула гьединаб хIужаялъ жибго тIалъиялъул загIиплъи бихьизабулеб бугин.

Гьелдалъун гьединго бихьизе бегьула кин гьеб тIалъи жиндирго халкъалдаса хIинкъулеб бугебали. Ираналъул хIукуматалъ хIалтIизабулеб тактикаялда абизе ккола гьеб бугин халкъалъе зулму гьаби жиндирго официалияб диналъул эркенлъи цIуни мурадалда».

Россиялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб буго дунялалъул ва жибго россиялъул прессалъ. Аслияб къагIидаялда хабар унеб буго официалияб гуреб динияб гIаркьелалъул рахъ ккуразда хадуб хал кквей гьабиялъул, гьезде тIадецуй гьабиялъул, гьел чIваялъул ва рикъиялъул хIакъалъулъ.

Амма руго гIемерисел экспертазда бичIчIулареб бербалагьи. Мисалалъе босани Къуран цогидал мацIазде буссинаби данде кколареб ишлъун рикIкIи. Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб гурони, бицунеб гьечIо.

Исана 50 сон тIубана Къуран гIурус мацIалде тIоцебесеб нухалъ академикияб къагIидаялда гIурус мацIалде буссинабун букIаралдаса. Гьеб таржама гьабуна Россиялъул цIар арав гIалимчи Игнатий Крачковскияс. Гьелдаса нахъе бусурбабазе Хирияб ТIехь гIурус мацIалде чанго нухалъ буссинабун букIана. Гьеб темаялда тIасан баян гьабулеб буго Украиналъул гIалимчи Михаил Якубовичица.

Гьев ккола Къуран Украин мацIалде тIоцебесеб нухалъ буссинабурав гIалимчи. Гьесул таржамаялъе тIадегIанаб къимат кьуна СагIудиязул къираласул царалда бугеб Хирияб Къураналъул басмаялъул Макка-Мадинаялъул Централъ. Михаил Якубовичас гъваридаб цIех-рех гьабулеб буго Ислам дунялалъул философиялъул.

Михаил Якубович «Къураналъул магнIаби гIурус мацIалде руссинариялъул бицен гьабуни, рехсезе ккола XIX гIасруялда къватIибе биччараб Гордий Саблуковасул тIоцебесеб таржама. Крачковскиясул таржамайин абуни - гьеб ккола гIелмияб къагIидаялда гьабураб тIоцебесеб таржама».

Михаил Якубович
Михаил Якубович
ЭР: ГIаммаб къадаралда гIурусалъ чан таржама гьабун бугеб?

Михаил Якубович: «Крачковскияс жиндирго таржама щвалде щвараб къагIидаялда гьабичIого тана. Гьев хван хадуб 1963 соналда гьесул мутагIилзабаз гьеб къватIибе биччана тIад хIажатаб хIалтIиги гьабун.

Гьелдаса нахъе гьеб хIалтIиялъ мустахIикъаб бакI ккуна Россиялда гуребги, мадугьаллихъ бугел республикабаздаги - Гьоркьохъеб Азиялдаги, Азербайджаналдаги, хIатта къватIисел улкабаздаги. Цолъарал Штатазда эмигрантазул басмаханабаздаги къватIибе биччан букIана гьеб таржама. ГIаммаб къадаралда 35-ялдаса цIикIкIун нухалъ басмаялде кьабун букIана гьеб».

Леонид Сюкияйнен ккола юридикиял гIелмабазул доктор, шаригIат ва фикхъ лъазабулев гIараб мацI гъваридго лъалев гIалимчи. Гьесги абулеб буго Игнатий Крачковскиясул бугин гIалимчияс рагIалде бахъинабичIеб хIалтIи.

Леонид Сюкияйнен: «Къуран гIурус мацIалде буссинабиялъул тарих цIакъ халатаб буго.

Чанги къасд гьабун букIана, амма Крачковскиясул таржамаялъ гьеб сияхIалда хасаб бакI кколеб буго.

ХIакъикъаталдаги Петербургалда хIалтIулеб мехалда Крачковскияс Къуран буссинабулеб букIана жиндирго цIалдохъаназе дарсал кьей мурадалда ва гьесул хиял букIинчIо гьеб жиндирго хIалтIи басмаялда кьабизе.

Гьадинаб план гьесул ракIалда букIун батаниги абизе бегьула гьеб хIалтIи гьес рагIалде бахъинабичIин. Кин бугониги Крачковскиясул таржама гьанжеги хутIулеб буго асар кIудияблъун.

АнцI-анцI соналда жаниб гьеб таржама рикIкIулаан бищун лъикIаблъун ва щулияб гIелмияб аслу бугеблъун. Гьеб таржама гIатIидго хIалтIизабулеб букIана гIелмияб литератураялда. Амма Советияб заманалда Крачковскияс гьабураб таржама кодобе швезе захIматго букIана гIадатиял гIадамазе».

Крачковскияс жиндирго хIалтIи ахиралде швезабун гьечIониги, гьес гьабураб асар жакъаги камулеб гьечIин гIелмияб гIумруялда, ян абулеб буго Леонид Сюкияйненица.

Леонид Сюкияйнен: «ШаригIаталъул хIакъалъулъ дирго тIоцересел макъалаби хъвазе байбихьулаго, дица Крачковскиясул таржама билълъанхъизабулаан. Жакъа гIемерал цогидал таржамаби загьирарун ругониги, Крачковскияс гьабураб хIалтIи гIаламатлъун хутIулеб буго ва гьелъ гIелмуялъе гьабулеб асар камулеб гьечIо гьанжелъагIан.

Гьеб буго мухIканго гьабураб таржама гьоркьо-гьоркьор гIемерал баянал ругеб, гьеб хIалтIи гьабулаго тилмачас гIемерал некIсиял асараздаса пайда босулеб букIана.

Крачковскиясул гIелмияб ирс гIицIго Къураналъул таржамаялдаса гуро гIуцIараб, гьес гьединго хъвана гIемерал макъалаби ГIараб дунялалъул тарихалда тIасанги Ислам-диналъул тарихалда тIасанги. Гьев ккола кIудияв гIалимчи ва гьесул цIаралъ мустахIикъаб бакI кколеб буго Машрикъ лъазабулеб гIелмуялда».

Михаил Якубовичас абулеб буго Крачковскиясул таржамаялъ асар гьабунин Къуран цогидал мацIазде буссинабулел гIалимчагIазеги.

Михаил Якубович: «Тилмачасда кIола цо-цо жал ричIчIизаризе, амма буго Ислам диналъе кIвар кIудияблъун кколеб гIаммаб гIадат. Гьалеха цIиял таржамаби, мисалалъе росани академикияб къагIидаялъ Шариповас гьабураб таржамаги МухIаммад-Нури ГIусмановасги гьабураб таржамаги эгзегетикаялда базабураб буго.

Абизе ккараб буго гьадинаб жоги: Къуран гIурус мацIалде буссинабиялъ нуцIа рагьун буго цогидал мацIазеги. Масала Украин мацIалъеги поляк мацIалъеги, Болгар мацIалъеги, гьоркьохъеб Азиялъул мацIазеги».

Гьеб пикруялда разияв вуго Леонид Сюкияйненги:

Леонид Сюкияйнен
Леонид Сюкияйнен
Леонид Сюкияйнен: «Гьелдаса нахъе раккарал щинал гIакъилал, гIелмиял таржамаби гьарурал гIалимчагIаз кьучIое босулеб буго хасго Крачковскияс гьабураб таржама.
Леонид Сюкияйненица абулеб буго ахирисеб мехалда къватIире риччарал таржамабаздаса бищун лъикIаблъун жинца рикIкIунеб бугин МухIамад-Нури ГIусмановасул таржама.

Михаил Якубовичас абулеб буго кигIан гIемераб къадаралда Къураналъул таржама гьабун бугониги гьеб хIалтIи халат бахъинабизе бугин нахъеги ва гьадин бичIчIизабулеб буго гьеб жиндирго пикру.

Михаил Якубович: «СагIудиязул къираласул царалда бугеб Хирияб Къураналъул басмаханаялъ къватIибе биччана Эльмир Кулиевас гьабураб таржама. ГIемерал экспертаз абулеб буго гьеб бугин бищун лъикIаб гIурус таржамаилан.

ГъалатIал гьечIого таржама гьаби - цIакъ захIматаб ищ буго, гьединлъидал Къураналъул магIнаби руссинариялъул хIалтIи халат бахъунеб буго гьоркьоса къотIичIого. Гьеб гуребги - хисула жибго ГIурус мацIги.

Мисалалъе цересел гIасрабазда гьарурал таржамаби Къураналъул тIубанго батIияб магIна кьолеб буго. Кин бугониги, Къуран буссинабулел гьанжесел гIалимзабаз бусурбабазул гIадат цIунун гьабулеб буго жидерго хIалтIи, Къураналъул магIна биччизабулел классикиял баяназда, ай тафсиразда рекъон».

БатIияб къимат кьолеб буго Кулиевас гьабураб хIалтIиялъе Леонид Сюкияйненица.

Леонид Сюкияйнен: « Буго цойги таржама, гIурус мацIалде жеги лъикIаб къагIидаялда гьабураб. Дица бицен гьабулеб буго Кулиевасул хIалтIул хIакъалъулъ. Амма гьениб баккулеб буго суал: Кулиевасулилан абураб таржама Кулиевас гьабураб таржамалъун рикIкIине бегьулищилан абураб суал.

Щай? щай гурелъул гьес ГIусмановасул таржамаги босун, бакI-бакIазда цо-цо хиса-басиял гьарун ругелъул. Асар кIудиял ва кIудияб лъай бугел цо-цо рухIанияз диде рихьизаруна гьединал мухъал. Ахир-къад лъугьана гIемер лъикIаб ва жеги берцинаб гIурус текст ГIусмановаеул тексталде данде ккун.

Амма дир кIал цIорон буго гьеб Кулиевасул таржама буго ян абизе. Гьеб сабаблъун дица хIалтIизабулеб буго ГIусмановасул таржама, щай абуни - дида кIола ракI чIун абизе - гьеб бугин ГIусмановас гьабураб таржамаилан, Кулиевасул тексталъул хIакъалъулъ гьадин абизе дида кIоларо».

Крачковскияс гьабураб хIалтIи кигIан кIудияблъун бугониги гьаб нилъер заманалда гьесул таржама цIикIкIараб къадаралда рехсолеб гьечIин абулеб буго Леонид Сюкияйненица.

Леонид Сюкияйнен: «Гьаб нилъер заманалда гIелмияб литератураялда Крачковскияс гьабураб таржамаялде гьедегIан гIемераб къадаралда мугъ чIвай гьабулеб гьечIо гIалимчагIаз.

Ахирисеб заманалда къватIире риччарал цогидал таржамабазда мугъ чIвай гьабулеб буго гьез. Гьадин бугониги, Крачковскияс гьабураб хIалтIиялъе хасго дица тIадегIанаб къимат кьолеб буго.

Масала дир цIалдохъабаз жидерго реферетал хъвалеб мехалда гьез Крачковскиясул таржамаялдаса цитатаби росула. Дица гъозие гIакъулги кьолеб буго - кинаб таржама гIелмиял мурадазда хIалтIизабизе кколебали».

Михаил Якубовичица абулеб буго гIалимзабаз ва диниял хIаракатчагIаз Къуран буссинабиялда тIад цадахъ рекъон хIалтIи гьабуни, гьелъ кIудияб пайда кьезе бугин жамгIиябги политикиябги гIумруялъе.

Михаил Якубович: «Гьанжесел гIемерал проектазда тIад - гьезда гъорлъ къватIисел улкабазулги проектаздаги тIад хIалтIи рухIаниязги академикияб сфераялдаса гIалимзабазги цадахъ рекъон гьабулеб буго ва гьеб буго гIемер лъикIаб жигар.

Щай гурелъул гьелдалъун маслигьаталде рачIине рес буго. Гьадинаб маслигьаталъул кIудияб хIажалъи буго.

Амма, рекIелъ гIагалигун абила дица Ислам дунялалъул бакI-бакIалда бугеб ахIвал-хIал гьадинаб маслигьаталдаса рикIкIад буго. Ва гьеб хурхараб буго Къуран буссинабиялда гуребги - гIемерал цогидал масъалабаздаги.

Гьединлъидал рехсарал рагьарал дискуссиял гIураб къадаралда гьарурабани, пайдаяб хIасил щвелааан ва гьаб нилъер заманалда киса-кибго бихьулеб тIасан ккей нахъ чIвазеги бигьаго бегьилаан».

Шималияб Кавказалъул цо-цо рухIанияз абулеб буго Къуран буссинабизе бегьуларин, гьеб бугин Исламалде данде кколареб ишилан. БакI-бакIалда гьукъун буго исламияб литература бичулел тукабахъ Валерия Иман Пороховалъ ва МухIамад-Нури ГIусмановалъ гьарурал таржамаби ричизе.

КъватIисел улкабазда ругел бусурбабазул рухIаниязул гьединабго бербалагьи бугищилан абураб суалалъе Михаил Якубовичас гьадинаб жаваб кьолеб буго.

Михаил Якубович: «Бусурбабаз Къураналъул магIнаби руссинариялдаса инкар гьабулебани хъващтIан раккилаан гIалимзабаз гурел жагьилал гIадамаз гьарулел таржамаби. Исламалъе гьелдалъун пайда щвезе бугищха? ГIаксалда Къуран малъиялда нухал къазе бегьила гьадинаб ишалъ.

РакIалде швезабизин, бусурбабазул гIицIго 15 процент ккола гIарабал. Цогидал миллатазул вакилзабазда кинха бичIилеб Къураналъул магIна?

КъватIисел улкабаздаги буго гьадинаб бербалагьи - Къуран буссинабизе бегьуларин абураб. Амма абизе ккараб буго Къураналъул магIна буссинаби - гьеб жибго Къуран гурин, гьеб бугин Къураналъул магIнаби, баянал, тафсирал.

Ва гьадинал баянал гьаризе Исламалда лъицаниги гьукъичIо. Лъица гьадинал тафсирал гьаризе кколелали абураб суал - батIияб суал буго. Гьаризе ккола гъваридаб лъай бугел гIалимзабаз».

Леонид Сюкияненицаги абулеб буго хIатта гIараб мацI лъай гIолеб гьечIин Къуран бичIчIиялъе. Гьединлъидалийн Къураналъул магIна буссинаби цIакъ хIажатаб иш бугин.

Леонид Сюкияйнен: «Цого мехалда абизе ккараб буго гьаб таржама бичIчIи гьедегIан бигьаяб ищ гурин. Дагьа-макъабго бигьаяб буго ГIараб мацI лъалезе. Амма гъоздаги цо-цо захIмалъи бихьула.

Цо-цоязул пикруялда ГIараб мацIалъул алфазал лъалев щинасда Къуран бигьаго цIализеги бичIчIизеги кIвела. Гьеб гъалатIат пикру буго. Къуран буго цIакъ захIматаб калам ва хIатта ГIараб мацI гъваридго лъалездаги мех-мехалъ кIоларо цо-цо аятазул магIна бичIчIизе.

Къураналъул цо-цо аятазул магIнаялда сверухъ ГIараб дунялалда гIемерал дискуссиял бахIсал рагIулаан некIогоялдаса.

Гьединлъидал ГIарабалъ рештIараб Къураналъул текст гьечIого таржама бичIчIизе захIматго буго.

Гьелъие гIемерал мисалалги рихьана дида. Дида рихьана Къуран цIализе байбихьарал гIадамаз хехго свакан, гьеб иш толеб букIараблъи, щай гурелъул дица цебе абухъего Крачковсикясул таржамаялъул цо-цо мухъалде кантIизе бигьаго гьечIелъул».
XS
SM
MD
LG