МагъчIваялъе рес

Сасикьа ГIабдурахIим: «Къуръан магIида бан букIине рещтIун гьечIо»


Дагъистаналъул бусурбабазул рухIияб идараялъ гьукъун буго Къуръан батIияб мацIалде буссинабизе. Амма Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIимил пикру батIияб буго.

«Хирияб Къуръаналъул тафсиралъул таржама» гьабизе ГIабдурахIимица байбихьана 1983 соналдаго. Таржама гьабизе ана лъабго-ункъо сон. Басмаялда бахъилалде анцIго соналъ гьелъул халгьабуна Къуръанал риччалеб СагIудиязул Къираласул МужамагI абураб централда.

ГIабдурахIим: «Къуръан рещтIун гьечIо цо кинаб батаниги магIидаги бан дализабун букIине, яги цо кIудияб рукъги бан гьениб жаниб цIунизе. Гьеб рещтIун буго нилъеца гIумру гьениб хъвавухъе гьабизелъун. Гьанив Дагъистаналда 200-300 чи вукIинаха гIараб мацIги гIелмуги лъалев. Гьединлъидал гьаниб халкъалъул цо къадар магIарул мацIалда кIалъалеб бугелъул, гьезие таржамаги гьабун кьезе ккола гьеб.

ЦохIо гIарабазде гурелъул гьеб рещтIун бугеб. Гьеб киназдаго лъазабизе, киназухъего щвезабизе ккола. Гьелъие гIоло гьеб щибаб мацIалде буссинабизе ккола. Аварагасул заманалда доре-гъоре ритIулел чапарзаби рукIана. Гьедин гьес гьезда абулеб букIана сверухъ ругел халкъазул мацIал лъазареян».

ЭР: «17 батIияб гIелму лъазе кколин Къуръаналъул магIна гьабизе кканиян абулеб рагIана».

ГIабдурахIим: «Гьез (Дагъистаналъул рухIияб идараялъ – авт.) абула гьедин. Амма дица таржама гьабун буго гIицIго Къуръаналъул тафсиразул. Гьелги руго гIараб мацIалда гIалимзабаз гьарурал тафсирал. Дунго лъикIав лъугьун гьабураб жо гьениб щибниги гьечIо. Дол гIараб гIалимзабаз кинан гьеб магIна гьабун батаниги, гьединан буссинабун буго дицаги гьеб магIарул мацIалде».

ЭР: «Къуръаналъул мацI жакъа къоялда гIарабаз бицунелдаса батIияб, некIсияб бугин абула».

ГIабдурахIим: «БатIиябин абизе бегьуларо гьелда. Къуръаналъул мацIалъул руго цо хасал гIорхъаби. Гьанже гIарабаз бицунеб мацIин абун дагьаб гIатIидаб буго. Дунялги цебетIолеб бугелъул, гьединго мацIги цо хIалалда букIинищха? Масала, гьабсагIаталда нилъее захIмалъулаха гIурус яги ингилис рагIабиги гъорлъ гьечIого магIарул мацI бицине. Гьединго гIараб мацIалда гъорлъеги лъугьун руго чияр рагIаби. Къуръаналдайин абуни буго бацIцIадаб гIараб мацI.
ТIоцебе Къуръаналъул магIна гьабуна МухIамад аварагас (с.гI.в). Хадуб Ибну ГIабасица – гьесул инсул вац кколаан гьев. Гьедин доб заманалдаса нахъего гIалимзабаз магIнаги кьун таржама гьабулеб букIана гьелъие. Гьединлъидал дица я цогидаз гьабизе хутIараб жо гьечIо гьениб».

ГьанжелъагIан гьарурал таржамабазда тIасан гьадинаб пикру буго Сасикьа ГIабдурахIимил.

ГIабдурахIим: «Къуръаналъул рагIи-рагIиккун таржама гьабун буго цо магIарулас. Гьедин гьабизе бегьуларо гьеб. Щайин абуни гьадин хъван бугин Къуръаналдаян абун гIадамазулъ мекъаб пикру бижизе бегьулел жал руго гъора жанир. Бегьулеб, данде кколеб куцалда гьабураб таржама буго Элмир Кулиевасул».

ГIабдурахIимица абулеб буго Къуръан абун цо батIияб, тамашаяб жо гьечIо гьениб. МухIамад аварагасул (с. гI. в) заманалда рукIарал гIарабазде рещтIараб Аллагьасул калам кколин гьеб.

Гьединго хъван бугила доб заманалъул гIадамазда бичIчIулеб куцалда. Амма Къуръаналда бицунеб бугила гьанжелъагIан тIатаралги жеги тIатине ругелги гIелмиял балъголъабазул ва цогидалъул хIакъалъулъ. Масала, Юрий Гагарин воржинегIан, зобалазде чи инилан абураб пикру лъилниги букIинчIила. Гьеб жо гIад гьабулаанила.

ГIабдурахIим: «Къуръаналдайин абуни хъван буго Аллагьас нужее гьунарги бажариги кьун бугила бакъалдаса, моцIалдаса мунпагIат босизе, амма зоб-ракьалъул гIорхъабаздаса къватIире унарилаха нуж. Зоб-ракьалъул гIорхъаби жакъа гIелмуялъухъе кодоргицин щун гьечIо. МоцIроде спутник биччараб заман букIана. Доб советияб заманалда дида жо малъулел рукIарал гIалимзаби лъугьана гьединаб жо букIине рес гьечIин абун. Доб заманалда загIипаб лъай букIун батиларищха гьезулги. Амма Къуръаналда бицунеб буго гьединал жалазул».

Гьедин ГIабдурахIимица абулеб буго гьеб лъазеги, батизеги, къватIибе бахъизеги кколила.
XS
SM
MD
LG