МагъчIваялъе рес

ХIажимурадил гвангвара жаназагун цолъизе бегьула


Россиялъул культураялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго, Санкт-Петербургалъул «Кунсткамераялда» хасаб комиссиялъ ХIажимурад наибасул гвангараялъул хIакъикъат чIезабун хадуб, гьеб Азербайджаналда жаназаялда цадахъ букъизе кьеялъул суал борхизабизе бугин.

Амма рехсараб комиссиялде гъорлъ рагIуларо Дагъистаналдаса цогIаги чи. Гьенир рагIула Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул, Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул, Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул ва цогидал идарабазул вакильзаби.

АнцI-анцI соназ Дагъистаналъул жамгIиял идарабазги тарихчагIазги гвангвара тIалаб гьабун кагътал хъваниги, улкаялъул тIалъиялде хитIабал гьаруниги, хIатта диваналдеги кьун гьеб музеялдаса нахъе босун черхгун букъизе кьейилан абуниги, гьеб хIаракаталъул хIасил ккун букIинчIо.

Гьеб ишалде гъорлъе Пачалихъияб Думаялъул депутаталлъун рукIарал Надыр Хачилаевги ХIажимурад ГIумаровгицин лъугьун рукIана, амма гьез гьабунщиналъулги хIасилго ккун букIинчIо. Гьелдаса хадуб гьанже рахъун Россиялъул культураялъул министерлъиялъ Хунзахъа ХIажимурадил гвангвара музеялдаса нахъекьеялъул суал кинин борхарабин абураб суал хутIулеб буго.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьеб «Кунсткамераялъул» кIудияй жамгIияй хIалтIухъан Екатерина Капустиналъ абуна гьеб суал роцIцIиналъулъ гIахьаллъи Россиялъул нухмалъиялъ гьабун бугин абун. Гьединго гIалимчIужуялъ баян гьабуна жидер музеялъ гьеб ХIажимурадил гвангвара нахъе кьоларого букIинчIилан.

Екатерина Капустина: «Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде Дербенталъул 2000 сон тIубай гьабизе хIадурлъулеб мехалда Дагъистаналъул тIалъиялъ Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасда гьарун буго гьеб гвангвара нахъе кьейилан абун. Гьеб суал рагIалде бахъинабейилан абун буго Медведевасги. Унголъунги гьединищ букIараб цойги батIияб гIиллайищ ккарабали дида мухIканго абизе кIоларо, амма нижехъе гьединал баянал щванаха.

«Кунсткамераялъ» ХIажимурадил гвангвара нахъе кьоларогоги букIинчIо. 20 соналъ церего хIадур рукIана ниж гьеб нахъе кьезе. Музеялъул экспонатазул сияхIалда гьоркьосаги гьеб некIого бахъун букIана, амма гьедин букIаниги нижер нухмалъуд бугеб Россиялъул культураялъул министерлъиялъги Россиялъул гIелмияб академиялъги хIукму къотIичIого гьеб кибениги кьезе нижер ихтияр букIунаро. Гьеб гвангвара цойгидал гьединалго экспонатал гIадин хасл гъутухъазда жанирги лъун цо рокъоре руссинарун рукIуна, гьеб лъиданиги бихьизе музеялда цебелъунги букIунаро».

Гьеб наибасул гвангвара тIадбуссинабиялъул суал борхиялъулъ Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъ кинаб гIахьаллъи гьабурабали, «Кунсткамера»-ялъ кьезехъин букIараб гьеб Россиялъул культураялъул министерлъиялъ щайин гьанжелъагIан кьезе течIебин абурал суалазе Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъухъан жаваб щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе. Министр Зарема Бутаеваги хIалтIуда гьечIила, гьел суалазе жидеца жавабги кьун бажаруларин лъазабуна гьезул пресс-хъулухъалъ.

ХIажимурадил гвангвара музеялдаса нахъе босизе ккеялъул суалалдаса дагьаб кIвар гьечIеблъун рикIкIине бегьула кодобе щвани гьеб гвангвара кибин букъилебилан абураб суалги. Цояз абулеб буго жаназа букъаралъубго Азербайджаналъул Нухаялда букъизе кколилан. Цойгидал чIун руго букъаралъуса бахъун гьеб жаназаги гвангвараги цадахъ ХIажимурадил ватIаналда Хунзахъ букъизе кколин гьебилан.

Азербайджаналдаса гьес хоб тезе бегьунгутIиялъул рахъккураз абулеб буго букIине кколеб адаб гьабулеб гьечIила гьениб гьеб хобалъулилан, зама-заманалдаса гьеб хабада букIараб зани бегизабун гьеб хоб бугеб бакI бихьизабун хъварал игIланал гъурун пасалъабиги гьарулел ругила гьенир падаразилан. МагIарулаз гIумру гьабун бугеб Азербайджаналъул Закаталаялдаса жамгIияв хIаракатчи Гогаев Айдиница «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна ахираб заманалда гьеб хобалда хъвалев чи вукIинчIилан, гьенир цIоралда ругел магIарулаз къачIан берцинго бугин гьеб хобилан.

Падаразда божун течIого гьеб ХIажимурадил хоб Хунзахъ букIине кколин, гвангвараги жаназаги цадахъ гьениб букъизе кколин абураб пикруялъул чи вуго Хунзахъа тарихчи Айтберов Тимурги. Гьес абулеб буго берцинго магIнаялда Азербайджаналъул рахъалъулгун гьеб ХIажимурадил хоб Хунзахъе бахъиялъул суал гьоркьоб лъуни гьез разилъи кьечIого теларилан.

Тимур Айтберов: «ХIажимурадил гвангвараги гьесул лугбалги Хунзахъ рукъани лъикI букIинин ккола дида. Гьеб Азербайджаналъул рахъ хIачIого абулеб жо гуро дир гьеб. Амма гьеб буго гIемер батIи-батIиял миллатаз гIумру гьабун бугеб пачалихъ, гьениб багъа-башари ккезабизе халкъазда гьоркьоб тунка-гIуси ккезабизе гьел рагъаризелъун, президентасе квешезеги гьеб хобалда бокьараб жо гьабизе бегьула.

Хунзахъ гьесул ватIанги бугелъул гьениб гьесул гIагарлъиги бугелъул, сиясатияб низам кинан хисаниги гьеб кибениги реххун бажаруларелъул букIине кколеб куцалда тIалабги гьабизе гьеб хоб гьесул росулъ лъикI. КъватIиб бугеб жоялъул тIалаб гьабуларо. Дагъистаналдаса Азербайджаналъул рахъгун кIалъазе бажарулел гIадамалги ритIун гьезда квеш букIинареб хIалалда бичIчIизабуни гьев наибасул хоб Хунзахъ букIине кколин абун, гьезул разилъунгутIи букIинарин ккола дида».

Цебехун бицен гьабураб гьеб ХIажимурадил гвангвараялда хурхун хасаб гIелмияб цIех-рех гьабизе гIуцIараб комиссиялъул хIалтIи кида лъугIулеб ва кида гьеб музеялдаса нахъе босун хабалъ лъезе кьолебали мухIкан гьабулеб гьечIо Россиялъул культураялъул министерлъиялъ.

XS
SM
MD
LG