МагъчIваялъе рес

Москваялда бицине буго наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ


Имам Шамилил наиб ХIажимурадил рагъулаб хIаракатчилъиялъе битIараб къимат кьезе хIалбихьулеб конференция тIобитIизе буго исана октябралда Москваялда. ГьанжелъагIан гьединаб тадбир кибниги тIобитIун букIун гьечIо.

Гьеб кколин гьелъул цIилъиян бицана ЭР-ялъе ХIажимурад ХIажиевас.Наибасул росулъа, Хунзахъа, чиги Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялдаса чиги ккола гьев. Гьеб конференциялде ракIарулел руго живго ХIажимурадил наслуялъул чагIиги, тарихчагIиги, Дагъистан бокьулелги, гьединго филологалги. Масала, гIурусазул машгьурав хъвадарухъан Лев Толстояс наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ хъвараб асаралъе къимат кьезе буго гьез. Абула Толстоясе цIакъ къиматаб букIанин гьеб асар, гьединлъидал кигIан басмаялъул бетIергьабаз гьараниги, Толстояс инкар гьабунин гьеб бичизе.

ХIажимурад чIаго вугеб мехалдаго гIадин, гьесдаса хадубги цо ккураб къимат кьолеб букIинчIо гIадамаз гьесие. Цояз гьев рикIкIуна хиянатчилъун: имам Шамилие рекIкIги гьабун, гIурусазул рахъалде анин гьев, цогидазейин абуни наиб ХIажимурад БахIарчи вуго. Шамилидаго бащад рехсола Дагъистаналда гIемерисез гьесул цIарги. Гьарурал лъималазда ХIажимурадил цIар лъолеб гIадат буго республикаялда.

Москваялда тIобитIизесеб конференциялда гьоркьоб лъезе буго тарихчи Рудольф Ивановас ХIажимурадил хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Амма гьениб хабар ккечIого хутIиларин Петербургалда Кунсткамераялъуб бугеб наибасул гвангвараялда тIасангиян абуна ХIажимурад ХIажиевас. Гьес гьединго ракIалде щвезабуна гьанжелъагIан Дагъистаналда рукIарал президентазги, депутатазги, цогидазги хIалал рихьанин гвангвара тIадбуссинабизе. Амма хIасил ккечIин. Жинда берда рихьанин гьез хъварал официалиял кагъталги. Щай гьеб нахъе кьоларого бугебали бициналда тIадчIей гьабизе бокьун гьечIин жиндие. Кида букIаниги тIадбуссинабилин гьебин абураб хьул буго ХIажиевасул.

ХIажимурад ХIажиев: «Гьеб суал тIубачIолъиялъе гIилла букIун батила, амма жакъа, метер ялъуни нусго соналдасан, цо пуланаб къоялъ гьеб суал тIубазе буго. Нилъеца гьелде пикру буссинабизе ккола, гьелде нилъеца кIвар кьечIони, тIубачIогоги хутIизе бегьула гьеб. ТIалъиялдаги жамгIияталдаги гьеб кIочене бегьуларо. Амма ХIажимурадил гвангвара гьениса нахъеги босун Хунзахъ букъизе кколилан, тIокIаб чIечIого халкъ босаххинабизе бегьуларо, гьелъул тIубараб политика гьабизе хIажат гьечIо. ХIажимурадиде щвезегIанги чанги чи руго гьедин кIочон тарал.

Гьаб конференция лъугIун хадубги гьаризе буго нижеца республикаялъул ва улкаялъул тIалъиялда гьеб суал тIубазе квербакъеян. Жаваб ниж разияб букIинарилан кколеб буго, амма кин букIаниги гьаризе ккола. Нилъее хутIун буго гIицIго гьаризе, тIалаб гьабизе лъугьани - гьелъул жо кколаро. Цевехун унес толин нухилан буго умумузул кици. Жеги нусго соналъ ралагьун чIезе ккезеги бегьула, щиб лъалеб?

ХIажимурадил гвангвара Хунзахъе кьечIониги, гьесул жаназа букъараб бакIалде, Азербайжаналде букъизе изну щваниги гьебги гIелаан. Нилъее гьадинги мадугьалзаби ккола гьел. Гвангвара къаркъалаялда аскIоб Нухаялда (Закатала, Азербайжан – ЭР) букъани, гьенире зияраталъ унел чагIиги раккила, гьелъ дагьабги щула гьабизе бегьула цоцазухъе бугеб кьо. Гьеб буго дир пикру. Цогидазни абулеб буго валлагь гурин, Хунзахъе кьезе кколин ХIажимурадил гвангвараян».

Гьеб хIужаялда бан гIадатияв дагъистанияв ТIагьир ГIусмановасул пикру гьадинаб буго.

ТIагьир ГIусманов: «ГIурусазда кколеб буго гьесул гвангвара тIадбуссинабуни, цIидасан Кавказалъул рагъ ккелилан. Гвангвараялъукьа хIинкъулел чагIийищ рукIунел? Гьеб гуребги, диналъул рахъалъги битIун бугищха гьеб? Ракьухъ гIащикълъун букIунин абулелъул жаназа».

Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола, ХIажиагъа абулев чияс ХIажимурад чIван хадуб къаркъалаялдаса батIалъизабураб наибасул бетIер Тифлисалда базаралда бичулеб батун, гIурус пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовас Петербургалде щвезабун буго. Гьелдаса нахъе Кунсткамераялъуб, бищун къиматаб экспонат хIисабалда, цIунунги буго.

Студентлъун вукIаго жинца хIалбихьанин наибасул гвангвараялъул суарт бахъизеян ракIалде щвезабулеб буго юридикиял гIелмабазул доктор МухIамадсагIид ИсмагIиловас.

МухIамадсагIид ИсмагIилов: «Студентлъун дун вугеб мехалда архивазулгун хIалтIи гьабизе практикаялъ Ленинградалде рачун рукIана ниж. Гьеб мехалда дица гьарана нижее Кунсткамераялде экскурсия гьабеян. Дие бищунго бокьараб жо букIана нилъер БахIарчиясда сверухъ рукIарал харбалги хIисабалде росун, гьесул гвангвараялъул хал гьабизе. Бихьана дида гьеб. Гьанже гьелъул суратги бахъизе ккелилан, фотоаппарат чанцIулго чIинкъизабуна дица.

Амма рачIун аскIорегун Кунсткамераялъул хIалтIухъабаз дихъа аппаратги нахъе босана, гьениса пленкаги нахъе бахъана. Цинги чанго соналдасанги щвана дун гьениве. Гьеб мехалда дида гвангвара доба батичIо (гьеб запасниказда бугилан абун). Дида бихьараб заманалда гьеб букIана цIорол кIуниялда жаниб. Дида ккола цо заманалдасан гьеб гвангвара къаркъалаялда аскIоб букъилин. Гьелъие гIоло хIалтIи гьабулел чагIи руго нижеда сверухъ».

XS
SM
MD
LG