МагъчIваялъе рес

Депутатасул инициативаялда нахъ жидеегоги Самуралъул рохьалъеги зарал бихьулеб буго гIадамазда


МухIарамкент мухъалъул Самур росдада аскIоб Самур гIурул рагIалда ракьулъ бугеб лъим къватIибе кьабулеб станция баялъе хIалтIаби кIиго соналъ цере байбихьун рукIана. Амма гьеб проекталде дандечIей лъазабуна бакIалъул гIадамаз.

Гьелъие гIиллалъун ккана лъим кьабулеб станция баялъ бакIалъул гIадамазе ва тIабигIаталъе балагь гуреб жо букIине гьечIин, гьелъ экологияб катастрофаялдегицин рачине бегьулин гIалимзабаз ва экологаз чIезаби.

Самуралъулаз абулеб букIана гьадингоги гьеб ракьулъ бугеб лъим дагьлъун букIиналъ жидер иццахъ лъим къатIун бугин, ракь цIцIамхIалаб лъугьунеб бугин, гьелъ хур-ах холеб бугилан. Гьал къоязда Дагъистаналдаса Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIабасов Мамедица гьеб проект рагIалде бахъинабизе ккеялъул хабар цIигьабун буго Самуралъул гIадамазулгун дандчIваялда. Гьеб иш цебе билълъине тезе гьечIин жидецайилан чIун руго гьанжеги бакIалъул гIадамалги.

Цебе-цебеги гьеб станция баялде дандечIарал чанго митингал тIоритIун рукIана самуралъулаз. Гьенир низамцIунулезулгун тунка-гIусиги ккун, гьез митингчагIи рухун, гьезул 30 гIан чи ккун, гIемер ахIи-хIурги бахъун букIана. Самуралда тIасан цIияб кьо бан гьеб рагьизе вачIарав Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанцин гьениве виччаларин жидеца, халкъалъул тIалабалъухъ гIенеккейин гьевилан абуна нухкъанчIунги рукIана гьел.

ЛъагIалица халат бахъана гьеб дандечIчIей. Ахиралдаги москваялдаса экологалги, геологалги, тIабигIан цIунулел ахIун Дагъистаналъул жамгIияб палатаялда гьез лъазабуна гьеб лъимкьабулеб станция базе бегьуларилан. Гьеб бани Россиялда цо гурони гьечIеб субтропикияб Самуралъул рохь бакъвалин, бакIалъулаб экологиялъеги гьелъ кIудияб зарал гьабулилан.

Жидецаго абураб ритIухъгьабизелъун гьез тIоритIарал хасал экспертизабазул хIасилалги рихьизаруна гIалимзабаз. Гьелдаса хадуб гьанжелъагIан гьеб проекталъул хабар къотIун букIана. МухIканал гурел баяназда рекъон гьеб проект Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабаз жалго бетIергьанаб чанго нусго миллионги тIад хвезабун хIадурараб проект букIун буго. Гьенисан лъим Туркмениялде бичун гьезда цIакъго гIемер гIарац гьабизе ракIалда букIун буго.

Гьанжеги гьеб цIигьабизе къваригIун бугила хIакимзабазе, гьез ГIабасов Мамедида абун бугила дуца бакIалъул гIадамалги рекъезарун гьеб иш цебе билълъинабуни исана Пачалихъияб Думаялде ругел рищиязда дуе депутатасул мандат кьелиланилан абурал баянал щванила жиндихъейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист ва гьеб Самуралъул рохь цIуниялъул багъа-бачариялъул жигарав хIаракатчи Эседов Альбертица.

Эседов Альберт:«Халкъалъулгун букIараб дандчIваялда ГIабасов Мамедица абун буго гьеб ракьуда гъоркь кигIан лъим бугебали хал гьабизе, ай разведка гьабизелъун хIалтIаби байбихьизе кколилан. Гьеб кинабго жамагIаталъул бербалагьиялда гъоркь тIобитIизе бугилан. Гьеб буго гIадалаб жо, кин жамагIаталъул бербалагьиялда гъоркь гьединал хIалтIаби тIоритIулел, гьезда хадуб ххалищ ккун бажарулеб.

Цебе доб жамагIат гьеб проекталде дандечIун ругеб мехалда гьезул рахъги ккун, пачалихъияб думаялдеги, Россиялъул президентасухъегицин кагътал хъвалев вукIана гьев ГIабасов. Гьанже рищиязул заман тIаде щведал гьел жал хIазе лъугьун вуго. Гьединал берцинал харбалги рицун гIадамал гъоркье реххизе къваригIун бугин гьесиейилан ккола дида. Бицаралда божулел, ракIлъикIал гIадамалги руго гьенир. Жидерго чиги вугелъул гьев ГIабасов гьес жал гъоркье реххилин гьезда ракIалдецин кколеб батуларо».

Самуралъул росдал мажлисалъул депутат ва жамагIатчи ТIагьирмирзоев Фазилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидер жамагIаталъ гьев ГIабасовасул рахъкколеб гьечIила ва гьеб лъим кьабулеб станция базе биччазе гьечIилан. Гьелда хурхун цIидасан багъа-бачари байбихьани жидеца гьеб мухъалде щивниги къалареб хIал гьабизе бугила, къасиги-къадги гьенибе нухги къан чIезеги хIадур ругин жалилан лъазабулеб буго депутатас.

ТIагьирмирзоев Фазиль:«Гьениб ракьуда гъоркь лъел кигIан нахърател бугеб, гьениб лъим балагьизе кколищ кколарищила бихьизе хIалтIаби гьаризе кколин абун вукIана гьев депутат гаргадилев. ЖамагIат гьелда разилъичIо. Гьадинила додинила абун цо ричIчIуларел харбал рицине лъугьана гьев, гьеб федералияб проект бугила, гьеб бан хадуб бакIалъул гIадамазе хIалтIизе бакIалги,чанги ресалги рукIине ругин бицуне вукIана гьев.

ГIадамаз абуна нижер гIорги, иццалги рахъвазарун, рохьги бакъван хвезабун гьеб станция нижее къваригIун гьечIилан. Жеги гьеб станция бан гьечIо, амма щибаб санайил нижер иццахъ лъим тIадеялдасаги тIаде къунеб буго. Чанги хуриса бачIараб жоги бичун гьелдаса магIишат гьабун рукIарал нижер гIадамаз гьеб пиша тезе ккана, щай гурелъул лъалъадизе лъим гьечIого, ракь цIцIамхIаллъун букIиналъ хурзал гIадада хун рукIун. Нижеца тIубараб росуги гIахьаллъи тIамун цIех-рех гьабуна гьеб проект базе телищ теларищила абун, халкъалъ лъазабуна жал гьелде данде ругилан».

Цебехун бицаралда тIасан Мамедов ГIабасил баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе. Дагъистаналда йигей гьесул кумекчIужу Мамаева Эльмираца абуна депутат гьаб сагIат Москваялда вугила, гьев кIалъазе регIун гьечIилан.

XS
SM
MD
LG