МагъчIваялъе рес

ЖамагIаталъул газа кьурда рекIуна


Самур гIорда лъимкьабулеб станция баялда хурхун бугеб ахIи-хIур жеги лъугIун гьечIо. Бищунго цIакъ гьеб баялде дандечIун ругел МухIарамкент мухъалъул Самур росдал гIадамазда жидерго къеркьей гьоркьобкъотIизе тезе ракIалда гьечIо. Гьединлъидал гьал гIагарал къояз Самур гIорда, рохьалда, гьениб балеб бугеб станциялда хурхарал киналго суалал тIуразелъун гIуцIун буго гьеб росдал жамгIияб шура.

МухIарамкент мухъалъул Самур росдал жамагIаталъ гьеб росдада аскIосан чвахулеб Самур гIорда лъимкьабулеб станция баялде дандечIей гьабиялъе жидерго росдал хасаб жамгIияб шура гIуцIун буго.

Гьеб дандечIей байбихьана 20I3 соналъул апрель моцIалъ Самур гIортIа Дагъистаналъул бетIерасул программаялда рекъон лъимкьабулеб станция базе лъугьаралдаса нахъе.

ГIадамаз абулеб буго гьеб станция баялъ БагIараб тIохьоде босараб, Россиялда цо гурони гьечIеб Самуралъул субтропикияб рохь бакъвазе бугин, гьеб бакъван хадуб гIадамазе магIишатияб рахъалъги, экологиялъеги кIудияб зарал ккезе бугилан.

Станция базе теларин абул Самуралъулаз чанго митинг тIобитIана, республикаялъул бетIерасухъеги чанги хъвадарана, амм гьеб киналъулго хIасил кколеб гьечIин, гьеб ккезегIан къеркьезе ругила жал жидер букIинеселъе гIолойин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Самур росулъа жамагIатчи Бейбутов МухIамадхIанипаца.

МухIамадхIанипа Бейбутов: «Гьал къояз нижеца тIолго росдалго данделъи ахIун букIана, гьениб хIукму гьабуна лъимкьабулеб станция баялъул суалал тIураялъе хасаб жамгIияб шура гIуцIизе.

Гьенире росун руго нижеца цохIо нижер росдал гIадамал гурелги, аскIоса-гIебеде ругел цойгидал росдал вакилзабиги, экологалги, гIалимзабиги.

ЧанцIул хIакимзабазда гьеб станция банани рохь бахъвазе бугин абун гIалимзабаз кьурал документал рихьаниги, экологаз ахIи баниги гьез жидерабго бицунеб букIана.

Станциялъул щибго къварилъи букIине гьечIин, гьеб балаго хвезабунщинаб гIарацги гьоркьоб ине толарин киданигийилан рукIунаан гьел.

Гьанже нижеца Москваялдаса гIалимзабиги, экологалги, журналисталги рачIинарун рукIана январалъул ахиралда.

Гьезги нижее кумек гьабилин лъазабуна. Гьел гIалимзабаз кьурал баяналги кьочIое росун лъимкьабулеб станция базе гьукъейилан тIалаб гьабун кагътал хъвана Россиялъул Генералияб прокуратураялдеги, Россиялъул президентасухъеги. Жеги гьезул цонигияз жаваб бачIинчIо».

Самуралъулаз бахъинабураб ахIи-хIур Дагъистаналъул тIалъиялдаги дагь-дагьккун рагIизе лъугьун буго.

Цебехун гьеб лъел суалалъул бицине берцинго жамагIатгун кIалъазе цониги хIакимчи вачIинчIин абизе бегьула, гьанжейин абуни 24 январалъ букIараб Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул данделъиялда Самуралъул лъел суалал тIуразелъун хасаб къокъа гIуцIизе бугин лъазабуна Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер ИсхIакъов Сейфулаца.

Гьесул рагIабазда рекъон гьеб къокъаялда гьоркьоре ине руго депутатал, Самур росдал гIадамал, ва Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул вакилзаби.

Лезгиязул Федералияб маданиябгун миллияб автономиялъул гIахьалчи, журналист Гереев Русланил пикруялда рекъон, россиялъул журналистаз, жамгIиял хIаракатчагIаз, москваялдаса рачун рачIарал гIалимзабги Самуралъул суал борхизегIан Дагъистаналъул тIалъиялъ гьелъухъ букIине кколеб хIалалда гIинтIамун гьечIо.

Руслан Гереев: «Москваялдаса гьанибе тIубараб делегацияб ахIун букIана нижер автономиялъ Самуралъул суалалда хурхун. Гьеб делегацияда гъорлъ рукIана Россиялъул гидрологазул шураялде гьоркьоре унел гIалимзаби-гидрологал Голубев ва Ладыгин, Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул эксперт Богомолов, Россиялъул жамгIияб палатаялъул вакил Сергей Симак, журналист ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченко.

Гьел дандчIвана МухIарамкент мухъалъул гIадамалгун, гьеб мухъалъул нухмалъигун. Гьениб гIалимзабаз абуна Самур гIортIа лъимкьабулеб станция банани, рохьги бакъвазе бугила, гIадамазе гьекъолеб лъимги дагьлъизе бугилан.

Гьеб станция балеб бакIалде щун хадуб гIалимзабазул цIакъ рахIат хвезабун гьенир хIалтIаби гьарулел ругеб куц бихьараб мехалда.

Гьез абухъе букIине кколеб хIалалда цониги хIалтIи гьабулеб гьечIо гьениб. Гьеб кинабгоги кьочIое босун гIалимзабаз гьеб Самуралъул рохь Дагъистаналъухъа нахъеги босун федералияб балансалда лъейин абун кагъат хъван буго гьез Россиялъул президентасухъе».

Самуралъулазул рагIабазда рекъон гьезие ургъел гьечIо гьеб рохь лъил балансалда букIаниги. Гьез абулеб буго рохь цIуниялъе квербакъи гьабиялъе гьеб федералияб балансалда лъезеги разиял ругин жалилан.

«Нижеда рагIана гьел тадбиразул хIакъалъулъ. Дагъистан унеб буго хасал тадбирал гьарулеб 14 регионалда гъорлъе.

Нижер сайталда гьелъул хIакъалъулъ хъван буго цебего. Министерлъиялъулъ хIалтIухъабаз бакI-бакIазде данделъабазде ун бичIчIизабула киназдаго цIиял тIалабазда рекъон хIалтIизе кколин.
XS
SM
MD
LG