МагъчIваялъе рес

М. ГIалиев: «Самуралда нилъ къезаруна»


МухIу ГIалиев, MaхIачхъала, 4Aвг2015
МухIу ГIалиев, MaхIачхъала, 4Aвг2015

Пачалихъ цебетIезе ккани, гьеб чара гьечIого федеративнияб букIине кколин абулеб буго МухIу ГIалиевас. Жакъа къоялдайин абуни, жиндир пикруялда, гьеб гьединаб гьечIила. Гьелъул магIна кколила церетIезе федералияб централъ киналго регионазе эркенлъи кьей.

ГьабсагIаталда Москваялда гIодорги рукIун гьезие нухмалъи гьабун бажаруларила. Щайин абуни щибаб регионалъул бугила жиндирго хаслъи, экономикиябгун социалияб рахъалъ цебетIейги бугила гьезул батIи-батIияб.

Гьединаб кIалъай ккана гьал къоязда МахIачхъалаялда экс-президентас нухмалъиялдаса нахъе индал хъвараб лъабго тIехьалъул презентация тIобитIулелъул.

МухIу ГIалиевас бицана республикаялъул идарабазулги федералиял идарабазулги рагIи дандеккунгутIиялъ гIемер квалквалал ккеялъул. Экстремисталгун ва олигархалгун рагъарал гIечIого, рагъизе кколаанила Россиялъул президентасул администрациягунги федералиял идарабигунги. ХIалтIи дандбалароанила, нуж мекъи ругинги абун, республикаялда вугев нухмалъулес абуралда тIасан кIанцIун, жидеего бокьухъе гьабулаанила доз цо-цо жал.

Амма гьесул рагIабазда рекъон, бищунго кIудияб захIмалъи букIана тухумчилъиялда хурхун.

МухIу ГIалиев: «Республикаялда буго анкьго-микьго батIияб клан. Дун лъугьинаро гьел цIар-цIарккун рехсезе, гьел нужедагоги лъикI лъала. Гьеб ккола Дагъистан цебетIеялъе бугеб бищун кIудияб квал-квал. Кин гьелгун гьоркьорлъаби гIуцIилел рукIарал? Гьел киназдаго данде хвалчад вахъани, кьезе жо букIинчIо. Цоял кланазде мугъчIвайги гьабун, цогидалгун вагъизе лъугьани, дирго хIалтIул къимат хвезехъин букIана. Гьел киназдего кверги хьвагIун, дирго хасаб клан гIуцIизе лъугьани, гьелъги кьезе жо букIинчIо. Гьединлъидал дица тIаса бищана гьадинаб позиция: тIоцебесеб иргаялда, киналго кланаздаса рикIкIад чIей. КIиабизе бугони, тIалъиялде рищулел чагIазда гьоркьове цониги кланалъул, тухум-кьибилалъул чи виччангутIизе. Лъабабилеб, пачалихъияб хъулухъалде лъугьунев чи конкурсалда рекъон тIасавищи. ТIалъиялда хIалтIизе бокьарал гIолохъанаб ригьалъул гIадамал унел руго республикаялдаса къватIире. Дица абулеб гьечIо цогидал регионазда иш лъикI бугилан, амма гьез балагьулеб дагьабниги парахалъи бугеб бакI».

МухIу ГIалиевас гьанже ахиралда хъварал тIахьазул цояб буго Самур гIуруда хурхараб. Чанго соналъ цебе Бакуялда рукIарал кIалъа-басаязда гьес загьир гьабун букIана Самуралъул лъим Дагъистаналъеги Азербайжаналъеги бащад бикьизе кколилан. ТIадежоялъе гьеб гIурул 70 процент чвахулеб буго Дагъистан къотIун. Амма гьелъул гIемерисеб къадар Азербайжаналъ унеб буго. Дол кIалъа-басаяздаги Азербайжаналъ инкар гьабуна лъим бащад бикьизе.

МухIу ГIалиев: «БакътIерхьул рахъалъулгун, Америкаялъулгун, Европаялъулгун ва Турциялъулгун Азербайжаналъ гьабулеб бугеб политикаялъухъ балагье нуж. Цониги суалалъе къуркьулел гьечIо гурищ гьел. Гьез цIунула цохIо жидерго ихтиярал, битIун гьабулебги буго. Амма нилъгун, мадугьалзабигун, гьез гьединаб инжитлъи хIалтIизабизе бегьулароан. Жакъа руго пачалихъал бичун лъим босулелги. ЦIатари гьечIого, ток гьечIого бажарула гIумру гьабун, нилъер умумуз бетIербахъи гьедин гьабулаан, амма лъим гьечIого чиясухъа гIумру гьабун бажаруларо. Лъимин абуни соналдаса соналде дагьлъулеб буго ракьалда тIад. Жакъа нилъее бокьанигицин нилъеда гьеб (Самуралъул) лъим нилъеего босизе кIвезе гьечIо, щайгурелъул Россиялъул хIукуматалъ 20 соналъ тана гьеб суал тIубачIого. Амма дир рес букIинчIо 2006 соналъ гьеб суал цIигьабичIо, щайгурелъул квешго бакъ бан букIана, тIубанго лъимги гьечIого хутIун рукIана. Мун Москваялде кIалъалев вугебгIан мехалъ, цониги иман-яхI бугев чияс духъ гIинтIамизегIан кинабго кIалъа-гъоркье буссун ине букIана. Гьединлъидал гьеб суал цIакъ кIвар бугеб суал ккола, амма ритIухъаб куцалъ тIубачIоха гьеб. Пачалихъияб Думаялдецин гьеб суал къасимехалъ босун бугоан гьоркьоб лъезе, депутатазда гьелъул лъалеб жоцин букIун гьечIо. ХIасил-калам, Самуралъул суал тIубана нилъ киналго къураб куцалда. Экологаца ахIи бахъинабулеб бугеб Самуралъул заповедникалъулни бицинчIого телин».

МухIу ГIалиев президентасул хъулухъалдаса нахъе ин халкъалъ бухьинабула Самур гIоралда тIасан Россиялъул тIалъиялъулгун гьесул рагIи дандеккечIолъиялда. Киназдаго кIалдиб бугеб хабар гьадинаб буго: цIакъго-цIакъ Азербайжаналъул мурадалги цIунун кIалъалев вукIарав РФялъул къватIисел ишазул министр Лавровасда МухIу ГIалиевас абун бугила жиндани мун Россиялъул министрилан ккун букIанин, мунин абуни Азербайжаналъул министр вукIун вугилан.

Амма живго экс-президентас тIахьазул презентациялда гьеб пикру я ритIухъ гьабичIо, мекъаб бугиланги абичIо.

XS
SM
MD
LG