МагъчIваялъе рес

Туснахъалдаса азарханаялде С. Амиров вахъизе инкар гьабуна диваналъ


­­

АрбагI къоялъ Ростовалъул диваналъ МахIачхъалаялъул вукIарав мэр Амиров СагIид туснахъалъуса азарханаялде вачейилан гьесул адвокатас кьураб гIарз нахъчIвана. Адвокатас лъазабулеб букIана гьев унтарав чи вугила, гьесие къваригIунел хасал шартIал чIезарун гьечIила туснахъалдайилан.

Диваналъ лъазабун буго гьесие санаториялда гIадал шартIал чIезарун ругилан. Гьебго данделъиялда гIурус мацI лъаларин чIарав н Амировасул вацасул вас Жапаров Юсупие гьениб лъугьа-бахъунеб цIедехIдерил мацIалде буссинабизе кколищ кколарищали абураб суалалда тIасанкIалъаялги гьарун руго.

9 марталда Ростовалъул рагъулаб диваналда иргадулаб нухалда МахIачхъалаялъул экс-мэр Амиров СагIидил ишалда хурхун данделъи тIобитIана. Гъоркьисала августалда гIумруялъго туснахъ гьавизе диваналъ хIукму къотIарав гьев Амировасул адвокатаз тIалаб гьабулеб букIана гьев унтарав, сакъатав чи хIисабалда туснахъалъуса азарханаялде вачейилан. Гьединго гьез лъазабулеб буго Амировасе цIакъго кьварараб тамихI гьабун бугила, гьесда хурхун диваналъ къотIараб хIукму хисизабейилан. Амма диваналъ гьеб кIиябго гIарз нахъчIван.

Амировасда цадахъ диваналда эхетун рукIарал анкьгоязул адвокатазул щивасги диваналъ гьеизе къотIараб хIукму цIакъго кьварараб бугин, гьеб хисизабейилан тIалаб гьабун гIарзалги кьун руго диваналде.

Гьезулги халгьаби байбихьун буго арбагI къоялъ букIараб диваналъул данделъиялда. Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе Амировасдеги хутIараздеги гIайиб гIунтIизабулеб букIана цин Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулевлъун вукIарав, гьанже федералияб цIех-рехалда вугев МуртазагIалиев Сагид чIвазе хIадурлъи гьабулеб букIанин абун, цинги Каспийскалдаса Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан ХIажибегов Арсен чIванилан. Гьединго республикаялда цогидал терактал гьариялда хурхарал гIайибалги рукIана гьезтIе гIунтIизарулел.

Гьезда гьоркьов вугев Амировасул вацасул вас Жапаров Юсупие 18 сон кьуна. Гьев вукIана Каспийскалъул мэрхисулевлъун хIалтIилев. АхIмадов МухIамад 22 соналъ, гьесул кIиявго вац анцIго соналъ жанир тIамизе хIукму къотIун букIана диваналъ. Гьездаго цадахъ рукIарал ГIалиевасе 12, Мутаевасе 11 ва Къадиевасе I3 сон туснахъалъул кьун букIана. ЦIех-рехалъул баяназда рекъон гьел чагIи цере МахIачхъалаялъул администрациялда хIалтIулел рукIун руго.

Я Амиров я цойгидал жидеде гIунтIизабураб гIайибалъе мукIурлъичIо, жал пачалихъалъе ва халкъалъе лъикIлъиялъе хIалтIилел рукIанила кидаго терроризмалдехун ва кинаб букIаниги такъсирчилъиялде гIагарлъарал чагIицин гурин жалилан лъазабунин гьез иргадулаб нухалда 9 марталда букIараб данделъиялдайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда адвокат ХIамидов Ринатица. Гьединго адвокатас бицана диванчияс Амиров туснахъалдаса азарханаялде вачейилан тIалаб гьабун хъвараб гIарзалъухъ гIинцин тIамичIилан.

ХIамидов Ринат: «ГIамиров жанив тIамун вугев туснахъалда санаториялда гIадал шартIал ругин лъазабуна прокурорас ва гьеб туснахъалъул вакилас. Гьединал шартIал чIезарун рукIиналъухъ баркала кьезе кколила гьес жидеейилан вукIана гьев гаргалев.

Живго жинцаго тIуван бажаруларев чиги вугелъул, чакаралъул унтиги буго гьесул, гьелде тIадеги ургьисалабиги, ракIги дагьабги унтун буго. Гьединлъидал азарханаялде вачейин гьевилан абулеб букIана адвокатаз. Инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъазда гьоркьосеб Европаялъул диваналъги гьев Амиров туснахъалъуса азарханаялде вачине кколин абураб хIукму къотIун букIана. Гьелъухъги балагьичIого, адвокатаз гьеб гIарз цIалулеб мехалда гьелъухъ гIингицин тIамичIого диванчияс гьеб нахъчIвана.

Гьединго диванчияс Жапаров Юсупие диваналда лъугьа-бахъуне бугеб ва документал дарги мацIалде буссинабулев чи хисейилан гьесул адвокатас кьураб гIарзги нахъчIвана. Жапаровас цин диваналда лъазабун букIана жиндида гIурус мацI лъаларила, кинабго дарги мацIалде буссинабейилан.

Гьеб буссинабун хадуб гьеб цIедехIдерил лугъаталда бугила, жиндида гIахъущиязул гурони бичIчIуларилан. Гьеб ишалъулъ мухIканлъи чIезабизе Россиялъул гIелмияб академияладаса дарги мацIалда тIад хIалтIулев профессор ахIун вачIун вукIана гьениве. Гьес лъазабуна литературияб дарги мацI лъалев чиясда гьеб цIедехIдерил лугъатги бичIчIулилан».

Жапаровас ургъунго гьеб иш халат бахъинабиялъе рицунел харбал ругила гьеб жиндида гIуруц мацI лъаларин гьединго гIахъущиязул лъугъат гурони бичIчIуларин аби гьеб тIадрелъилеб гIадаб жо бугин рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьелда тIадеги гIурус мацIго лъаларев чи гьев Каспийскалъул вице-мэрлъун кIиго сонгIан мехалъ кинилаха вукIарав, хасго къануналда рекъон пачалихъияб хъулухъалде лъугьунев чиясда тIад гьабун бугила Россиялъул пачалихъияб мацI лъазейилан абулеб буго гьез.

«Эркенлъи» радиоялъул гьаб иргадулаб эфир байбихьилалде гьеб цебехун бицен гьабураб диваналъул данделъи жеги лъугIун букIинчIо.

XS
SM
MD
LG