МагъчIваялъе рес

Радикалиял бербалагьиялъул гIадамал ракълилаб гIумруялде руссинариялъул хIалтIи - II


МахIачхъалаялда чанго моцI буго централияб округалъул маслихIаталъулгун ракъел гьабиялъул центр хIалтIулеб бугелдаса.

ХIалтIи байбихьаралдаса чанго гIарза щванин жидехъе ракълилаб гIумруялде руссине бокьарал гIадамазулин абулеб буго МаслихIаталъулгун рекъел гьабиялъул централъул нухмалъулес.

Адвокатазул ва салафиязул цояз загьир гьабулеб буго пикру хIукуматалъе ракълилаб гIумруяде изну гьечIого яргъидгIуцIарал ахIи хIажатаб гьечIин абураб. Адвокат Исрафил Гададовасул рагIабазда рекъон, хасал хъулухъазе хIажат буго республикаялда хIалуцараб ахIвал-хIал букIин.

МаслихIаталъулгун рекъел гьабиялъул центр МахIачхъалаялда хIалтIизе байбихьун буго араб соналъул октябрь моцIалда. Гьеб заманалда жаниб жидехъе анцIгоялдаса циIкIун низам цIунулезул сияхIаздаса рахъизе бокьаразул ва кIиго ракълилаб гIумруялде руссине бокьарал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIарзаби рачIанин абулеб буго централъул нухмалъулев МухIамад ГIабдурашидовас. Жидеца гIадамал рахъуларин низам цIунулезул сияхIаздаса, жидеца гьелъие квербакъи гьабун, хIажатал документал ракIаризе кумак гьабулин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамад ГIабдурашидов: «12 чи вуго нижехъе гIарза бачIарал, гьезда гъорлъан кIиго чи вуго ракълилаб гIумруялде руссине бокьарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал. Амма нижеца гIадамал ракълилаб гIумруялде руссиналъе хIукму къотIуларо, нижеца квербакъи гьабула гьеб тIалаб гьабиялъе. ХIукуматалъ рес кьолеб буго жакъа гьелъие. Гьезул хал гьабун, тIадал идарабаз, комиссиялъ къотIула хIукму ва Жанисел ишазул идараялда гьел сияхIасздаса рахъула».

Низам цIунулезул профилактикаялъулалин абулел сияхIазда ругел гIадамазе гIемер лазатбахъиял рукIунин, гьенире ккезеги тараб мегеж бугони ва салафиязулин рикIкIунел мажгиталда как базе унев вугони гIолин бицана гьеб сияхIада вугев Аскандаров Къурбаница. Масала цо бакIалдаса цогидаб бакIалде сапаралъ унев вугони, Жанисел ишазул бутIаялда чанго сагIат базе кколила сияхIалда вугес, кинабго мухIкан гьабизегIан хIалтIухъабаз.

Къурбан Аскандаров: «Гьеб централде кьезе ккола справкаби ва характеристикаял, цинги гьез гьел комиссиялде кьола хал гьабизе. Комиссиялъ, дида бичIчIухъе, лъабго тIелалде рикьулел руго гьел гIарзаби: дагьалго салафияздехун руссарал, гьоркьохъеб куцалда руссарал ва тIуран салафиязул рахъалде арал. Цинги гьеб лъабго тIелалда гъорлъа цоялда ругел гурого гьез рахъуларо сияхIадаса. Гьел сияхIазда лъеялъ гIаксияб хIасил кьола, гIадамазул хIукуматалда ва низам цIунулезда ццим цIикIкIуна ва профилактика гуреб, ахIвал-хIал квешаб рахъалде хиси ккола. Дида бихьухъе, жакъа хIажат буго гIолилазда бихьизабизе, дин гьабизе ракълилаб куцалда, гIицIго ярагъ ккун гуребги, бегьулеблъи. Ракълилаб хIалалда, динги хIалтIиги,цогидабги цадахъ гьабизе. ХIакъикъаталдаги, ракълилаб гIумруялде рачине бокьун букIин бихьуларо дида, сверухъ балагьидал. Масала, тамихIалде цIан, вугев чи ине ккола моцIида жаниб цо нухалда хъвай-хъвагIай гьабизе, сияхIалда ругел абуни, щибаб нухалда чIезе гьарун, чанго сагIтаз ккола жанисел ишазул бутIаязда. Щай бегьулареб, гьединго цо нухалда хъвай-хъвагIай гьабун тIубазабезе, щибаб нухалда гьабичIогон. Лъиего кIвар гьечIо гьелъул».

Къурбаница баян гьабуна профилактикаялъул сияхIазда гIадамал лъолин 2060 соналде щун. Гьеб заманалде щвезегIан чияс жиндирго бербалагьиял во цогидаб хисизе рес бугин абураб жо хIисабалде босулеб гьечIила низам цIунулез.

Хасал сияхIаздаса гIадамал рахъиялъул хIужаби ругин жакъа къоялде, амма гьезул гIемерисел гьелго сияхIазде нахъеги росулин низам цIунулез, гьелъ маслихIаталъулгун рекъел гьабиялъул централъул хIалтIул хIасилал ругин абизе захIмалъулин баян гьабуна адвокат Исрафил Гададовас. Гьелда тIадеги, гIемерисеб мехалда сияхIалсада рахъиялъул хIукму диваналдаса тIалаб гьабизе кколила.

Исрафил Гададов: «Руго гьел сияхIалдаса рахъиялъул хIужаби. Гьелиъе килщазул лъалкIал рахъизе ккола, мадугьалдабазул рахъалъ мун кинав чи вугевали бицунеб хъвай-хъвагIай ва гьединго имамасул, яги РухIияб идараялдаса мун радикалиял чвахиязул рахъ кколев чи гьечIилан кагъат босизе ккола. Гьел киналго документал мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде кьола. ГIемерисеб мехалда гьез инкар гьабула сияхIалдаса рахъизе, цинги диваналдаса тIалаб гьабула. Амма, сияхIалде цоцIул восарав чи нахъеги восула, гьеб буго мугьру. Нухдаса унаго, дур мегеж бугонани мун вачуна Жанисел ишазул бутIалде ва цIидасан хъвай-хъвагIай гьабула. Гьеб буго хIасил гьечIеб жо. ХIукуматалъе хIажат гьечIо жакъа гьеб ахIвал-хIал хисизабизеги. Гьеб центрги, дида ккола, гIемер мехалъ хIалтIизе теларин, щай гурелъул бугеб хIал республикаялда цIуни хIажатал гIадамал руго».

МахIачхъалаялда гурелги, МаслихIаталъулгун рекъел гьабиялъул централ хIалтIулел руго Дербент ва Хасавюрт шагьараздаги.

XS
SM
MD
LG