МагъчIваялъе рес

Ракълилаб гIумруялде хьулгун туснахъалъувейищ?


Гьал къоязда Каспийскалдаса изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе вукIарав 27 сон барав гIолохъанчи тIасалъугьинги гьарун полициялде вачIана. Гьесие кумек гьабуна адвокат Сапият МухIамадовалъ. Гьанже гьей хIинкъун йиго, гьев гIолохъанчиясда хурхун рагьараб цIех-рех низам цIунулез къануналги хвезарун бачиналдаса.

МухIамадовалъ бицаралда рекъон, 8 сентябрялда гьелъул телефоналде ахIана Каспийскалда гIумру гьабулей гIаданалъ. Гьелъ абуна жиндир вас рохьилазда гьоркьов вукIанилан ва гьесие ракълилаб гIумруялде тIадвусине бокьун бугилан. Гьей гIаданалъ гьарун буго адвокатида жиндир васасе кумек гьабеян.

Гьебго къоялда МухIамадова кIалъан йиго Хасавюрталда бугеб Адаптациялъул комиссиялде. Гьеб идараялъул вакилас абун буго гьелда дов гIолохъанчи вачеян Хасавюрталда, амма адвокат хIинкъана Каспийскалдаса гьевги вачун ячIине. «Нухда бокьараб ккезе бегьула», - ян бичIизабуна МухIамадовалъ.

9 сентябралда МухIамадова Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда ана ва гьениб бицана рохьилазда гъорлъ вукIарасе ракълилаб гIумруялде тIадвуссине бокьун бугин. Уголовияб цIехеялъул идараялъул нухмалъулев Сулейман Сулеймановгун МухIамадова гьебго къоялда Каспийскалде ана. Шагьаралда гьезда аскIове вачIана рохьилавлъун вукIарав. Гьесул цIар бицунеб гьечIо адвокаталъги низам цIунулезги, щайгурелъул гьесул гIумруе хIинкъи букIине бегьула.

Министерлъиялда гIолохъанчияс гIарза хъван буго гьабуралдаса жив рекIекълъанин, мекъи кканилан. Гьесулгун гьикъа-бакъиги гьабун буго полициялъулаз.

Гьеб къоялде Жанисел ишазул министерлъиялде вачIун вуго Федералияб хасаб хъулухъалъул хIалтIухъан. Гьес абуна жиндир цIар ГIумар бугин ва бицана рохьилавлъун вукIарасда хурхун таксъир гьабиялъул иш рагьун букIанилан, лъазабуна МухIамадовалъ.

Нахъисеб къоялда, 10 сентябралда, МухIамадовалъда лъан буго дов гIолохъанчи Федералияб хасаб хъулухъалде вачун ун вукIин. Гьение арай гьелда бицун буго рохьилавлъун вукIарасда хурхун 3 сентябраялда Уголовияб кодексалъул 208 статьялъул 2-леб бутIаялдалъун рагьун букIин таксъир гьабиялъул иш. «Изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе вукIин» - гьеб къануналда рагьараб такъсир гьабиялъул иш къазе бегьула тIасалъунги гьарун рохьилав полициялде вачIани, гьесда тIад биги батичIони. ТIадежоялъе, дов гIолохъанчи хасал хъулухъаз 7 сентябрялда цIехеялда ай розыскалда лъун вуго.

МухIамадовалъ рикIунеб буго гьел документал хасал хъулухъалъул хIалтIухъабаз гIолохъанчи тIасалъугьинги гьарун вачIун хадув хъварал ругин. Амма, кин букIаниги, къануназда рекъон, рохьилавлъун вукIарав къватIиве вичазе кколин гьал къояздаилан рикIкIунеб буго МухIамадовалъ. Федералияб хасаб хъулухъалъул цIех-рехчиясни абун буго гьелда кIиго моцIидасан гурони нахъе вичазе гьечIин рохьилазда гъорлъ вукIарав. Гьесие хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз гIакъубаби кьеялдаса хIинкъун йиго МухIамадова.

Адвокаталъ абуна дов гIолохъанчиясдаса мисалги босун цогидал рохьилалги рачIине бегьулин тIасалъугьинги гьарун. «Амма хасал хъулухъазул рукIа-рахъиналда балагьун абизе бегьула адаптациялъе гьез нух къалеб бугин», - ян рикIкIунеб буго МухIамадовалъ.

Сапият МухIамадова: «Гьесдаса мисалги босун цогидал рохьилалги кверде рачIине бегьула, ракълилаб гIумруялде тIадруссиналъе гIоло. ГIолохъанчиясда бичIана жиндихъа гъалатI ккун букIин, гьев рекIекълъана гьабуралдаса, ракълилаб гIумруялде тIадвусине бокьун буго гьесие. ЦIех-рех чагIаз кьурал киналго суалазе жавабалги кьолел руго гьес. Гьевгун министерлъиялда дун ячIараб къоялда, цIех-рехчияс гьикъа-бакъи гьабун хадуб, гьев васас абуна дида – «Сапият, мун нахъе индал, низам цIунулез дие гIакъубаби кьезе ратила», - ян. Дица гьев гIодов вичазавуна, килищцин гьесда хъвани, низам цIунулел диваналде кьезе ругиланги абуна. Гьев хIинкъун вуго гьабсагIаталда. Гьесие киназго кумек гьабизе ккола хехгьабун гьев ракълилаб гIумруялде лъугьинавине. Амма хасал хъулухъазеги къуваталъулазеги гьеб бокьун гьечIилан кколеб буго дида. Дида кколеб буго гьез квекIенал гьарулел ругин адаптациялъулаб курсалъе».

Федералияб хасаб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул пресс-хъулухъалда абуна «Эркенлъи» радиоялъе, кIиго моцIидаса гурони нахъе вичазе гьечIилан рохьилавлъун вукIарав.

«Гьес бицарабщиналъулги, гIарзаялъулги хал-шал гьабизе ккола. КIиго-лъабго къойида жаниб гьебги гьабуларо», - ян бичIизабуна пресс-хъулухъалъул вакилас.

Гьесул рагIабазада рекъон, тIасалъугьинги гьарун вачIарав изну гьечIого яргъид гIуцIаразул «Каспийскалъулаб» абулеб къокъаялде гъорлъе вукIун вуго. «Гьезие гьес квен гьабулеб букIун буго. ЦIех-рехчагIазул жеги чанги суалал руго рохьилавлъун вукIарасе кьезе кколел», - илан тIаде жубана пресс-хъулухъалъул вакилас.

XS
SM
MD
LG