МагъчIваялъе рес

"Рохьилазда" гъорлъа нахъе аралги адаптациялъул комиссияги


Дагъистан--Адаптациялъул комиссиялъул данделъи
Дагъистан--Адаптациялъул комиссиялъул данделъи

Дагъистаналда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рук1аразе ракълилаб гIумруялде тIадруссине кумек гьабулеб Комиссиялде вачIарав Амиров Тамерланида хурхун рагьун буго Такъсир гьабиялда сверун ай Уголовияб кодексалъул ункъо бутIаялда рекъон иш. Гьев васасул г1умурги хвезабун жидерго карьера г1уц1изе бокьун бугин низам ц1унулезейин рик1к1унеб буго Амировасул адвокатас.

Тамерланил адвокат Къадиев Расулица бицаралда рекъон, Комиссиялде Амиров вачIана ичIго моцIалъ цеве. Низам цIунулезул баяназда рекъон, 18 сон барав Тамерлан изну гьечIого яргъидгIуцIараб къукъаялде гъорлъе унелгун гъоркьиса щуабилеб июлалда кьвагьдана Мамедкалаялда бугеб полициялъул идараялде. Гьеб лъугьа-бахъиналда щивго лъукъичIо, идарадул минаялъе ккана зарал.

Амиров «рохьилазда» гъорлъ вукIаго, гьесул эбел ячIана Комиссиялде жиндир вас «рохьилазда» гъорлъа нахъе цIазе кумек гьарун. Гъоркьиса 11 ноябралда Тамирлан живго вачIана полициялъулазул кодове. Инсанасул ихтиярал цIунулев Къадиев Расулица лъазабухъе, Комиссиялде Тамерланица гIарза хъван хадуб, гьесул эбелалъул гьариги къабул гьабун, гьев васасул адвокатлъун лъугьун вуго гьев.

Къадиевас хъвалеб буго ахирисеб ккарабщинабги хIисабалде босун абизе бегьулин рекIекълъарав такъсирчилъун вукIарав васасдаса нечезе кколин низам цIунулелин. ХIакимзабазги низам цIунулезги гьев гIолилав кIицIул гукканин абулеб буго Къадиевас.

Комиссиялде вачIарав мехалъ Тамерлание бокьун букIун гьечIо гьесул хIакъалъул информация тIибитIизабизе. Гьесухъе рачIун руго журналистал. Гьумерги бихьизабиларин, гьаракьги хисизабилин абун, гьесухъа баянал росун руго РЕН ТВ каналалъул хIалтIухъабаз.

Амма репортаж кьолаго щибго хисизабичIого вихьизавун вуго Тамерлан. Комиссиялъул нухмалъулев, пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановасги абун буго Тамерланица гьикъа-бакъиязда кинабго бицунеб бугилан, цIех-рехчагIаца гьесие лъикIаб къимат кьолеб бугин.

Такъсир гьабиялда сверун кодексалъул 208 бутIаялда буго: «изну гьечIого яргъидгIуцIараб къукъаялдаса живго нахъе вачIарав такъсир гьабиялъул жавабчилъиялдаса эркен гьавулин, гьесул цогидал такъсирал ратичIони». Тамерланида хурхун гьеб къанун хIалтIизабизе кколеб букIанин рикIкIунеб буго адвокатас.

Амма гьеб къанунги гIадахъ босичIого, низам цIунелез Тамерланида хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьана уголовияб кодексалъул ункъого бут1аялда рекъон. Гьелги: «изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гъорлъ вукIин», «рагъулаб къукъаялда гъорлъ вукIаго такъсиразда гIахьаллъи», «низам цIунулел идарабазул хIалтIухъан чIвазе хIалбихьи», «къануналда рекъечIого ярагъ боси ва цIуни» абурал.

Къадиевасул рагIабазда рекъон, цIех-рехчагIаз рихьизарурал документазда гъорлъ Тамерланица гъулбас лъун буго адвокатцин ахIичIого. ЦIех-рехчияс абун буго Тамерланида жинца адвокатасухъе телефоналдасан чанги нухалъ ахIанин, амма гьес жаваб кьечIин. Къадиевас рикIкIунеб буго, васасул гIумруги хвезабун цIех-рехчагIазе бокьун бугин жидерго карьера цебетIезабизейин.

Авдокатасул рагIабазда рекъон, изну гьечIого яргъидгIуцIаразе ракълилаб гIумруялде тIадруссине кумек гьабулеб Комиссиялъул нухмалъулев Къурбанов Ризваница журналистазе кьураб интервьюялда чанги абулеб букIана Тамерланида тIад би гьечIин, гьес низам цIунулезе кумек гьабунин кIиго мархьи тIатинабизе, гьелдалъун терроралъулал цIиял такъсирал гьариялдаса хвасар гьарунин гIадамалин.

Амиров Тамерланил гIарзаялъул Комиссиялъ 2011 соналъул анкьабилеб декабралда хал гьабуна. Рохьилазде гъорлъе кин ккаравилан гьесда гьикъидал, Тамирланица интернедталда жигьадалъул цIалулеб букIанин абун гуреб мухIканаб жаваб кьун гьечIо.

Комиссиялъул вакил Новрузова Севилица Эркенлъи Радиоялъе абуна Тамерланида хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул ургъел гьабичIониги бегьулин.

Новрузова Севиль: «Цогидазда хурхунги гьединал ишал руго. Ахирисеб хIукму диваналъ къотIиларищха. Низам цIунулезул гьединаб хIалтIуда дунги разияй гьечIо. Комиссиялде гIарза хъвараз жидеда гIунтIизе биччалеб гьечIогури «бандитизм» абураб гIайиб. Гьеб буго аслияб жо. Тамирланида хурхун рагьараб ишги диваналде щун гьечIогури. Диваналъ къотIила хIукму».

«Терроралдаги экстремизмалдаги данде къеркьей ккола пачалихъалдехун божилъи цIикIкIинабулеб къеркьей», - илан хъвалеб буго адвокат Къадиев Расулица жиндирго интернет-даптаралда.

«Рохьилазда» гъорлъа нахъе рачIарал гIолилал гьалейиланги абун жидеего реклама гьабичIого, хIакимзабиги низам цIунулелги гьел гIолилалгун хIалтIулел рукIаралани, рохьазде унезул къадарги дагьлъизе букIун батилин рикIкIунеб буго адвокатас.

ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковас абун букIана цодагьалъ цебе бицен гьабулеб Комиссия кколин терроралъул профилактика гьабулеб идараялъунилан ва гьеб Комиссиялъул хIалтIуе жеги цIикIкIун кIвар кьезе кколин.
Амиров ТамирланиегIадаб кIвар кьезе батани, Комиссиялъул хIалтIи гIададасеб букIинин рикIкIунеб буго адвокат Кадиевас.
XS
SM
MD
LG