МагъчIваялъе рес

Щай пачалихъиял идарабаз электроэнергиялъухъ гIарац кьолареб?


Дагъистанияз электроэнергиялъухъ ва газалъухъ кьезе кколеб гIарцул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго. ГIемерисеб мехалъ налъулазда гъорлъ рехсолел руго кIудиял компаниял ва фередарлиялгун регионалиял пачалихъиял идараби.

Кьолеб бугищ гIадамаз гIарцухъ гIарац, щай налъи тIедеялдаса тIаде цIикIкIунеб, кин пачалихъиял идараби гIарац кьечIого рорчIулел? Гьел суалазда хурхун цIех-рех гьабуна нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

Дагъистаналъул энергия бичулеб компаниялъе (ПАО «ДЭСК») гIадамаз кьезе кколеб рагIула 4 млрд гъуруш гIарац. ГIаммаб къагIидаялъ республикаялъул налъи бахуна I4 миллиардалде. Гьединал баянал кьолел руго компаниялъул пресс-хъулухъалда. Гьеб ккола дагъистаниязе ток бичулел идарабазул бищунго кIудияб.

ГIарац тIадбуссинабиялъул мурадалда компаниялъ диваналде кьун буго исана 5I63 гIарза. Амма тIадбуссинабизе кIун буго налъиялъул гIицIго I49 млн гъуруш. Налъулазда гьоркьор руго гIемерал федералиял ва регионалиял пачалихъиял идараби. Гьездаса гIарац тIалаб гьаби бищунго захIматаб иш бугилан лъазабулеб буго ток бичулеб идараялъ.

Мисалалъе, ТамихIал тIуразарулеб федералияб идараялъул налъи буго 10 млн гъуруш, ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ кьезе ккола 2 миллионалдаса цIикIкIун гIарац, республикаялда бугеб рагъулаб бутIаялъ кьезе ккола I млн 900 азарго гъуруш, Жанисел ишазул министерлъиялъул налъи буго I млн I00 азарго гъуруш.

Кин гьедигIанасеб гIарац кьечIого хутIулеб, щай пачалихъиял идарабаз налъи бецIулареб абурал суалазул цIех-рех гьабулеб буго ТIолгороссиялъул жамгIияб фронталъ. Дагъистаналда бугеб регионалияб штабалъул член, журналист ГIабдулхIамидов Аликица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жамгIияб идараялда гьеб суалалда хурхун лъазе кIварал баяназул.

ГIабдулхIамидов Алик: «ГIемерисеб мехалъ бухIараб электроэнергиялъул хал гьабулаго прибораз щиб бихьизабулеб бугебали балагьичIого, гIадамазда тIад налъи хъван толеб буго. Дунго нугI вукIана гьединаб хIужжаялъул. Дир рокъоб бихьизабулеб къадар батIияб буго, дозул доба 4 азарго киловатталъ цIикIкIун бихьизабулеб буго.

Ахир дица ахIи-хIур бахъанубарабго абуна, гьебила Пятигорскиялда бугеб аслияб компаниялъ республикаялда гIаммаб къагIидаялъ бакIарараб налъи киналго абонентазда тIад бикь-бикьун толеб бугин. I00 чиясул I0 чи унев вуго хал гьабизе, битIун хъван бугищали налъи, хутIараз гьеб руцIцIун чIун кьолеб буго.

Цойги гIарац бикъулеб къагIида буго гьадинаб. Бикъараб токги газги хъвала гьелъул транспортировка гьабулаго тIасан анилан. Мисалалъе, ток нухда цо кинаб бугониги къадар тIагIуна. Гьаз хъвалеб буго бикъараб ток нухда тIагIанин, гьенир кварал лъикIал гьечIин. Гьединго газалъулги, абула рогIрал херал, кьватI-кьватIарал рукIун гьенисан къватIибе анин гьеб.

ХIакъикъаталда газ бикъула. Инспекторас кIудиял идарабаз хвезабураб токалъулгун газалъул хал гьабула, гьездаса босараб гIарацги жиндиего тола, кагътида хъвала нухда биланин. Налъи цIикIкIани, хутIараб гIадатиял гIадамазда тIад хъван тола».

ГIадамазул бакIарараб кIудияб налъудаса гьел эркен гьаризеги бегьулеб буго энергетическияб идараялъул хIалтIухъабаз. Жиндир цIар рехсезе бокьичIев гьединав хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе бицана налъи тIаса реххулеб къагIидаялъул.

«Абонентас гIарза хъвазе ккола жиндир налъи гьечIин, жинда тIад налъи ва гьелда хурхун гIакIа мекъи хъван бугин. Дун компаниялъул вакил хIисабалда вачIуна ва тасдикъ гьабула гьеб информация, ва гIакIа мекъи тIад къан бугилан Пятигорскиялда бугеб генералияб компаниялде кагъат битIула. Хадуб бухIараб токалъул хIисаб гьабулеб алатги гIаксалда сверизабун, бухIараб токалъул хIакъалъулъ баянал хисизарула. Инспекторасда гьеб тIатунаро».

Жиндир хIалтIухъ гьев хIалтIухъанас босулеб буго гIадамазул налъиялъул ункъил бутIа гIарцул.

Гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе доб мехалъ вукIарав Шималияб Кавказалда Россиялъул президентасул вакил Хлопонин Александрица абун букIана, 95 процент гIадамаз токалъул ва газалъул гIарац кьолеб бугин ва щай гьел энергетическиял компаниязухъе щолел гьечIелали лъазабизе кколин. Гьанжеги гIарац щолеб гьечIо, налъи цIикIкIунеб бугилан лъазабулеб буго идарабаз. ТIолгороссиялъул жамгIияб фронталъул баяназда рекъон, налъиял цIикIкIиналъе гIилла буго естественниял газалъулгун электроэнергиялъул монополиязда жаниб коррупция цIикIкIараб букIин.

XS
SM
MD
LG