МагъчIваялъе рес

Инсанасул ихтиярал цIуниялъул проблема гьоркьоб лъуна ЖамгIияб палатаялда


Гьал къоязда Дагъистаналъул жамгIияб палатаялда букIараб, туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссилъул, данделъиялъул гIахьалчагIаз лъазабуна республикаялда гражданияб жамгIият цебетIезабиялъе ва инсанасул ихтиярал цIуниялъе бищун кIудияб квалквал къуваталъул идарабаз гьабулеб бугилан. Гьезул гIорхъолъа арал ишаз гьездехун халкъалъул хIинкъиги, рокьукълъиги гурони бижизабулеб гьечIила, гьезул хIалтIуца кьолел лъикIал хIасилалги рихьулел гьечIилан.

Гьеб данделъи рагьулаго цебеххун рехсараб комиссиялъул бетIер Нелли Ражабовалъ лъазабуна ахираб заманалда къуваталъул идарабаз къанунги хвезабун, жидеего бокьа-бокьараб гьабизе лъугьиналъ, жидехъе гIемер гIарзал рачIунел ругила. Бищунго гIемер ЦIияб Хушеталдасан рачIанила гIарзалъ гIадамалилан бицана гьелъ. Гьенир чанго къоялъ цере хасал тадбирал тIоритIулелин абун 15 гIан чи ккун вугила низам цIунулез, амма гьезда аскIоре я адвокатал риччалел гьечIила я гIагарлъигун дандчIвазе толел гьечIила гьелилан. Гьединлъидал республикаялда цIидасан захIматаб ахIвал-хIал лъугьиндал гьел низам цIунулезул хIалтIулги, цIунизе кколелъул гьез хвезарулел гIадамазул ихтияразулги суал борхичIого рес букIинчIила, гьединлъидал ахIанила гьаб данделъийилан бицана Ражабовалъ.

Нелли Раджабова, инсанасул ихтиярал цIунулей
Нелли Раджабова, инсанасул ихтиярал цIунулей

Гьелъул рагIабазда, данделъиялде ахIун рукIун руго Дагъистанаалъул жанисел ишазул, ФСБялъул, прокуратураялъул, УФСИНалъул хIалтIухъаби. Амма гьенир гIахьаллъана цохIо УФСИНалъул вакил ва туснахъазда хадуб халкколев прокуратураялъул хIалтIухъан МухIамадов ГIумарирги.

Ахирисе лъазабуна, жамагIатчагIазги, туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул вакилзабазги кьучIгьечIел баянал тIиритIизариялъ халкъалдаги къуваталъул идарабаздаги гьоркьоб дагьабги цIакъ дандеккунгутIи цIикIкIинабулеб бугилан.

МухIамадов ГIумар: «Туснахъалда тIамуразул ихтиярал хвезаричIого рукIине пачалихъалъ хасаб система гIуцIун буго. Гьеб системаялде гьоркьове дунги уна. Нижеца гьоркьоса къотIичIого халгьабиял тIоритIула туснахъаздаги заманалъ гIадамал жанир тIамурал бакIаздаги. БатIи-батIиял хIужаби рукIуна гьенирги, жанир тIамурал цоцалъ рагъун цояв сакъат гьавун вугониги низам цIунулез вуханилан лъазабула гьез, жанив тIамураб бакIалда гIадлу хвезабун, гIорхъолъа арал ишал гьаризе лъугьарал гIодоре риччазаризе полициялъулаз хасал тадбирал тIоритIани гьебги анцIунух кIодогьабун бицуна. Аслияб къагIидаялъ гьел баянал тIиритIизарулел жидеего цIар гьабулел чагIи руго жамагIатчагIи. Дица абулеб гьечIо жанисел ишазул идара кидаго битIун хIалтIулин абун, амма кидаго гьеб мекъи хIалтIулин абиги мекъи буго. Нилъер щивасда ккола жидер гIагарал бищун лъикIал чагIи ругин, гьез щибниги къанунги хвезабуларин абун. Нилъер чияс гьабураб жоги кидаго берцин бихьула, гьеб мекъаб позиция буго. Къуваталъул идарабаз гIадамалги рикъуларо, гьел ккун ратани, кквеялъе кидаго гIиллаги букIуна».

Данделъиялда юрист ва жамагIатчIужу ГIарапат Къурбановалъ чанго мисал бачана жидеего данде кковухъе гурони къуваталъул идараби хIалтIунгутIиялъул. Гьелъ рехсана Хъорхъмасхъала росдал бегавул Акаев Русланил иш, гьесул яцалъул бетIергьанчи Акаевасе квешезе викъи ва гьесие гIазаб кьей, гьединго МахIачхъалаялдаса Ибрагьимов викъиялъул иш. Гьел ишазул цох1онигиялъул къануналда рекъон цIех-рех гьабулеб гьечIила, низам цIунулез гьарулел гIорхъолъа арал ишазул чанцIул прокуратураялде хъваниги хIасилги ккечIилан бицана ГIарапатица.

ГIарапат Къурбанова: «Ибрагьимов Султанхан МахIачхъалаялъул Гагаринил къотIнов викъана низам цIунулез, гьелъие нугIлъи гьабун бажарулев чанго чиги вуго. Гьев викъулев вук1араб куц къватIахъ рукIарал видеокамерабаздеги бахъун буго. БотIротIа таргьаги ххун гьев викъун унелъул, нухазул полициялъ чIезабун буго гьев рекIараб автомобиль. Жалги полициялъул хIалтIухъаби ругин гьев викъараз абурабго гьеб параялъго риччан руго гьел. Кумек гьабейилан ахIделев вукIарав Ибрагьимовасухъги лъицаниги гIин тIамун гьечIо. Гьеле гьедин щибниги гIурхъи-рахъ гьечIого бокьараб гьабулел руго гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Гьел чагIаз Ибрагьимов полициялъул бутIаялдеги вачун вухун, гIазаб кьун кIиго къоялдасан шагьаралъул рагIалде реххун ватана. Щай гьев викъун вукIаравалиги лъачIо, амма гьеб такъсир гьабурал чагIазул цIаралги лъазаруна нижеца, гьезухъ букIараб автомобилги гьелъул номералги лъала, амма гьел нижер баяназда ва гIарзазда рекъон такъсиргьабиялъул иш лъагIел аниги жеги рагьун гьечIо. Гьев Ибрагьимовги жакъа гьаниве вачIун бажаричIо, рокъоса къватIиве вахъунаро гьев цойги нухалъ викъилевилан хIинкъун. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан прокуратураялде гIаразал хъванин абун гьев Ибрагьимовасе ва гьесул вацасе хIинкъалаби кьолел руго низам цIунулез».

Гьединго данделъиялде рачIун рукIана лъабго соналъ цеве низам цIунулез викъарав МахIачхъалаялдаса ГIумаров Шамилил гIагарлъиги. Гьез бицана жидер васасул хIакъалъулъ кинал рукIаниги баянал щолел гьечIила гьалщинал саназилан. Цин жидеда абунила гьев мекъи ккун цойги чиясул бакIалда ккун вугин, кватIичIого къватIиве виччалилан, хадубги лъазабунила жидеда гьединав чи лъаларин, гьев ккунги вукIинчIилан. Халкъалда цебе берталъ къотIносан автомобилалъул багажникалъувги къазавун ун вукIун вуго гьев низам цIунулез. Жидер авдвокатасухъеги кинал рукIаниги баянал кьечIила Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъилан бицана Шамилил гIагарлъиялъ.

Гьел церехун рехсаразда релълъарал цойги чангго хIужжа рехсана гьеб данделъиялда. Гьездаго гьоркьор рукIана цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицен гьабун йикIарай мадугьал чIваялде щаклъи букIун туснахъ гьаюрай Зайнаб Мергиевалъул гIагаралги. Шизофрениялъ унтарав чанго нухалда туснахъалъув тIамун вукIарав чиясул баяназде мугъчIвайги гьабун туснахъ гьаюн йигин гьей цIикIкIараб ригьалъул чIужу, гьелъие я букIине кколеб медицинаялъул кумек щолеб гьечIин, берцинго хIалтIизе гьелъул адвокатги толев гьечIин бицана гьез.

Ахиралдаги данделъи гIуцIараз къабул гьабураб резолюциялда рекъон гьез гIагараб заманалда хитIаб гьабизе буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе. Гьеб хитIабалда гьез Дагъистаналъул къуваталъул идарабазда гIадлу гьабейин, гьезда хадуб халкколеб хасаб комиссия гIуцIейилан хъвазе ракIалда буго. Гьединго гьез лъазабуна Дагъистаналда гьел церехун рехсарал проблемабазул бицун пайда гьечIила, гIагараб заманалда гьелги церелъун Москваялда пресс-конференция тIобитIизе кколила, Россиялъул жанисел ишазул системаялъул вакилзабиги ахIун.

XS
SM
MD
LG