МагъчIваялъе рес

Радикалияб исламалде данде "Бусурбабазул доктринагун"


Россиялъул бусурбабазул шураялъ гьал къоязда къабул гьабуна «ТIолалго бусурбабазул социалияб доктрина» абураб документ. Щиб гьеб документалъ кьезе бугеб, кинаб бугеб гьелда тIасан экспертазул пикру?

Гьеб доктрина тIоцебесеб иргаялда дандечIараб бугин радикалияб кьералде гъорлъе унел гIолохъанал бусурбабаздаян абулеб буго гьеб хIадур гьабурал чагIаз. Гьеб гуребги гьелъ жанире рачунел руго инсанасул гIумруялъул киналго рахъал, спорталдаса байбихьун жигьадалъулгун, пачалихъалъул институталде щвезегIан. Социалияб доктрина хIадур гьабиялда тIад хIалтIун руго россиялъул исламиял церехъаби, Россиялъул рухIияб идараялъул вакилзаби ва Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб Халкъияб магIишаталъул академиялдаса гIалимзаби.

«Исалмияб Пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялда дандечIей лъазабулеб буго киналго исламиял гIалимзабаз. Гьединлъидал гьеб терроралъулаб къукъаялде унел гIолохъаби кантIизе гьеб доктринаялъ кумек гьабилилан абураб хьул буго гьезул. Кьезе бугишха гьелъ хIасил? Политолог Руслан Гереевас рикIкIунеб буго кьезе гьечIилан, щайгурелъул Россиялъул пачалихъалда киназго мугъчIвай гьабулеб жо кколин къанун, Россиялъул конституция. Гьебин абуни кколин гIицIго кагъат, къануналъулаб къуват гьелъул букIине гьечIин.

Руслан Гереев: «Дида ккола жакъа радикалияб исламалъ Россиялда ва хасго Шималияб Кавказалд цIакъго тIадецуй гьабулеб заманалда гьел кагътаз кьезе жо гьечIилан. Кагътал цIиял къануналги рахъулел рукIине гуреб, нилъее къваригIун буго цин ругел къануназда мугъчIвайги гьабун хIалтIизе ва гIолохъабазда гьоркьоб насихIаталъулаб хабар бицун гьел кантIизаризе. Мисалалъе, гIолохъабазе рес кьезе ккола жалго рихьизаризе, гьезие хIалтIул бакIал чIезаризе ккола, жидерго букIинесеб гIуцIизе рес кьезе ккола гьезие. Жакъа рагьулел руго цIиял идараби, амма гьенир хъулухъалда руго церего рихун рукIарал чагIи, цого гьурмал. БукIа гьеб къанун цIунулеб идара, ялъуни ЖамгIияб Палата, кирехунго руго цого чагIи. ГIолохъабазда гьеб бихьулеб буго ва гьез цогидаб нух тIаса бищулеб буго. Гьединлъидал кагътаз ва документаз хIикматаб хиса-баси гьабилилан абун пикру гьаби гьеб буго гIантаб пикру».

Амма кин букIаниги жинде бокьиларин гьеб документ хIадур гьабурал чагIазда тIасан кIалъай гьабизе. Гьел ругин бугеб ахIвал-хIалги бичIчIун, гIолохъанаб гIел мекъаб нухдасан унеб букIинги бихьун гьеб хисизабизе лъугьарал чагIиянги тIаде жубана хадубги Руслан Гереевас.

Россиялъул цогидал экспертацаги рагьун рагьун рахъкколеб гьечIо гьеб документалъул. Нилъер пачалихъалда гIемер ругин бусурбабазул гIуцIиял, амма гьел киналго рихх-риххун ругин, гьединлъидал гьеб доктринаялъул мукагIалъи букIине ккани бусурбабазул цIикIкIараб бутIаялъ гьелъул рахъкквезе кколин абулеб буго Пачалихъияб Думаялда диниял ишазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Ярослав Ниловас. Гьединаб доктрина 2001 соналъги къабул гьабун букIанин, амм гьелъулги жо ккечIилан абулеб буго ислам лъазабулев Роман Силантьевасги. Дагъистаналъул рухIияб идараялъухъа комментарий нижее щвечIо.

XS
SM
MD
LG