МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул цIех-рехчагIаз погонал рарав такъсирчи цIунулев рагIула


Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъ жидерго хIалтIухъан ХIажаев Арсенида тIад такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе квалквал гьабулеб букIиналда бан, 4 маялда адвокат Сапият МухIамадовалъ Хасавюрталъул диваналде гIарза хъван буго.

Интернет-мухъ


Гьеб такъсиргьабиялъул иш рагьунгутIи къанун хвезабилъун рикIкIунеб буго адвокаталъ. Гьелъул баяназда рекъон ХIажаевасги цойги кIиго полициялъуласги ришватги босун такъсирчиясе хIилла-рекIкI гьабизе квербакъулеб букIун буго.

Гьедин 2014 соналда Владикавказалдаса Кумаритова Иннаца Пятигорскалдаса бичун босун буго «Нисан Тиана» автомобиль. Гьеб даран гьабилалда цебе Иннаца къуваталъул идарабаздасан лъазабун букIун буго гьеб автомобиль бикъараб бугищ, цIех-рехалде лъазабун бугищали. Щибниги гьединаб гIунгутIиги батун букIун гьечIо гьелъул.

Чанго моцIидасан Владикавказалъул полициялъул хIалтIухъан вачIун вуго гьелъухъе дур автомобиль такъсиргьабиялъул ишалъулъ далиллун бугиланги абун, гьес, кинаб букIаниги документги кьечIого,гьеб нахъе бачун ун буго. Щиб кинали цIехезе полициялъул бутIаялде щвараб мехалда гьелда абун буго автомобиль Хасавюрталъул цIех-рехалъул бутIаялъухъе кьун бугила, гьез цIех-рех гьабулеб ишалъулъ далиллъун бихьизабун бугин гьебилан.

Гьелдаса хадуб Кумаритова Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялде щун йиго автомобилалалъул къисмат цIехезе. Гьениб гьелда абун буго автомобилалъул вукIарав бетIергьанас гьеб бикъун ун букIиналъул хIакъалъулъ гIарза хъван букIин. Гьев Асланханов Асланханица жиндицаго бичун букIун буго Кумаритовалъе автомобиль, даран гьабиялъул хIукмуялда гъоркь гъулбасги лъун букIун буго гьес.

Гьедин гIарзаги хъван низам цIунулезул кумекалдалъун гьебги тIадбуссинабун хIилла-рекIкI гьабизе ракIалда букIун бугин гьесдайилан абулеб буго адвокат МухIамадова Сапиятица. Гьелъ бицухъе гьеб ишалъулъ Асланхановасе кумек гьабун буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазги.

МухIамадова Сапият: «Гьеб автомобилалъул тIоцевесев бетIергьан живго хIилла-рекIкI гьабулев такъсирчи вукIун вуго. Амма гьесие квербакъи гьабулеб буго Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз.

Щайгурелъул гьез гьеизе 300 азарго гъурущ кьун буго гьеб автомобиль гьесухъе тIадбуссинабуралъухъ. Асланхановас гьеб гIарац кьеялъул бицунеб бахъараб аудиоги буго. Гьеб иш бачунев цIех-рехчи ХIажев Арсенихъе ун йиго Кумаритова распискаги хъван жиндир автомобиль нахъбуссинабейилан тIалаб гьабун.

Гьеб такъсригьабиялъул ишалъулъ далил батани къваригIараб мехалда нужехъе гьебги бачун ячIинин жийилан абун буго гьелъ. Амма батIи-батIиял багьанабиги ратун гьелъухъе автомобиль тIадбуссинабизе инкар гьабун буго ХIажаевас. Заманалдасан цIех-рехчияс гьелда абун буго жидеца автомобиль гьелъул тIоцевесев бетIергьанасухъе нахъбуссинабунилан.

Гьелдаса хадуб Кумаритовалъ диваналде гIарза хъван буго жиндихъа бахъун араб автомобиль тIадбуссинабейилан тIалаб гьабун. Диваналъ гьелъул рахъккуна, амма гьебщинаб заманалда жаниб автомобилалъул вукIарав бетIергьанас гьеб цин чухIун буго, хадуб чанго чиясе бичун буго. Диваналъ гьеб автомобиль Кумаритовалъухъе тIадбуссинабейилан лъазабуниги гьебги тIубазабун гьечIо.

Гьелъухъа щибниги документги кьечIого автомобиль бахъарал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги, гьеб киналдаго тIад рекъон вугев ХIажаевги тамихIалде цIалел гьечIо. ХIажаевасул эмен вуго Хасавюрталъул администрациялъул хIаким, гьединлъидал гьесда кверхъвалеб гьечIо лъицаниги».

Сапиятил рагIабазда рекъон гьеб хIилла-рекIкI гьабурав автомобилалъул вукIарав бетIергьан Асланханов Асланхан жеги тамихIалде цIцIан гьечIо. ХIажевас гьесие кумек гьабулеб букIин бихьизарулел чанги далилал ругониги гьесда тIад такъсиргьабиялъул иш гьабизе анкьцIул инкар гьабун буго Хасавюрталъул диваналъ.

Гьев цIех-рехчияс Кумаритовалъул автомобиль бачунеб букIараблъи лъалеб бугониги, гьелдаги рекIун батIи-батIиял бакIазда рахъарал гьесул суратал ругонигицин диваналъ гьеб хIисабалде босулеб гьечIин абулеб буго адвокаталъ. Щибаб нухалда халгьаби тIобитIизе кколин абун хIукму къотIулила диваналъ, амма гьелъулги щибниги хIасил кколеб гьечIин абулеб буго гьелъ.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ адвокат МухIамадовалъул лъазабиялда тIасан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьезул официалияв вакил Расул Темирбековасул рагIабазда рекъон хасавюрталъул цIех-рехчагIазда тIасан хъвараб чанго гIарза щун буго гьезухъе, гьезда хурхун хал-шалги унеб буго гьаб сагIат. Къануналда рекъон гьединаб халгьаби моцIил болжалда лъугIизе кколеб буго.

XS
SM
MD
LG