МагъчIваялъе рес

А. Анварбегов: «ТIолабго полициялде гъегъ базе гIедегIуге нуж!»


Дагъистаналда гIодоцунел гьечIо низам цIунулел хIалтIухъабазул гIумруялде квер борхиялъул хIужаби. Гьаб нухалда такъсирчагIазул къурбанлъун ккана хIалхьиялда вугев, цеве жанисел ишазул идараялда хIалтIулев вукIарав херав пенсионер. Кинаб къимат кьолеб бугеб жакъасеб Дагъистаналъул низам цIунулел хIалтIухъабазул хIаракатчилъиялъе гIемерал соназ гьенир хIалтIулел рукIарал гIадамаз?

Гумбет мухъалъул ЛъаратIа росулъ полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдаразул цояв гьебго мухъалъул Ингишо абулеб росулъ чIванилан абураб хабар къватIибе кьуна цIех-рехалъул комитеталъ хамиз къоялъ. Цебесеб къоялъ низам цIунулел хIалтIухъабаз документазул хал-шал гьабизеян лъалхъизабураб автомобилалъусан гьездеги кьвагьдон лъутун рорчIун рукIана щалали лъазе кIвечIев кIиго гIолохъанчи.

Январалъул 23 абилеб къоялъ къаси Ингишо росдал цо мина сверун ккун букIана низам цIунулез, гьенир жанир такъсирчагIи ругилан абураб баян щун букIун буго гьезухъе. Минаялда аскIоре гIагарлъулаго гьезде кьвагьи лъун буго, жавабалъулаб кьвагьиялъул хIасилалда рокъор жанир рахчун рукIаразул цояв чIван вуго. Гьев ватана талат къоялъ къаси ЛъаратIа росулъ полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдон рукIаразул цояв ГIумаров ХIажимурад. ЦIех-рехалъул комитеталдасан щварал баяназдасан лъана гьев ЦIумада мухъалдаса вукIин.
Гьединго араб сардилъ Гъизилюрт мухъалъул Сальское росулъ чIван вуго 69 сон гIумруялъул бугев пенсионер. Такъсир чагIаз чIварасул рокъоса бикъун буго 970 азарго гъурущ гIарацги, чанахъанасулаб туманкIги, рокъор рукIарал пенсионерасул хъизанги васасул васги кIалалда жоги жемун рухьун руго. ЧIварав пенисонер цевеги жанисел ишазул идараялда хIалтIулев вукIун вуго.

Анкьил ункъо къоялда жаниб гьеб лъабабилеб хIужа ккола республикаялда полициялъул хIалтIухъабазул гIумруялде квер борхараб.

Жанисел ишазул идараялдаги республикаялъул хIукуматалдаги бахъараб ццим бецIизе щвечIел чагIаз чIвалел ругин расги гIайиб гьечIел полициялъул мухъилал хIалтIухъабиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев ХIусенов МухIамадица. Нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул нухмалъулевлъун 20 саги цIикIкIун соналъ хIалтIарав полициялъул подполковник ккола гьев.

Жидеего квал-квал гьабулел, нахъе яризаризе къваригIарал низам цIунулел хIалтIухъабазул хасаб сияхI гIуцIулаанин такъсирчагIаз цебе, гьанже низам гьечIого цеве ккара-ккарав чиясде ишан босулеб бугин гьез. Гьел чIвалел гIолохъабазул гIумруялда хадуб кинабниги рухIел я жанисел ишазул идараялъе, я республикаялъул нухмалъиялъеги гьечIин. Лъугьунеб щиналъул бичIчIа-бикъи гьечIого, гIицIго гъажалда кенчIолел погоназе гIоло ва щолеб мухьалда хIалхъублъун гьенире унел гIолохъабиги ругин. ХIалтIиги гьабизе лъалел, ишги бажарулел чагIиги нахъе яризарунин гьез. Гьелъул хIасилалда жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул идара хутIун бугин хIалтIи гьабизе лъалел гIадамалги гьечIого. ХIусенов МухIамадил рагIабазда рекъон жакъа 800 гIанасев чиясе бакI рагIула гьениб чIобого. Гьединаб ахIвал-хIал хисизабизелъун кинал тадбирал гьаруни дуда лъикIаблъун бихьулебан суал кьуна нижеца гьесие.

ХIусенов МухIамад: « Дагъистаналъул жанисеб система буго прокуратураги, цIех-рехги, жанисел ишазул идараги цоцалъ рекъон хIалтIулеб система. Бищунго квеш ккараб жо буго жакъа къанун хIалтIизабулел чагIаз жидецаго къанунги нахъегIан цун жидерго рекIее бокьараб иш билълъанхъизабулеб букIин. Гьаризе бегьулел тадбирални гIемерал ругоан, амма гьабуларо гьеб, хIинкъулел руго цоцакьа, жакъа гIолеб гьечIо цоцалъ гъункун хIалтIулеб бихьинчилъи, яхIги намусги билун буго. 99 процент такъсиралъул цIун бугеб мехалъ цохIо жанисел ишазул идараялъул махщалил цолъиялъ гьабулеб хIалтIи къватIибе баккизего толеб гьечIо. Бищунго нилъее къваригIун бугеб жо буго ритIухъав, гIадлу битIарав нухмалъулевги, гьесие кумек гьабулев жанисел ишазул министрги. Гьесул жавабчилъиялда 20 000 хIалтIухъан вуго жакъа, гьебжо тIубараб армия буго, амма гьабулеб гьечIо хIалтIи, гьалдаса хадуб гьабилиланги кколаро».

Жакъа Дагъистаналъул полициялде данде гьабулеб рагъ гьеб цохIо низам цIунулел хIалтIухъабазде данде гьабулеб гурин, гьеб бугин тIолабго Дагъистаналъул халкъалдаго лъазабураб рагъилан абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго ЛъаратIа мухъалдаса Асильдаров Анварбегица. 1999 соналъ Болъихъгун Карамахиялда рукIарал рагъулал дандечIеязулъги гIахьаллъарав, гьабсагIаталда хIалхьиялда вугев полициялъул подполковник ккола гьев. Узухъда ратилин жанисел ишазул идараялдаги гIарцухъ намусги бичун къанунги хвезабун хIалтIи гьабулел чагIиги, амма киналго гурелъулинха гьдинал ругел. Анварбег рази гьечIоан тIолалго низам цIунулезде гIадамаз квешаб рагIи рехулеб букIиналда.

Асильдаров Анварбег: « Малъараб гьабулелги гьабуларелги, хIалтIи гьабизе лъалелги лъаларелги чагIи кирго руго, гьединго гьел камилищха жанисел ишазул идараялдаги. Ришватчилъи гьенибги буго бищунго кIудияб гIунгутIилъун. Кверда килищги бащадаб букIунаро, кинбго гIайиб полициялъул хIалтIухъабазде рехизе бегьуларо. Нилъер тIубараб жамгIияталдаго жакъа лъугьун бугебго гIадаб хIал гьенибги лъугьун буго».

Жанисел ишазул идараялъ гьабулеб хIалтIуда тIасан баян щвезелъун нижеца гьединго бухьен гьабуна жакъа къоялъги низам цIунулезул хIалтIухъабазул жавабиял хъулухъазда ругел гIадамазулгунги. Амма кинаб букIаниги информация къватIибе кьезе изну кьолареб хасаб къанун бахъун бугин нижееянги абун гьез инкар гьабуна гара-чIвариялъе.
XS
SM
MD
LG