МагъчIваялъе рес

Кинал мисалал рачун ватIан бокьизе "малъилеб"?


ГIун бачIунеб гIелалда ватIан бокьизе малъулеб программаялъе цо миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ биччазе хIукму гьабун буго Россиялъул хIукуматалъ. Гьеб рагIалде бахъинабиялда хадуб халкквезе бугила лъабго министерлъиялъ - лъай кьеялъул, культураялъул гьединго улка цIуниялъул министерлъиялъ. Бокьизе бугищ гьединан гIарацги биччан ватIан?

Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас гьеб документалда гъулбас лъун буго 2 январалда. Патриотизмалда бан гIуцIараб гьеб программа рагIалде бахъинабизе буго 2016-2020 соназда. Гьелда тIад харж гьабизехъин буго 1, 66 млрд гъурущ.

Логикаялъ бихьизабухъе, ватIаналде рокьи бижуна, гьелъ нахъ тараб берцинаб нухалде балагьун, гьелъул бахIарчагIазул гьунар ракIалде щвезабун, улкаялъе щолел бергьенлъияз роххизарун, ракI чIараб букIинесеб бихьулеб мехалда.

Хунзахъ мухъалъул газеталъул бетIерай редактор Фатима МухIамадовалъ ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда абуна жий кутакалда йохханила гьебщинаб гIарацги биччан гьанжегIаги Россиялъ ватIан бокьиялде кIвар кьезехъин букIиналдаса. Амма цо хIинкъиги бугила жиндир.

Фатима МухIамадова: «Цощина гьел млрд гъурщал мурад тIубазегIанго хутIичIого рикъун, хъамун лъугIилин абураб хIинкъиги буго дир. Нилъер улкаялда гIадатлъун лъугуьн бугелъулха гьединаб ахIвал-хIал – щибниги лъикIаб мурадалъе гIоло риччала гIарцал, цинги идарабазда жанирго рикьа-къотIун лъугIула гъол. Халкъалъе гъолъул ричIи-тIириго щоларо.

Медведевас лъикIаб иш гьабун буго. Амма дида кколеб бугоха жакъасеб Россиялда кинго кIвезе гьечIин гIолеб гIел патриотизмалъул кьучIалда куцазейилан. Щай? Щайин абуни гьал гIодор къояца дун гIемер балагьулей йиго Совет Союзалъ рахъарал фильмазухъ, мультфильмазухъ, передачабазухъ. Гьениб щибаб рагIулъ, кIалъаялъухъ, махсаро-хочIалъухъгицин ватIан бокьиялде, гьелдаса чIухIиялде ахIулел руго. ГьабсагIат Россиялда рахъулел ругел фильмазухъ балагьеха – Америкаялъухъего хIалелин абун, дозулъеги рахинчIел, Совет Союзалъул гIадал магIнаялги гурел, расги гурел жал рахъулел руго. Кинофильмалгицин рахъизе кIолареб мехалда кинха инсанасул чорхолъ патриотизм бессизабизеги, ватIан бокьизабизеги кIвезе бугеб?

Амма Совет Союзги букIанаха жиндасан чIухIизеги бегьулеб, унго-унголъунги бокьизеги бегьулеб, шартIалги ругеб, гучаб хIукумат. ВатIан бокьаги, гьеб хиралъаги щивав чиясе. Амма гьабсагIат Совет Союзалъухъего кIвезе гьечIо Россиялда ватIан бокьизабизе. Гьеб цIакъ захIматаб суал буго».

ВатIан бокьиялда тIасан гIезегIан саринал хъварав ЦIумада мухъалдаса шагIир СайгидахIмад АхIмаднабиевас рикIкIунеб буго кинабгIаги хIасил кьолареб программа бугин гьебилан.

СайгидахIмад АхIмаднабиев: «Гьанжеги руго патриотизмалъул бицунел. Гьелъие гIемераб гIарац биччазе бугилан. Кинал патриотал рахъинел Чайка, Сердюков гIадал, тIалъиялда ругел чагIаз бикъун, тIатIала ккезабун бугеб улкаялъул гражданазул? Гьеб 1, 66 млрд гъурущ сахлъи цIуниялъегун лъай кьеялъе биччан букIарабаниго лъикIан. Щибго хIасилги кколареб, нижеца собрание тIобитIанилан ахIулеб сарин буго гьеб. Гьеб гIарац нахъеги хъулухъчагIазул чвантинибе уна. ГIолеб гIел патриоталлъун рахъине ккани, гьезие цодагьалгIаги шартIал чIезаризе ккола. ХIакимзабаз тIаса къунцIараб жо гурони халкъалъухъе щолеб гьечIо».

ВатIан гIарцухъ бокьулеб жо букIунарин, амма Россиялъул хIукуматалъ гьебщинаб гIарац биччан батани, гьебги нилъее пайдаялъе биччазе бегьулин абураб пикру буго ХIасбат Тилакаевалъул. Гьей ккола МахIачхъалаялъул школалда Дагъистаналъул маданиятги гIадаталги малъулей мугIалим.

Амма ватIан бокьизе тIоцебе эбел-инсуца малъизе кколеб бакIалда, гьез жидецаго гъалатI биччалеб бугин абуна ХIасбат Тилакаевалъ.

ХIасбат Тилакаева: «Эбел-эмен рачIуна гьеб нужер анкьида жаниб бугеб дарс – Дагъистаналъул маданиятгун гIадатал – нахъе босун, гьелъул бакIалда ингилис мацI кьезе бегьуларищдила. Гьелдалъун эбел-инсуца бихьизабулеб бугоха гьезие жидерго ватIаналдасаги цебе букIин чияраб мацIги, маданиятги, пачалихъги. Нилъер гIадамазда кколеб буго ингилис мацI лъанани, кинабго жо гIолебин абун.

Нилъер цIакъ цебетIураб жо бугоха хIакимзабаз жидерго лъимал къватIисел улкабазде цIализе ритIи. ВахI, нилъеца дол дореги ритIун, дол гIемерисел нахъруссунаро гурищ. Руссаниги, дора тарбия щварал дозие кин бокьилеб нилъер улка? Гьединлъидал нилъеца хъизаналдасанго байбихьизе ккола лъималазе улияталъул (ватIан) бицине, гьелде рокьи бижизабизе.

Нилъер халкъ цIакъ унаха къватIире, экскурсиялъин абун. Доба щиб букIунеб? Масала, Египеталда щиб бугеб – салул гохIалги, бакI-бакIалъа рек-рекарал пирамидабиги. Гьелъул бакIалда Россиялдаги Дагъистаналдаги руго гурищ гIезегIан берцинал бакIал».

Гьебго заманалда жакъасеб Россиялъул цо-цо хъулухъчагIаз рихьизарулел квешал мисалазги квалквал гьабулеб бугин ватIан бокьизеян абураб пикру буго Тилакаевалъул.

ХIасбат Тилакаева: «Нухмалъиялдаги рукIун, нилъеца нилъерго ватIан цIунизе кколин харбалги рицун, цIогьодилелги рукIун, жанирги тIамун, хадур къватIиреги цIидасан жидерго хъулухъазда хIалтIизе лъугьунел чагIаз лъикIаб мисал бихьизабуларо. Бикъанщинаб гIарац къватIисел улкабазул банказдаги лъун ругел чагIи рахъуна патриотизмалъул бицине. Гьединлъидал гьединал чагIиги нахъе цун, нилъерго тарихалда, маданияталда ва цогидалда лъалкI тарал чагIазул бицун гурони, ватIаналдехун рокьи бижизабизе рес гьечIо».

Дмитрий Медведевас гъулбасараб патриотизмалъул программа рагIалде бахъинабиялда хадуб халкквезе буго лъабго министерлъиялъ – лъай кьеялъул, культураялъул ва улка цIуниялъул.

XS
SM
MD
LG