МагъчIваялъе рес

Патриотизм - Къадыровасул къагIидаялда


Магърибалъ Россиялде санкциял лъазарун хадусала кIудияб ахIи-хIур багъарун буго социалиял сайтазда. ГIемерисез жидерго квербакъи загьирабуна жавабиял санкциязде. Руго гьезда гъорлъ пачалихъиял хъулухъчагIиги. Мисалалъе гьалкъояз Чачан республикаялъул бетIер Къадырова Рамзаница жиндирго Инстаграммалда ахIи бана i-phone-алдаса инкар гьабиялде.

Жиндир Инстаграммалда Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница ватIанцояздехун вуссун, ахIи балеб буго Америкалъул i-phone алдаса инкар гьабиялде ва гьелъул бакIалда YotaPhone абулеб Россиялда гьабураб телефон хIалтIизабиялде.

Жиндие гьеб цIияб тайпадул телефон сайгъат гьабунин цIар арай хIайбат Тина Канделакица, ва гьеб бугин дунялалда мисал гьечIеб телефонилан абулеб буго Къадыровас, жив гьелдаса цIакъ разилъанин, кIудияб баркала Тинае.

Хадуб Къадыровас мухIканго бицен гьабулеб буго YotaPhone-алъул тIокIлъиялъул. Жив чIухIарав вугин гьадинаб алат Россиялда гьабун букIиналдаса.

Гьадин абун, Рамзан Къадыровас ракIалде щвезаруна Магърибалъ, хасго Цолъарал Штатаз Россиялде данде лъазаруал санкциял ва гьабуна гьадинаб пикру: «Америкалъ Россия рикIкIула жиндирго тушманлъун.

Амма гьелда балагьичIого щибаб соналъ анцI-анцI миллион россиялъулас айфонал ричун росула, Цолъарал Штатазул экономикаялъе хIалае. РачIезин YotaPhone-ал хIалтIизаризе, гьелдалъун жидерго партиотизм бихьизабун».

Гьениб ракIалде щвезабизе ккола гьадинаб хIужаги. Дагьалъ цере Америкалъул цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIаз Аpple компаниялде тIадецуй гьабулеб букIана Россиялда хIалтIизарулел айфонал ва айпадал блок гьабеян абун. Амма рехсараб компаниялъул бутIрул гьелда разилъичIо.

Рамзан Къадыровас гьединго ахIи бана техникиял алатаздаса гуребги – къватIисел улкабазул социалиял сайтаздаги инкар гьабиялде. Масала Facebook тун, «Вконтакте» абулеб сайт хIалтIизабизе кколин, абуна гьес.

Гьеб гьесул макъалоялда гъоркь гIемерал баянал тана гIадамаз. Цо-цоял гьелда разиял руго, цогидаз махсароде тIамун, абулеб буго гьадинаб къагIидаялда жиндирго патриотизм бихьизабизе ккани, гIицIго айфоналдаса гуребги - компьютераздасаги, автомобилаздасаги, ретIел-хиталдасаги, цогидаб техникаялдасаги инкар гьабизе кколин. Щибдай хутIила ахир-къад?

Гьеб гуребги – къватIисел улкабазул артисталги ахIизе кколарин Россиялде.

Нижер радиоялъул мухбираз лъазабухъе ЦIияб сон кIодо гьабиялъул тадбиралде Чачанлъиялде ахIун ругоан гIемерал Магърибалъул артистал. Гъозие кIудиял гонораралги кьезе бугин, цебего, гIадин, ян абулеб буго мухбирзабаз.

XS
SM
MD
LG