МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда бакIазул рищиязул цересел хIасилал


ГьатIан къоялъ Дагъистаналда тIоритIарал рищиязул цереккунисел баянал къватIире кьолел руго республикаялъул рищиязул Комиссиялъ. Рищиял берцинго гIемер гъалмагъир гьабичIого анилан рикIкIунеб буго гьебго идараялъ.

9 сентябралъул къалъудаялде Дагъистаналъул рищиязул комиссиялъ кьурал баяназда рекъон, Хунзахъ, ГIахъуща, ЦIунтIа мухъалъул бутIрул рищун ругин рикIкIине бегьула. Кули мухъалъул администрациялъул нухмалъулев вищизе ккани кIиабилеб тур тIобитIизе кколин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул рищиязул идараялъул хIалтIухъан Самир ГIабдулхаликъовас.

Самир ГIабдулхаликъов: «Хунзахъ мухъалъул администрациялъул бетIерлъуде кандидатура лъуразда гьоркьов Юсупов СагIидие щун буго гьаркьазул 83 процент, ГIахъуща мухъалда рищиязда бергьенлъи босун бугин абизе бегьула МухIарамов АхIмадица, гьесие щун буго 61 цIикIкIун проценталда гьаркьазул. ЦIунтIа мухъалда ракIчIараб бергьенлъи босана МухIамадинов Пахрудиница, гьесие гьаркьал кьун руго рищиязде рачIарал чагIазул 96 процент. Кули мухъалда рищиязул кIиабилеб тур тIобитIочIого администрациялъул бетIер вищун бажаричIо. Гьениб гIахьаллъи гьабизе буго гьаркьазул 34 процентги щварав Сулейманов СагIидица ва Ажупов Халидица, гьесие щун буго 24 процент. Россиялъул рищиязда хурхараб къануналда рекъон рищиязул кIиабилеб тур тIобитIизе ккола цо анкьидасан».

Рищиязде хIадурулаго къануналда рекъон кколарел ишал гьарулел ругин абун ахIи букIана Догъузпара мухъалдасан. 8 сентябралъги гьенисанго бачIанин бищун цебе рищиязда гъалмагъир гьабулеб бугин, къануналде данде кколареб хIалалъ хIалтIулеб бугин рищиязул комиссияйилан гIарз букIанинги бицана «Эркенлъи» радиоялъел республикаялъул рищиязул идараялъул вакилас.

Самир ГIабдулхаликъов: «Догъузпара мухъалъул Мискинджа росдал бегавул вищулаго цо чIужугIаданалъ къого бюллетень рехизехъин батанин абун гIарз бачIана нижехъе Справедливая Россия партиялъул Дагъистаналда вугев вакилас. Гьеб партиялъ вихьизавурав кандидатасде данде вугев чиясе рехизехъин рукIанин гьелъ гьелгощинал гьаркьалин лъазабулеб букIана гьес. ГIарз щун хадуб нижеца мухъалъул рищиязул идараялдеги, прокуратураялдеги ахIи бахъинабуна. Гьабураб цIех-рехалдаса хадуб лъана гьелъ къого гуреб кIиго бюллетень реххизехъин букIараблъи, жиндиего ва вацасе гIоло. Гьеб къануналъ гьукъараб иш бугелъул гьезул бюллетенал хIакъикъияллъун рикIкIунаро. Гьединго Дербент шагьаралдасанги щун букIана нижехъе гIарз, гьениб рищиял тIоритIулеб бакIалде рищиязда хадуб халкквеялъе тарал чагIи риччалел гьечIин абулеб букIана гIадамаз. Дербенталъул бакIалъулаб рищиязул идараялдеги кIалъан гьеб суалги тIубазабуна, гьел гIадамалги кколелъуй риччана. Гьеб гIиси-бикъинаб кIиго гъалмагъир гуреб тIокIаб кинабниги рищиязда гIадлу хвезабиялъул хIужаби рукIинчIо. ГIаммаб къагIидаялъ республикаялда рищиял лъикI анин рикIкIине бегьула»

8 сентябралъ Дагъистаналда тIоритIизе кколел рукIарал кIиго рищиял нахъе рахъизе ккун руго. ЧIарада ва Бабаюрт росабазул бегавулзаби рищичIого хутIана гьеб хъулухъалде цохIо чияс гурони кандидатура лъун букIинчIолъиялъ. Къануналда рекъон рищиязда бищун дагьалдасан кIиго чияс гIахьаллъи гьабизе кколин, гьединлъидал лъабго моцIица нахъ рахъанин гьел рищиялилан абун баянал кьуна Дагъистаналъул рищиязул идараялъ.

XS
SM
MD
LG