МагъчIваялъе рес

Цебего хIасил лъалел рукIарал рищиял


ГIабдулатIипов Рамазан цадахъ хlалтlулелгун. Maхlачхъала, 26Июл2013
ГIабдулатIипов Рамазан цадахъ хlалтlулелгун. Maхlачхъала, 26Июл2013

Дагъистаналъул парламенталъ бачIунеб щуго сонил болжалалда республикаялъул президентлъун вищана гьанжелъизегIан президентасул ишал тIуразарулев вукIарав ГIабдулатIипов Рамазан. Жинда ва республикаялъул хIукуматалда цере чIарал масъалабазул микьго проект бихьизабураб программалда рекъон хIалтIи гIуцIизеги ракIалда буго цIияв президентасда.

Дагъистаналъул нухмалъиялде лъабго чиясул кандидатура лъун букIаниги, некIого киназдаго лъалаанин Путиница Дагъистаналда президентлъун Рамазан ГIабдулатIипов толевлъиян абуна гьев вищулеб сессиялда Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул нухмалъулев Шабанов МухIамадица. Гьелда тIад киналго релъана. Гьедин гьелдаса хадуб депутатаз ГIабдулатIиповасе 86 гьаракь кьуна, гьесда данде кандидатура лъурай Умупазиль ГIумаровалъе щвана кIиго гьаракь. Малик Баглиевасе абуни цониги щвечIо.

Вищун хадуб Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гьаб бугин Россиялъул президентасги, парламенталъги, Шималияб Кавказалда вугев Россиялуъл президентасул вакиласги, Дагъистаналъул халкъалъги жинда тIад лъураб кIудияб гьир. Жиндир бакIалда цогидав чи вачIун вукIараваниги, батIияб куцалда хIалтIун бажарулароанила. Дагъистан цIилъизабиги, эконмика цебетIезабиги, дотацияздаса рорчIиги, цогидалги суалал – гьел кколила жакъа аслияллъун. Гьездаса лъутизе бакI гьечIила.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица сон кIвар кьун цIалана цересел нухмалъулез хъварал докладал – МухIу ГIалиевасулги, МухIамадсалам МухIамадовасулги. Гьезда гьоркьоб цониги букIинчIин нахъе рехизе бегьулеб рагIиян абизе кIола дида. Кинабго битIараб букIана. Дица киданиги какуларо дидаса цере рукIаразул хIалтIи. Щайин абуни, гьеб букIана батIияб заман, батIиял гIадамал, батIиял масъалабиги».

Цересел нухмалъулезул кIалъаялги гьабулеб хIалтIиги аслияб куцалда Дагъистаналда террор лъугIизабиялда хурхараб букIунаан. Рамазан ГIабдулатIиповас гьелъул хIакъалъулъ цо чанго рагIудалъун абуна. Масала, ракIалде щвезабуна дагьалъ цебе салафиязулгун суннитазул букIараб данчIвай. Жинца гьезда абунила нилъер вугин цохIо Аллагьги, МухIамад Аварагги (с.гI.с), цохIо Къуръанги. Гьеб мехалда сундул бицунелин нуж ругел, щайин къацандулел? Къуръаналъул кинаб сураялдайин абулеб бугеб пачалихъалде данде такъсирчилъи гьабизеги, гьелъул нухмалъулел чIвазеги кколилан. Аллагьас къабул гьаруларин ВатIаналдаги пачалихъалдаги данде чIарал гьариял.

Хадуб гьес бицана жиндир хIалтIи аслияб куцалда росдал магIишаталда, экономикаялда хурхараб букIине бугилан. Халкъияб Мажлисалда фракциял ругел партиязул вакилзабаз суалалги рукIана. Масала, коммунистазул вакил Мурзадин Авезовас гьикъана ГIабдулатIиповас цере лъурал проектал гIумруялде рахъине ккани, лъидейин мугъчIвай гьабизе бугеб. Рамазан ГIабдулатIиповас жаваб кьуна жинца гIезегIан тIахьалги хъванин Дагъистаналъул хIакъалъулъ, чанги щвезеги щолаанин гьаниве, амма гьадигIан квешаб хIал гьаниб букIин лъалароанин. Гьел проектал тIуразаризе чагIи ругин абуна, щалали мухIкан гьабичIо.

Депутат ва медакадемиялъул ректор ГIабдурахIман ГIусмановас абуна сверухълъиялъ гьавулин къирал, амма гьеб сверухълъи бихьулеб гьечIин. КъиралгIаги вихьулев вугищин гьикъана ГIабдулатIиповас. Вугин абуна гъос. Хадуб ректор жувана жиндирго суалалде. Низам цIунулез медакадемиялда чIухь бан, хал гьабиял тIоритIана дагьалъ цебе. Гьезда рагIун буго гьенир тохтурзабазул дипломал ришваталги кьун росулел ругилан. Амма ректорас абула цо лъиеялиго жиндир хъулухъ къваригIун гьарулел жал ругин гьелилан. Гьеб суалалъ гьев ун вукIун вгуо Рамазан ГIабдулатIиповасухъеги. Амма гьелдаса хадувги толев гьечIин жив низам цIунулез, туснахъалъув лъелин хIинкъаби кьолел ругин, гьединлъидал мун гьезда кIалъаларевищин живги цIунунилан гьикъана ректорас. Рамазан ГIабдулатIиповас жаваб кьуна ректор хIисабалда дудехун щибгIаги тIадкIалъай гьечIин жиндир. Гьел цоял суалал низам цIунулезгун цадахъ тIуразе кколин дуца. Гурони жив гьоркьов лъугьани, къануналъул сан гьабунгутIи кколила гьеб.

Гьесдаса хадув кIалъана довги Шабанов МухIамад. Гьес абуна депутатасда хъвазе бегьуларин, «неприкосновенность» абураб жо букIунин, гьелъул ургъел гьабулеб гьечIин. Бихьулищин, жидедаго хъвараб мехалда гурони ракIалде щолел гьечIин депутатазда ихтиярал, аза-азар дагъистаниязул ихтиярал хвезарулеб мехалдайин абуни, гьел руцIцIун чIанин хъвана гьелда тIасан фейсбукалда «Черновикалъул» мухбир Маирбег Агаевас.

Рамазан ГIабдулатIипов вищулеб гьеб данделъиялда рукIана Россиялъул Федерациялъул Шураялъул вице-премьер Иляс ГIумахановги, олигарх Сулейман Керимовги, цогидалги. Гьесда хъулухъги баркана мадугьалихъ республикабаздаса нухмалъулез. Масала, Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас. Дагъистаналъул халкъияв шагIир ХIамзатил Расул гьавуралдаса 90 сон тIубаялде вачIарав Р. Къадировас абуна жинда гьев шагIир лъанила Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъиялде Дагъистаналде вачIиндал.

Рамзан Къадиров: «Ахир-къадги нилъеда киназдаго, Чачан Республикаялдаги Дагъистаналдаги, бихьила нилъ церетIолеб къо. Рамазан ГIабдулатIиповасги квербакъила гьелъие. Кавказиял такъсирчагIи ругин абураб цIарги бахъилеб батила нилъедаса. Кавказ кваназабураб гIелин абулеб заманги лъугIила. Кавказни лъицаниги кваназабулеб гьечIо. ГIаксалда, нилъеца руго цогидал кваназарулел. Нилъги руго Россиялъул гражданал, къадруял гражданал».

8 сентябралда Дагъистаналда парламенталъ республикаялъул нухмалъулев вищун хадув хIукуматалъул нухмалъулевлъун тасдикъ гьавуна гьанжелъагIанги гьеб хъулухъалда вукIарав ГIабдусамад ХIамидов.

XS
SM
MD
LG