МагъчIваялъе рес

Р.ГIабдулатIипов: «Президентасухъа гIарац гьаризе гьечIо»


15 августалда Россиялъул президент Владимир Путин дандчIвана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповгун.

Гьез гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналъул букIинеселъул суал. Гьединго республикаялъул нухмалъиялда ГIабдулатIипов тун арал моцIазда жаниб щиб гьесдда гьабизе кIварабали ва гIагараб заманалда щиб гьабизе ракIалда бугебали.
Путинилгун дандчIвай ккезегIан ГIабдулатIипов хъулухъалдаса нахъе унев вукIиналъул харбал гьоркьор къотIичIо республикаялда. Гьедин гIадамал божизарулел рукIана гьесул бакIалде Москваялдаса сенатор Иляс ГIумахановги вачIунев вугин, 5 сентябралда МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировги туснахъалъуса виччалев вугилан.
Къойидаса къойиде гьел харбал хIалуцунел рукIиналъ Хасавюрталъул гIадамаз хIисабалде босун букIана 15 августалда Рамазан ГIабдулатIиповасул рахъккун шагьаралда митинг тIобитIизеги. Амма Путингун гьев дандчIванищали, битIун ахирисеб лахIзаталъ митинг нахъбахъана.
Ахириял къоязда раккун рукIарал харбазда бан ЭР-лъе гьадин бицунеб буго Маркъо ШагIбановас. Гьев ккола Дагъистаналъул президентасда цебе гIуцIараб анализалъулгун информациялъул БутIаялъул нухмалъулев.
Маркъо ШагIбанов: «Владимир Путиница ГIабдулатIипов тIаде къабул гьавулев гьечIилан харбал рукIана. Гьанже гьаб дандчIваялдасан нилъеда бихьулеб буго гьел харбал гьересиял рукIин. КIиабилеб иргаялда, бихьулеб буго хIукуматалъул чагIи 8 сентябралда рукIинесел рищиязде хIадурулел рукIинги цогидал кандидатазда гьоркьов Рамазан ГIабдулатIипов гьезда бищун цебесеб кьерда вихьулев вукIин».
Гьелда тIасан гьадинаб пикру буго Зайнаб ГIалимирзаевалъулги. Гьей ккола жамгIияй хIаракатчи ва гIолилазул комитеталъул вакил.
Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьел харбал гьадингосел жал рукIин бихьулеб букIана. Щайин абуни парламенталъ гьаризе руго рищиял. Гьенив кандидатлъун ГIабдулатIипов вихьизавун вукIана цевего киналго партияз. Гьев хисизе гьаниве вачIунев чиги вихьулев гьечIо. Гьединлъидал гьел ратила гьадинго гIадамаз риччарал харбал. Щиб лъалеб жибго хIукуматалъ риччанги рукIун ратила, гьаниб бугеб ахIвал-хIал лъазе. БатIаго ГIабдулатIиповасул бакIалде цойги чиги виччан гьанир росизе кIудиял бергьенлъабиги гьечIо киналгIаги. Гьаниб гIезегIан захIматаб хIал буго нухмалъи гьабизе».
Путинилгун дандчIваялда ГIабдулатIиповас бицана гьес кьурал тIадкъаязда рекъон киналго рахъаз Дагъистан цIилъизабиялъул ва бацIцIад гьабиялъул хIалтIи унеб бугилан. Къокъ гьабун абуни: Дагъистан хьихьун бугин, амма сах гьабун гьечIин ва гьелъул хIасилалда гIемераб зарал гьабун бугин республикаялъе.
КIиабилеб: Хьихьун бугин, цебетIезабун гьечIин. Батулеб гьечIила цониги отрасль, институт республика цебетIеялъул нухда хIалтIараб. ХIажат бугила нухмалъиялъул цIияб къагIида.
Гьес гьединго абуна жинца капек гьарулеб гьечIила президентасухъа жакъасеб къойил харжазе, гьаризе бугила гIарац Дагъистан цебетIеялъул программабазе.
2012 абилеб соналда Путиница рахъарал буюрухъазда мугъчIвайги гьабун Дагъистаналъ къабул гьабунила республикаялъул 10 программа. Гьел программаби гIумруялде рахъани, анкьго-микьго соналда жаниб лъабцIул цIикIкIине бугин экономикаялъул пайдаялъул къадар. Гьелъул хIасилалда Дагъистан букIине ккола Россиялъе кризисалъулаб гуреб, лъикIаб нухмалъиялъул ва цебетIеялъул регионлъун.
РФялъул президент Владимир Путиница гьикъана Р. ГIабдулатIиповасда гьикъана республика цебетIеялъе кинал рахъал дуда аслияллъун рихьулел абун. Гьес жаваб кьуна жакъа бищунго кIвар бугин республикаялда хIинкъигьечIолъи цIуни чIезаби.
КIиабилеб – дица гьелда цIар лъун буго цIияб индустриализацияйилан - гьеб промышленниял предприятиязул анализ ва цIиял предприятиял рай.
Лъабабилеб – гьеб буго басриял предприятиябаздаса шагьар эркен гьаби, хасго МахIачхъала, гьениб гIадамазе санагIалъи цIакъго дагьаб буго. ХIажат бугин шагьар хIалтIуларел предприятияздаса эркенги гьабун лъималазул площадкабазе, парказе ва цогидал санагIалъаби гьаризе.
XS
SM
MD
LG