МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул базарал къватIире рахъизе бегьула


Тахшагьаралъул ричарухъабазе ракIалъе гIолеб гьечIо базар шагьар тун къватIибе бахъиялъул пикру.

МахIачхъалаялъул нухмалъулев Муса Мусаевас лъазабулеб буго тIасияб соналъул тIоцебесеб моцIалдаса байбихьун тахшагьаралда ругел киналгоязде гIагарун базарал шагьар бахун къватIирехун гочинаризе ругилан. Амма базаралъул ричарухъабазул цIакъ рахIатхвезабун буго гьеб хабаралъ.

2016 соналъул кIиабилеб январалдаcа байбихьун МахIачхъалаялда ругел базарал шагьар бахун къватIирехун гочинаризе ругилан лъазабуна 14 декабралда МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас. Гьел ккола цадахъго къайи бичулеб «ЦIумадисезул» абулеб базарги, Ирчи Гъазахъил къотIноб бугеб базарги, гьединго «Восточный» абулеб базарги.

МахIачхъалаялда тезе рагIула кванил нигIматал ва пихъ мичI бичулеб кIиабилеб базар. ТIоцебе байбихьизе бугин ЦIумадисезул базаралдасаян лъазабуна Муса Мусаевас, щайгурелъул гьелда сверухъ бугеб сурат гIадан бицун божулеб хIалалда гьечIин. Гьениб автомобилазул халатаб читIир лъугьун кIудияб квал-квал кколеб бугин транспорт хьвадиялъе.

Гьеб базар нахъе бахъизе букIиналъул хабар цересел соназдаги букIана бицунеб, амма бицунеб букIун гурони гьеб хIукму рагIалде бахъинабун букIинчIо.

«Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвар гьабуна гьенир ругел ричарухъабазулгун. Гьезул цонигиязе рекIее гIун гьечIоан базар нахъебахъизе букIиналъул хабар. Гочинарилалде цебе цин чанго моцIалъ цебе жидеда лъазабизе кколарищилан абулеб бугоан ричарухъабаз. КIиабизе бугони жал нахъе рахъинарун гIолерищила, жидее хIалтIизе бакIалги чIезе гьарейилан.

МахIачхъалаялдаса Иринал гьеб базаралда хIалтIулей йигелдаса гIемер сон буго. 15 соналъ цебе базар шагьаралъул кIалалде гочинабилелде, Дахадевасул къотIноб гьеб бугеб мехалъ гьенийги йикIун йиго гьей. Иринаца абулеб буго гьанжесаги базар шагьар тун къватIибехун гочинабуни гьеб тIокIаб хIалтIизе гьечIин, гIадамал гьадинги хIалицаго жидедаго яхIги гъун ругин гьенир хIалтIилел.

Ирина, йичарухъан: «Ниж гьанир руго хIалицаго бетIерги бахъун, нижеего чед-хинкIалъе магIишат гьабулел. ТIубанго рес къотIараб хIал ккани нижго ина ниж гьаниса нахъе. ТIокIаб базар бугеб бакIалдеги дун къаларо. Балагье, гIадамаз жидецаго гIуцIулел руго гIисинал фирмаби, дармил централ, базар жакъа гьеб бугеб хIалалде балагьун лъиениги хIажат гьечIо. Гьединлъидал жакъа ниж гьаниса гочинаруни гIемерав чиясул магIишат хIурудахъ ине буго, гьезул буголъиялъул банкрот ккезе буго.

Щайгурелъул 15 соналъ цебе Дахадаевасул къотIносан гьанире гочунелъул нижеда гIемераб къо бихьана нижерго дарам рукIалиде бачIинабулаго. Базар цоги бакIалде гочинабулаго кколеб зарал кIудияб буго. Добмехалъ банкроталде анщинав чи цIар-цIарккун рехсезе кIола дида. Гьелдаса нахъе жаниб рухIги, ракIги лъун, цIадакьги гIазукьги нижеца гьабураб магIишат гьаб нухалъги хIурудахъ инехъин буго. Нижеца дагьаб магъало кьоларо хIукуматалъе, гьелъ нижеда данде щай гьадинаб инжитлъи гьабулеб бугебали бичIчIуларо?».

ЦIумадисезул базаралда жакъа хIалтIилев вуго гIага-шагарго азарго гIанасев чи, ама гьезул ункъоялда анцIго процент кколел руго ижараялъе босараб дармил рокъоб жидерго къайиги лъун ричарулел ругел чагIи. Гьанже шагьар бахун къватIирехун гочани гьезул щивас жидерго къайи жаниб лъезе босизе кколеб буго хасаб дармил рукъ. Гьелъул багьайин абуни рагIула кIиго миллионги хадубги. Гьеб босизе рес кисайин жидер букIунеб, гьадинги жалго бетIергьанаб гуреб бакIалда даранги гьабун ругел чагIи ругин жал.

Жинде базар гьанибго бугониги, шагьар тун къватIибехун гочинабуниги батIалъи гьечIилан абуна Хунзахъ мухъалдаса вичарухъан Камилица. Амма базар нахъе гочинабиялъул гьес рахъкколеб буго, щайгурелъул гьабсагIат базар бугеб бакIалда гIемер санагIат гьечIолъи бугилан абулеб буго гьес, тIоцебесеб иргаялда къайи тIад лъун рачIарал, чIахIиял юк баччулел автомобилал жанире рачине рес гьечIила гьениб.

Камил, вичарухъан: «СанагIат гьечIолъи буго къайи жанире рачIунел чIахIиял автомобилазеги, къайи тIад лъун базаралдаса къватIире унел юк баччулел автомобилазеги. Гьезие дандекколел нухал гьечIо гьенир, гьел къваридал рукIин гуребги, гьелъие квал-квал гьабулеб буго агъаз гьечIого цоцада цун лъурал дармил рукъзабазги.

Гьединго базаралда цIакъ хашаб къагIидаялъ буго санитарияб ахIвал-хIал, кьишни-къул жиндир ригьалда къватIибе баччуларо, квешго хIалтIулел руго лъим жаниса унел мухъалги».

Шагьаралъул кIалалда гьеб базар букIиналъул кIудияб квегIенлъи бугилан абулеб буго ричарухъабз. Щай абуни 15 соналъ цебе Дахадаевасул къотIноса гьенибе базар гочинабулеб мехалъ бацIцIадаб авалахъ букIанила гьеб бакIалда, гьенив гIумру гьабун вукIинеги щивниги разилъулев вукIинчIила.

Гьанже абуни чанго гIемертIалаял минабиги ранила сверухъе, гьелдалъун шагьарги чIаголъанила. Гьеб гуребги чанги чиясул рес букIунила учузаб багьаялда щиб букIаниги босизе гьениве вачIине. Гьанже шагьар тун къватIибехун базар гочинабуни гьениве вачIунев чи вукIине гьечIилан абулеб буго ричарухъабаз.

XS
SM
MD
LG