МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялдаса базарал гочинарулел руго


МахIачхъалаялда ругел базарал шагьар тун къватIире рахъинаризе хIажат ккеялъул бицен гьабулеб буго шагьаралъул тIалъиялъ иргадулаб нухалда.

Базарал къватIире рахъинаризе хIажат ккеялъе гIиллаби гьенир санитариял шартIал чIезарулел гьечIолъи, базаразда сверухъ батIи-батIиял бича-хисиялъул объектал раккулел рукIин ва базарал шагьаралъул аслиял къватIазда рукIиналъ автомобилазул пробкаби рукIинин лъазабулеб буго тIалъиялъ.

МахIачхъала тун къватIибехун, «Муниципалияб базар» абураб кIудияб комплекс баялъ гьел киналго суалал лъугIизаризе ругила. Гьеб гуребги, жеги тIаде азаргоялдаса цIикIкIун хIалтIул бакIал рагьизе ругила.

Кинал шартIал ричарухъабазе ва предпринимателазе чIезарун рукIине ругелали баян гьабулаго, МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас баян гьабулеб буго гьеб бакIалда хасаб бакI букIине бугила коммерциялъул мурадалда хьвадулеб автотранспорталъе. Масала, къойида жаниб МахIачхъалаялъул базаразде 100 азаридаса циIкIкIун автомашина бачIунила.

ГIемерисеб мехалда хехаб кумекалъул машина ине бакIцин букIунарила сверун лъурал автомобилаз нухда. Гьеб цIияб бакIалда машинаби чIезаризе 10 гектаралдаса цIикIкIун бакI бугила бихьизабун. Гьеб букIине бугила даран-базаралъул цIияб стандарт нилъер республикаялда.

20 гектар ракьалда разе ругила кIитIалаял бакIал, гьенир тIоцебесеб тIалаялда букIине бугила 2 000 цIикIкIун тукаби. ГьабсагIат МахIачхъалаялда хIалтIулеб буго 5 базар, гIицIго шагьаралъул кIиабилеб базар хутIун, хутIаралщинал рахъинаризе ругин гьеб цIияб бакIалдейин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул администрациялъул вакил ГIалимирзаева Зайнабица. ЦIияб муниципалияб базар бан бахъине бугила 2017 соналде.

Зайнаб ГIалимирзаева: «МахIачхъалаялдаса базарал къватIире рахъинаризе руго. ГIуцIун буго хасаб график, гьелда рекъон, кIиабилеб базар хутIун, хутIарал бакIал рахъинаризе руго Шамхалалдаса рикIкIад гьечIе бакIалда бугеб «Муниципалияб базар» абураб комплексалде. Гьенибго гIуцIизе буго инфраструктураги.

Гъоркьиса байбихьун букIана гьеб базе, МухIамад Сулейманов нахъе индал чIезе тун букIана гьенже гьоркьоб къотIиялдаса хадуб гьеб халат бахъунеб буго. Исана ва тIаде соналда жаниб гьеб бан лъугIизабизе ракIалда буго. Гьенибго автостанция базе буго ва шагьаралда рагьизе буго тIаде цIияб маршрут гIадамал гьенире нахъе рачиналъе»

МахIачхъалаялъул «Восточный» базаралда хIалтIулей Маржанатица баян гьабуна гьеб хабар жидеда лъалин, амма жидее гьеб бокьун гьечIила. ГьабсагIаталда гьеб базаралда ричарулеб бакIалъул багьа бугила гьоркьохъеб куцалда цо миллион гъурущ. Гьеб ижараялъ босун ричаризе тарал ругила гIемерисел.

Гьеб цIияб бакIалда кинаб гьеб бакI букIинеб ва ричарулеб бакI босулаго хвараб гIарац бецIулеб букIинищ гьебали лъаларила. Гьединго бичIчIулеб гьечIила жеги кинал шартIазда кьезе ругел бакIал гIадамазухъеяле. Гьел ричун росизейищ ругел, яги ижараялъ росизейищ ругелали.

ТIоцебесеб иргаялда къватIибе бахъинабизе бугила «ЦIумадисезул» абулеб базар. Абизе ккола, шагьаралъул шималияб автостанциялда аскIоб бугеб гьеб базаралъул кIудияб лазатбахъи бугин траспорт хьвадиялъе.

Цебеккун, гьениб биххизабун букIана кванил нигIматал ричулеб бакI, амма гьеб нахъеги жалго ричарухъабаз гIуцIцIун буго гьениб. Базарал нахъе рахъун хадуб, МахIачхъалаялъул цIияб генералияб планалда рекъон, гьел ругел бакIазда разе ругила социалияб инфрастурктураялъул объектал: школал, лъималазул ахал, азарханаби.

XS
SM
MD
LG