МагъчIваялъе рес

Хисулел руго мэрал, хисулеб гьечIо тахшагьар...


МахIачхъалаялда рачIунел гьалбадерида суричIого рукIине, шималиябги жанубиябги рахъалъан шагьар лъавуде бачIинабизе кколин гьенир шагьранухаздаса авторынокалги, къваригIел гьечIел тукабиги нахъе рахъунин лъазабуна 17 февралалда МахIачхъала сверизе вахъарав республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьединго минаби ралеб къагIидаялдасагун чороклъи лъугIизабунгутIиялдасаги разилъи гьечIолъи хутIана гьесулъ.

Гьедин рес бугин гьелъие гIоло цо-цо хIакимзаби хъулухъалдаса рахъизегицинилан абураб хIинкъи буго мэриялъул хIалтIухъабаз.

Экс-мэр СагIид Амировасул заманалда Россиялда бищун цебетIурабги берцинабинги цIар щолеб букIараб МахIачхъалаялда ахIвал-хIал гьединаб букIиналъул бицен буго ахираб чанго соналъ. БитIун Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул бетIерлъун вачIараб заманалда республикаялде ахIун рукIана Азербайжаналдаса дизайнерал.

Гьезда тIад къалеб букIана МахIачхъалаялъул басрияб рахъ некIсияб къагIидаялда къачIазе. Щайин абуни Гуржиялъги, Армениялда, яги цогидаб бакIалда гIадин, Дагъистаналъул тахшагьаралда хутIун гьечIо бакI раялъул жиндирго хаслъи. Амма чан мэр хисаниги гьебги цогидабги иш рукIалиде бачIунеб гьечIо.

Гуржиялъги эрмениялъги гIадин жидерго хаслъи бугел шагьаразда данде кквезе бегьуларин МахIачхъалаян рикIкIунеб буго блоггер МухIамад Лабазановас.

МухIамад Лабазанов: «МахIачхъала цогидал шагьаразде данде кколелъул, чияс пикру гьабуларо чан сон гьелъул бугебали. МахIачхъалаялъул буго 157 сон. Гьединлъидал, 18-17 ва дагьалги церехун гIасрабаз рукIарал, жидерго хасаб архитектураги бугел, берцинал шагьаразде данде МахIачхъала кквей, дир хIисабалда, мекъи буго. МахIачхъала буго гIолохъанаб шагьар, гьанже заманалъе хасиятал ралел бакIалги ругеб.

Гьеб гIунгутIиги цохIо МахIачхъалаялда гуребги, цогидал шагьараздаги буго. Гьединлъидал жиндаго гIелбащадал шагьаразде дандеккун, МахIачхъала дица рикIкIунаро бихьизе квешаб шагьарлъун. ГIунгутIаби руго, амма гьел, цогидал шагьаразде дандеккун, гIемер гьечIилан рикIкIуна дица».

Амма кин букIаниги, гьабсагIат МахIачхъалаялда бакIал раялъулъги санитарияб ахIвал-хIалалъулъги низам гьечIолъиялъеги бугеб гIилла кколин хIакимзабаз бицунебги гьабулебги жо цоцада данде ккунгутIийин абулеб буго ЭР-ялъе Дагъистаналъул бакIал ралезул Гильдиялъул вице-президент ХIажи ХIажиевас.

ХIажи ХIажиев: «Бегьаниги, бегьичIониги, ракь багъарулеб бакI бугониги, гьечIониги, майилан кьолеб буго мина базе изну. КигIан гъол хIакимзабиги хисаниги, иш гьединанго хутIулеб буго. ГIарац бихьаралдаса нахъе щибниги батIалъи гьечIо гьезие. ЧIохъги цогидал росабалъ бугеб нилъер, мугIрул, архитектура ккола дунялалдаго беццулеб архитектура. Ниж щвана гуржиялъе, эрмениялъе. Гьениб кибго буго бакIал раялъул цо ккураб гIуцIи. Нилъер гьанибин абуни лъица щиб балеб бугебали лъалеб хIал гьечIо. Бицунеб жо цо буго, гьабулеб - тIубан батIияб буго. Гьезда хадуб хал кколеб идарабазул цояб буго нижер Гильдия. Гьелъ хал гьабула кинаб цемент, кинраб гамачI ва цогидаб хIалтIизабулеб бугебали. Гильдиялда гъорлъе уна 380 гIуцIи. Гьезул бащадал руго хIалтIиги гьечIого. Щайин абуни унго-унгоял махщелчагIиги жалго тун, учузаб багьаялде хIалтIулел тажикал рачун, хIамшариял рачун, чIорого хIалтIулелги, хIинкъизарун хIалтIулелги рачун, бакIал раялъул иш гьабсагIат бугеб хIалалде ккезабун буго. Гьеб лъаларев чиги гьечIо».

ХIажи ХIажиевасул рагIабазда рекъон, МахIачхъалаялда буго гIадамаз гIумру гьабулеб гIемертIалаяб 200 мина, гьел разе кьураб изнуги гьечIо.

ХIажи ХIажиев: «Гьале щуго соналда жанив ункъо министр хисана ралел бакIазул министерлъиялда. Щибха гьелъул ккараб? Сундухъ халкъ балагьулеб, цояв тун, цояв вахъун, цояв хисун, цIиял чагIи гьенир толел ругони. КIинусгониги мина буго МахIачхъалаялда гьедин бараб. Гьелъул хал гьабизе кколел гIадамал, хIукуматалъ чан нухалъ абуниги, цадахъ унаро гьенире.

Цин Минстрой уна, хадуб Гильдиялдаса чагIи уна, гьелдаса хадур Роспотребнадзоралъул хIалтIухъаби уна. Щайгурелъул, цадахъ анани, кьолеб жо киназдаго бихьун кьезе бегьуларелъул. Гьедин кьолеб-толеб жоялъухъги, проекталъухъги, тендералъухъги багьа цIикIкIанагIан, ралел бакIазулги багьа эхеде бахуна. ГьедигIан учузго гьечIо нилъер аниб, кьолеб багьа 15-20 азарго гъурущ буго, минаялъул багьа 40-50 азарго гъурущ буго, шагьар бакьулъ дагьабги цIикIкIунги батила».

Гьанибго рехсезе бегьула зама-заманалдасан баккулеб кьищнидул суалги. Гъуна-гъунал ккун шагьаралда бакIаричIого гьеб теялъе гIилла тIадехун ругез кьищни бакIарулезе кьезе кколеб мухь жидеего тIокI гьаби бугин рикIкIуна тахшагьаралда.

Гьеб киналдаго тIаде Россиялъул жанубияб рахъалда бищун квешал шагьранухалги МахIачхъалаялда рагIула. ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъ гьабураб улкаялъул шагьаразул рейтингалда бищун ахирисеб кьерда рагIула гьеб.

XS
SM
MD
LG