МагъчIваялъе рес

Гьанже Ак-Гель хIорги "сверун кколеб" буго ресал кIудияз


МахIачхъалаялда бугеб, Ак-гель хIорил рагIаллъи къанунги хвезабун бакIал разе кьун бугин абун разигьечIолъи буго шагьаралъул гIадамазул. Гьелда бан махIачхъалаялъулаз республикаялъул бетIерасухъе хитIаб гьабун буго, гьеб ишалъе квалквал гьабеян, тIалабги гьабун. Дагъистаналъул прокуратураялъги хIорил рагIалда ралел ругел цо-цо рукъзал къанунги хвезабун ран ругин чIезабун буго, гьелда хурхун цIех-рех лъугIизегIан чанго балеб бугеб бакIалда хIалтIиги чIезабун буго.

Гьал къоязда МахIачхъала рагIалда бугеб Ак-гель хIорида ракI унтараз Дагъистаналъул бетIерасухъе гьебги гьелъул рагIаллъиги цIунейилан тIалаб гьабун хитIаб хъван буго. Гьелда гъоркь гъулбасал ракIарулел руго гьез интернеталдасан, 18 июналда гьеб тIалабалда гъоркь 462 чияс гъулбасун буго.

ГIадамазул рахIатхун буго хIорил рагIаллъиги хвезабун гьенир гIемертIалаял минаби ралел рукIиналъ. Халкъалъе хIухьбахъи гьабизе бакI толеб гьечIин, гьенир гьарулел хIалтIабаз экология хвезабулеб бугин абун хъвалеб буго гьез жидерго хитIабалда. Амма аслияб къагIидаялъ гьезул разигьеч1олъи буго гьеб хIорил рагIаллъи тIадругез бокьахъин бича-хисун гьабулеб букIиналда бан.

ХитIаб гIуцIараз гьелъул гIайиб МахIачхъалаялъул администрациялдеги ва ракьул суалал тIуралеб, ай кадастровияб палатаялдеги гIунтIизабулеб буго. Гьеб кагътида бицен гьабулеб буго гьеб палатаялъ республикаялда ракьуда хурхун бокьараб хIилла-макру гьабулеб бугилан. Масала, гьебго хIорил рагIалда бугеб цо квадратный метр гурони кIодолъи гьечIеб ракьул кесек бихьизабун бугила гьез промышленносталъул объект базе бугеб бакIлъун, гьеб кесекалъе кадастровияб номерги кьун бугилан хъвалеб буго гьез. Кинила гьедингIан гьитIинаб бакIалда объектал ралел, хасго промышленносталъул. Гьеб бакIалда сверухълъи битIа-бишизабулел гIемераб техника бугила гьениб, гьеб гьитIинаб ракьул кесекалъе кьураб номералда гъоркь гьез гьениб сверухъ бугеб кIудияб бакIги гъорлъе бачун хIилла гьабизехъин бугин лъазабулеб буго гьез. Гьединго цин хIисабалде босун букIараб ункъго гектар ракьул, цо заманалдасан тIубан тIагIанилан, гьеб мухъалъул картаялдецин босун гьечIин гьебилан хъвалеб буго гIадамаз. Гьеб ишалда хадуб халкквейин ва гIайибиязе кьварараб тамихI гьабейин тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаниде гьабураб гьеб хитIабалда гъоркь гъулбасараз.

Амма жидедего гIайиб биччалеб гьечIо цебехун рехсараб ракьул ишал тIуралеб идараялъги. Гьезул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Эседов Альбертица «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго, лъазабуна жидер идара ракьал кьолеб бакI гурила. Лъиданиги тIад хъван, яги лъидасаниги тIаса рахъи гьеб жидеца гьабуларилан. Жидехъе ракьул кесек хIисабалда лъезе рачIунила гIадамал, гьелъие хIажатал документал гьез рачIун ругони сундухъниги балагьичIого жидеца гьеб бакIалъе номер кьезе кколилан бицана гьес.

Альберт Эседов: «Гьел нижехъе рачIунел документазул экспертиза гьабизе яги гьеб бакI бихьизе къватIире рахъинецин рес кьун гьечIо нижее. РукIунел ратила чанги гьереси документалги, ракьуда сверун гьарулел хIиллабиги. Хасго гьединаб хирияблъун рикIкIунеб ракь бугеб бакIалда гьединаб жо камуларо, амма кидаго нижеде гIайиб гьаби гьебги битIараб гьечIо. Нижер идараялъ ракьул планазе номерал кьола, гьел хIисабалде росула, тIокIаб нижеца гьабулеб жо букIунаро. Гьеб хитIабалда рехсон ругел ракьул кесказе номерал нижедаги лъачIого, нижер базаялде жаниреги лъугьун официалияб гуреб къагIидаялъ кьун руго. Дагьаб цебегIан нижецаго тIатинабуна гьеб иш. Гьеб хIисабалде босейин бачIараб цохIониги я гIарза, яги цойги батIияб документги гьечIо. Гьел гьечIого гьеб номер хIакъикъияблъун рикIкIунаро ва цойгидал гьеб ракьуда хурхарал документал щоларо. Гьеб иш гьабурав чи тIатинегIан нижеца гьеб ракь хIисабалдаса бахъичIого тун буго, кида –къадги гьелъул цойги документазда хадув вачIине ккола гьев. Нижеца гьеб ишалда тIасан гIарза ФСБялдеги хъван буго».

Гьедин кадастровияб палатаялъ жидедасаго гIайиб шагьаралъул нухмалъиялде хъущтIизабуна. Гьеб ракьал рикьиялъул, гьезие документал кьеялъул ва ралел бакIазда хадуб халкввеялъул иш гьез гьабизе кколилан. Амма МахIачхъалаялъул нухмалъиялъги жидедего гIайиб биччалеб гьечIо. Гьеб хIорил рагIалда ралел ругелщинал бакIал къануналда рекъон ралел ругин лъазабуна «Экренлъи» радиоялъе Дагъистаналъул тахшагьаралъул администрациялъул бакIал раялъул ва риххизариялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIазизов МухIамадица.

ГIазизов МухIамад: «Гьенир хIорил рагIалда цониги къануналде данде кколареб хIалалъ балеб бакI гьечIо. Нижеца гьоркьоса къотIичIого халгьабула шагьаралда ралел ругелщинал бакIазул. Щибаб моцIица гьезул мониторингги гьабун хIисабги кьола шагьаралъул бетIерасе. Гьеб хIорил рагIал бакIал раялъе 15 соналъ цебего кьун букIана. 10 соналъ цере ран лъугIун хIалтIизе риччарал объекталги руго гьенир. Гьаб сагIат гьенир ралел минабазулги цохIонигияб балел гьечIо гьел раялъе хIажалъулел документалги гьечIого».

Гьединго ГIазизовас лъазабуна гьеб цебехун рехсараб хитIабги цойгидал гьелда релълъаралщинал ишалги, ургъунго, МахIачхъалаялъул мэр МухIамад Сулеймановасул хIалтIи хвезабизе гьарулел ишал ругилан. Гьесул бакIалде рачIине къваригIаразе республикаялъул бетIерасда гьев квешаб хIалалъ вихьизавизе къваригIун вугилан.

КигIан цIакъ ГIазизовас гьеб хIорил рагIалда къануналда рекъон ралел ругин бакIалин лъазабуниги республикаялъул прокуратураялъулги гьелда щаклъи ккун буго. Гьедин 18 июналда гьезул сайталда кьураб баяналда рекъон Ак-гелалъул рагIалла «Уютный дом» абураб фирмаялъ балеб кIиго гIемертIалаяб мина къанунги хвезабун балеб буго. Гьедин ралел ругел гьел рукъзал риххизабизе кколилан лъазабулеб буго прокуратураялъ.

XS
SM
MD
LG