МагъчIваялъе рес

Адвокат моцIалъ туснахъ гьавуна МахIачхъалаялда


6 маялда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица туснахъ гьавуна адвокат ШагIбанов Хейрула. ЦIех-рехчагIаз изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналъул ва гьезие кумек гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго адвокатасде. Россиялъул къануналъул 208 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго гьесда тIад.

Адвокат моцIалъ туснахъ гьавуна МахIачхъалаялда
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:46 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбеков Расулица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьев адвокат ШагIбанов 4 маялда ккунилан. ЦIех-рехчагIазул информациялда рекъон 2014 соналъул августалда экстремистазул кьеразулъе лъугьун вукIун вуго гьев, цебехун бицен гьабурав адвокат.

Гьеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда гъорлъ цевегоялдаса нахъе вугев адвокатасул лъалев чи ХIажиев ХIажимурадил кумекалдалъун лъугьун вуго Шабанов гьезул кьеразулъе. Гьезие хIажатал кванил нигIматаздалъун, дарабаздалъун хьезарулел рукIун руго адвокат ШагIбанов Хейрулаца экстремистал.

Гьелда тIадеги жиндирго автомобилалда къваригIаралъуре раччулел рукIун руго гьел. 2015 соналъул марталда Болъихъ мухъалъул Кьохъ росдада аскIоб адвокатас гьев жиндирго лъалев чи ХIажиев ХIажимурадихъе 50 азарго гъурущги кьун букIун буго. ЦIех-рех чагIазул щаклъи буго гьеб нухалда гурониги цойги чанцIулго гьел рохьилазе адвокатас гIарац кьун букIиналда.

Гьезул хъизан-лъималазе хIажатабщинаб босунги унев вукIун вугин гьев, гьезие къваригIаралъубе банкалдасан гIарацгицин битIулеб букIун бугин абурал баяналги щун руго низам цIунулезухъе, амма гьел баянал жеги тадсикъ гьарун гьечIин лъазабуна республикаялъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбеков Расулица.

Къуваталъул идарабаз лъазабулеб буго гьев ШагIбановасухъа адвокатасул статус нахъе босиялъул суалалда тIад хIалтIулел ругин гьаб сагIатилан. Амма Дагъистаналъул адвокатазул палатаялъул нухмалъулев Бейбутов Акифица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна адвокатасул статус гьедин бигьаго нахъе бахъулеб жо гурилан.

Гьединго гьес лъазабуна ШагIбановасда тIасан гьанжелъагIан къуваталъул идарабазул яги гьес цIунулел рукIаразул цохIониги гIарз букIинчIилан. Коллегиялда гъорлъ гурев жиндирго кабинетги рагьун хIалтIулев адвокат вукIанила гьевилан.

Бейбутов Акиф: «Гьев гIайибияв вукIин чIчIезавуни гьелдаса хадуб балагьила щиб гьабилебали. ГIайибгьечIолъиялъул презумпция цIунизе ккола, ай чиясда гIайиб тIадчIезабизегIан гьев гIайибиявлъун рикIкIине бегьуларо. Нилъер къануналъги, халкъазда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабазги чIезабун буго гьеб презумпция. Дагъистаналъул адвокатазул палатаялде гъорлъе уна 900 ялдаса цIикIкIун адвокат.

ТIад такъсиргьабурал чанги адвокатал рукIана, амма гьезде экстремизмалда хурхун гIайиб гIунтIизабураб цониги хIужа ракIалде бачIунеб гьечIо дида. Кин бугониги цIех-рехалъ адвокатасда гIайиб букIин чIчIезабичIого нижеца гьесухъа статус нахъе босуларо».

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал Дагъистаналъул адвокатаз абуна ШагIбанов экстремист вугин аби гьеб тIадрелъизе ккараб жо бугилан. ГIодойги виччан жиндирго хIалтIуде вуссун вукIун гурони, кинаб букIаниги батIияб чIаголъи бугев чиго вукIинчIила гьев. Цойгидал адвоктазулгунги гIемер бухьенго букIунароанила гьесулилан. ГIемерисеб нухалда гьесухъе уголовиял гурел гражданиял ишал рукIунаанилан.

Адвокат МухIамадова Сапиятица лъазабулеб буго къуваталъул идарабазе дандекколарев чи вукIиналъ ургъун бахъун гIунтIизабулеб батизе бегьулила ШагIбановасде гIайибилан.

Экстремистазулгун гьедин бухьен гьабизегIанасев гIантав чи вукIине рес гьечIила гьев адвокатилан абуна Сапиятица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

МухIамадова Сапият: «Экстремисталги лъугIана, гьезие квербакъулелги дагьлъана гьанже хасал идарабазул ирга адвокатазде щун бугеб къагIида. Дагьавниги жидеего данде кколарев чиясда чIвазе бокьараб гIайиб батула гьез.

Экстремистазулгун хурхен гьабилев гIадан гьедигIанго цIакъ пикру гьечIев гIадалав чи вукIанин гьев ШагIбановилан кколаро дида. ГьечIеб гIайиб гьесде гIунтIизабулеб батани киналго адвокатал гьесие хIалае рахъине ккола. Гьесул гIайиб бихьизабулел далилал ругищали хал гьабизе ккола.

Унголъунги гьесда гIайиб батани диваналъ хIукму къотIиларищха гьесие, амма гьеб ишалъе гIайибияв вугин гьевилан абураб жоялда щаклъизе ячIуней йиго дун. Ахираб заманалда гьел хасал идараби цIакъ адвокатазде регIун ругин абизе бегьула.

Гьанисан дорасан нижеде гьарулел гьужумал лъугIулел гьечIо гьезул. Гьел идарабазул рукIин лъалел цо-цо сайтазда дунги Абу Увайс Хутавийилан абураб цIаралда гъоркь гIадамазда лъалев адвокат Увайсов Зиявудинги щайила жеги тун ругелин абун хъвадарулел руго цо-цоял».

ТIалъиялъе ва къуваталъул идарабазе дандекколарел адвокатазде ва журналистазде гIагараб заманалда гьужумал байбихьизе бегьулин абураб пикруги загьир гьабуна адвокаталъ.

XS
SM
MD
LG