МагъчIваялъе рес

ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадов МухIамадихъе адвокат виччалев гьечIо


ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадов МухIамад
ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадов МухIамад

МахIачхъалаялъул туснахъалда тIамун вугев «Союз Справедливых» гIуцIиялъул гIахьалчи МухIамадов МухIамадихъе адвокатги, туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул гIахьалчагIиги риччалел гьечIо.

Интернет-мухъ

Гьев жамагIатчиясе низам цIунулез гIазаб кьолеб батилин, гьединлъидал гьев лъиданиги вихьизе толев гьечIин лъазабулеб буго адвокатас. Гьеб туснахъалъул нухмалъиялъ къанунги инсанасул ихтияралги хвезарулел ругин абун республикаялъул прокуратураялде гIарзаги хъван буго адвокатас.

Гьал къоязда диваналъ цIидахъан жанив тIамизе хIукму къотIарав жамгIияв хIаракатчи МухIамадов МухIамадихъе туснахъалде я адвокат, я туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул гIахьалчагIи риччалел гьечIин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Гьесие гIакъуба кьолеб бугин туснахъалдайилан абураб щаклъиги буго гьезул.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе 25 февралалда ФСБялъул тIалабалда рекъон цIидасан туснахъ гьавуна МухIамадов. Гьес изнугьечIого ярагъ гьабиялъул ва гьеб цIуниялъул щаклъи букIун рагьун букIана гьесда тIад такъсиргьабиялъул иш. Цинги низам цIунулез ккун вукIарав гьев, цIех-рех лъугIизегIан диваналъ рокъов туснахъ гьавун тун вукIана.

Гьанже гьев тIурун ине бегьулин, гьес нугIзаде тIадецуй гьабизе бегьулин гьединлъидал жанив тIамун тейилан тIалаб гьабуна цIех-рехчияс диваналда. Живго МухIамадица лъазабулеб буго жиндир рокъоб чIухь балаго ФСБялъул хIалтIухъабаз бахъун араб къайи нахъбуссинабейилан тIалаб гьабидал жив жанив тIамизе къваригIанила гьезиейин.

2013 соналдаго Гъизляралда Хизбу-тахрир абулеб Россиялда гьукъараб ва экстремистияблъун рикIкIунеб жамгIияб гIуцIиялъул байрахъалги рорхун унеб бертадул автоколоннаялъул гIахьалчагIаздаги полициялъулаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун хадуб чIухь бан букIана МухIамадил рокъоб къуваталъул идарабаз.

Гьеб бертадул гIахьалчагIазул 17 чи ккун вукIана цин низамцIунулез. Гьезул ункъогояв хутIун вуго жеги туснахъалдаго, хутIарал риччана.

Гьел ккун ругезде террористияб къокъа гIуцIиялъул ва гьелъул ишазулъ гIахьаллъиялъул, улкаялда бугеб тIалъи хисизе хIалбихьиялъул ва гIадамазда гьоркьоб тушманлъи багъаризабиялъул гIайиб гIунтIизабун буго. 25 февралалда букIараб диваналда гьев МухIамадидеги цере гIунтIизарун рукIарал гIайибазде тIаде гьеб лъабабго гIайибги гIунтIизабуна.

Туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул вакилзабазул ункъабилеб къо ине бугила гьев МухIамадихъе туснахъалде ине щоларогунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб комиссиялъул гIахьалчи Расулов Русланица.

Расулов Руслан:« Цин гьеб туснахъалда нижеда абуна гьесулгун оперативиял тадбирал гьарулел ругила гьедирлъидал гьевгун дандчIвазе рес кьун бажаруларилан. 26 февралалдаса нахъе гьесухъе ине хIал бихьулеб буго нижеца, амма гьелъул хIасил ккечIо жеги. Нижер щаклъи буго гьеб туснахъалда къануналъ гьукъараб къагIидаялъ сурав босулеб бугин МухIамадихъайилан.

Хадубги республикаялъул прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялдеги нижеца гIарзал хъван хадуб, дежурный прокурорасулгун бухьен гьабун ахIи-хIур бахъинабун хадуб туснахъалъул нухмалъулес абуна комиссиялъила гьев МухIамадгун дандчIвазе рачIине ругин жалилан абун хасаб кагъат заманалда кьечIила жидехъейилан.

Гьеб буго гьереси, гьеб кагъатги нижеца гьесухъе букIине кколеб заманалда кьун букIана. Гьединал багьанаби ратун нижги риччачIого гьенире, нижеца цебесан гьеб туснахъалъуре жанире къватIире хьвадулел гIадатиял гIадамалги рукIана, кIиго-лъабгониги адвокатги ана гьениве.».

Адвокат ГIалиев ХанмухIамадица лъабго къоялда жаниб кIиго гIарза хъван буго республикаялъул прокурорасухъе жиндица ихтиярал цIунулев вугев МухIамадовгун дандчIвазе виччалев гьечIин живилан абун.

ГIалиев ХанмухIамад: «Дица цин хъвана республикаялъул прокурорасде гIарза дун туснахъалъул хIалтIухъабаз МухIамадгун дандчIвазе виччачIолъи къануналде данде кколареб иш бугин абун. Гьединго адвокатасда гьес ихтиярал цIунулев вихьизе гьукъи гьеб къанун хвезаби бугин лъазабейин гьездайиланги хъван букIана гьеб гIарзалда.

ТIоцебе гьеб хъваялъе гIилла ккана шамат къо гIодоркъо бугила, щивниги виччазе бегьуларила туснахъалдейилан лъазабун дун гьениве виччачIолъи.

ЦIидасан итни къоялъ дун гьесухъе индалги оперативиял тадбирал гьарулел ругила гьесулгун гьединлъидал МухIамадовгун дандчIвазе рес кьун бажаруларин лъазабуна. Гьеб мехалда дица цIидасан хъвана прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялдеги гIарза.

Гьаб нухалда дица тIалаб гьабулеб буго къанун хвезабулел гьел туснахъалъул хIалтIухъаби тамихIалде цIайин ва дун МухIамадов МухIамадгун данчIвазе виччайилан тIалаб гьабейин гьездасайилан».

Я адвокатас я туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъ МухIамадов МухIамад жанив тIамун вугеб МахIачхъалаялъул туснахъалъул нухмалъиялда тIасан хъвараб цониги гIарзалъе жаваб бачIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG