МагъчIваялъе рес

Адвокатас лъазабулеб буго жинца цIунулесухъе туснахъалде виччалев гьечIин


МахIачхъалаялдаса бизнесчи ХIажиев МухIамад низам цIунулез исана марталъул ахиралда ккуна. Гьесул рокъореги рачIун чIухь балаго гьениб экстремистияб литература батанилан лъазабун букIана гьез.

Интернет-мухъ

ЦIех-рех лъугIизегIан лъабго моцIица туснахъ гьавун вуго гьев ХIажиев МухIамад.

Гьев цин МахIачхъалаялъул туснахъалъуса Каспийскалде вачун, гьенисаги тIадвуссун МахIачхъалаялде вачун вихьизе толев гьечIин лъазабулеб буго гьесул адвокат МухIамадов Русланица.

Цере-цереги квалквалал гьарулел рукIанила жиндие гьевгун дандчIвазе гьаб нухалда туснахъалъул нухмалъиялъ тIубан гIорхъолъа арал жал гьарулел ругила, ункъго къоялъ ХIажиевасухъе виччалев гьечIин живилан абулеб буго адвокатас.

ХIажиевасул гIагарлъиялъ абулеб буго рокъой гьесул херай кIодоэбел гурони йикIинчIила, гьеб чIухь балелъул низам цIунулез гьелда я жидерго документал, я чIухь базе рес кьолеб документ бихьизабун гьечIилан. Жидеего бокьараб гьабулел рукIун ругин гьел ХIажиевазул рокъорилан.

20 минутгицин бачIила гьез рокъоре жанире рачIун, гьениб богорокъоб цIа-рагI бугеб шкафги рагьун гьениса цо киналали ричIчIуларел, жеги жидер рокъор рукIинчIел гIисинал кIиго-лъабго тIехь бахъанила гьез къватIибе.

Жидецаго лъечIого гьедигIан ракIчIун кинила гьез гьел тIахьал къватIире рахъулел, экстремистияб литература букIун батани жидеца гьеб бакъалда тунищила букIунеб, низам цIунулезе щиб багьана батунги МухIамадида чIвазе гIайиб къваригIун букIанилан абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ.

Гьезул рагIабазда рекъон ХIажиевасул буго хьитал гьарулеб гьитIинабго цех, гьесухъа гьеб бизнес бахъизе къваригIун цо чагIи хьвадулел рукIанила цин гьесухъе, гьес жидеда щибго жо бицунароанила, цехалъул хIалтIухъабаздасан щванила жидехъе гьеб информацияйилан абулеб буго гьез.

Гьел гIадамазе къваригIараб жо МухIамадица гьабичIеб мехалда бихьилин духъилан абун хIинкъабиги кьун ун рукIун руго гьел. Киназдаго лъалаанила МухIамад ХIизбу Тахриралъул чи вукIин, гьес гьеб бахчизеги бахчулароанила, амма киданиги жиндирго бербалагьи гIадамазда рекIинабулев чиги вукIинчIила гьев.

Жиндиего динги гьабун, кидаго хIалтIуда, гьел хьитал ричизе батIи-батIиял шагьаразда бакIал ралагьизе ун кидаго ххенелев вукIунаанила гьев. Кинаб букIаниги ХIизбу Тахриралъул жамгIияб ишалда гъорлъи вукIинчIила гьев, митингаздеги унароанила, гьелде регIарав чиги вукIинчIин гьевилан абулеб буго ХIажиевасул гIагараз.

Гьедин бугониги экстремистиябгун террористияб гIуцIиялъулъ, ай ХIизбу Тахрир партиялъул гIахьалчи вукIиналъухъ ва гьес экстремистияб литература тIибитIизабулеб букIанин абун жанив тIамун вуго ХIажиев МухIамад.

Россиялда террористияб гIуцIилъун рикIкIун 2003 соналдаса нахъе гьукъун буго гьеб партия. Дунялалда цохIо Россиялда гурони гьеб террористияб гIуцIи бугин тараб бакI гьечIо.

Ккун хадувги ХIажиевасухъе анкьидасан гурони адвокат виччан вукIинчIо. Пачалихъалъ вихьизавурав адвокат гурони гIагарлъиялъ ккурав цойгидав адвокат къваригIун гьечIин жиндиейилан абун гьесдаса инкар гьабизе тIамулев вукIун вуго гьев туснахъалъул хIалтIухъабаз.

Гьеб лъараб ХIажиевасул гIагарлъиялъ республикаялъул прокуратураялде гIарзаги хъван ахIи-хIур бахъинабун хадуб гурони виччан гьечIо гьесухъе адвокат. Гьаб нухалдаги гьесул адвокат МухIамадов Русланица республикаялъул прокуратураялде гIарза хъвазе ккун буго ункъго къоялъ гьев туснахъалде ХIажиевасухъе виччалев гьечIолъиялда бан.

МухIамадов Руслан: «Каспийскалъул полициялъул бетIерас виччачIо дун гьеб заманалъ гIадамал жанир тIамулеб изоляторалъуве. Гьез батIи-батIиял багьанаби ратулел рукIана, сон лъазабуна гьез изолятор бакъанида анлъго тIубазегIан гурони хIалтIуларилан. ТIубараб нилъер улкаялдаго гьел къаси анцIго тIубазегIан хIалтIула, гьеб низамалда рекъон хIалтIизе тIадабги буго гьезда.

Щайин нуж гьедин хIалтIуларелин абураб мехалда гьев полициялъул бетIерас абуна жидер уставалда рекъон жал анлъго тIубазегIан гурони хIалтIизе кколарилан. Гьелда цебеги цIех-рехалъулал тадбирал гьарулеб рукъ эркенго гьечIин абун виччачIо дун гьез ХIажиев МухIамадгун дандчIвазе.

Адвокаталги гьез ихтиярал цIунулелги гьеб рокъор дандчIвала. Цо къоялъ абуна ХIажиевасулгун цIех-рехалъул тадбирал гьарулел ругила, цойги къоялъ вачIайилан. Гьеб кинабго чIалгIун дица республикаялъул дежурный прокурорасухъе ахIана, бугеб ахIвал-хIалги бицана дица гьесда.

Дица цIунулев вугев ХIажиев я вухун ватилин, я гьесда ток кьабизибун гIазаб кьолеб батизе бегьулин, гьеб киналъулго гIужал нахъе инегIан виччалев ватиларин дун гьевейилан кколеб буго дида. Гьеб кинабго дица прокурорасдаги лъазабуна, итни къоялъ цIидасан прокуратураялде гIарза кьезеги ине вуго дун».

Ахираб кIиго моцIида жаниб Дагъистаналда къогоялдасаги цIикIкIун ХIизбу Тахриралъул мухъилъ ругел гIолохъаби ккун руго полициялъулаз. Ахирал моцIазда жаниб тIолабго Россиялдаго байбихьун бугин гьел кквезейилан абизе бегьула. Бищунго гIемер чи гьезул Москваялда, Казаналда ва Уфаялда ккун руго.

XS
SM
MD
LG