МагъчIваялъе рес

"Пантюркистазе бокьун букIинчIо Дагъистаналда миллиял мацIал церетIезе"


1927 cоналда Дагъистаналда бахъараб букварь
1927 cоналда Дагъистаналда бахъараб букварь

Совет хIукумат гIуцIун хадуб араб гIасруялъул 1920-30 соназда миллиял мацIал церетIеялъул рахъалъ Дагъистаналда рукIарал квал-квалазул бицана 29 апрелалда республикаялъул ГIелмияб Централда.

Совет хIукмат бергьун хадуб Дагъистаналда миллиял мацIазде кIвар кьезе цIияб хIукуматалъул нухмалъиялъ байбихьарабго, республикаялъул нухмалъуда рукIарал цо-цояз абулеб букIун буго тIолабго республикаялда цо гIаммаб мацI букIине кколин. Гьединаб мацIлъунги гьез тIаса бищун буго турказул мацI.

Интернет-мухъ

Амма революционер СагIид Габиев ва гьесул пикруцоял дандечIун руго гьединаб сиясаталда - республикаялда ругел киналго миллатазул нилъеца адаб гьабизе кколин ва гьезие рес кьезе кколин жидерго мацIалда хъвай-хъвагIайги букIине, литературиялгун цIалул тIахьалги рахъизе. Амма кин бугониги пантюркисталги бергьун, гьезул мурадалда рекъон гьабизе байбихьун буго Совет хIукумат Дагъистаналда миллиял мацIал церетIеялъе гьабулеб хIалтIи. Амма чанго соналдаса гьеб гъалатI букIин бичIчIун буго гьезда.

Гьеб киналъулго хIакъалъулъ гIатIидго бицунеб букIана тарихиял гIелмабазул доктор, этнографиялъулгун, тарихалъул рахъалъ гIелмияв хIалтIухъан Каймаразов Ганица.

Совет хIукуматалъул мурад букIанин киналго миллатазул мацIазе цебетIейги щун гIадамал гьеб мацIалда хъвадаризеги, цIалдезеги ругьунлъи. Гьелъул кьучIалда магIарухъ рагьизе байбихьанин школалги, хIадур гьарунин цIалул ва литератураялъул рахъалъ тIахьалгиян бицана гьес. Амма гьелдаго цадахъ Совет хIукуматалъ кIвар кьолеб букIанин мугIрузул республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамаз жидерго мацIги хвезе биччачIого, цадахъго гIурус мацIги камилаб куцалда лъазабиялде.

Каймаразов Гани: «Большевиказул партиялъул программаялда хъван букIана тIолго халкъазул мацI цебетIеялъе рес кьезе кколилан. Гьелдаго цадахъ Дагъистаналда ругел миллиял мацIазеги. Гьел миллатазул маданиятги, литератураги, хъвай-хъвагIайги цебетIеялъе кIудияб хIалтIиги гьабулеб букIана гьез. Амма гьелдаго цадахъ гьезул мурад букIана Дагъистаналъул халкъаз гIурус мацI лъазабиги. ГIемер миллатазулаб Россиялда гIурус мацIалъул букIине бугеб кIвар бичIчIулеб букIана гьезда.

Дагъистаналъул халкъалъ цогидал миллатазулгун гьоркьорлъаби щула гьарилъе, гьел цоцада кIалъаялъе гIурус мацIалъ квербакъизе букIаралъул. Гьедин гIурус мацI Советияб пачалихъалда лъугьана киналго мацIал цолъизарулеб къуватлъун».

ГIемер миллатал ругеб Дагъистаналда Совет хIукуматалъе бокьун букIанин кIудияб гIарацги харж гьабичIого, лъайги, миллиял мацIазда хъвай-хъвагIайги цебетIезеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул ГIелмияб Централда тарихалъулгун, этнографиялъул ва археологиялъул бутIаялъул нухмалъулев МахIач Мусаевас. Амма гьелда бан гIемерал суалал рижун рачIанин, гьелда гьоркьоб аслияблъун букIанин кинаб мацI тIаса бищилеб абураб суал. Щайгурелъул мадугьалихъ ругел республикабазда букIаралъул киназего гIаммаб мацI.

Пантюркистазе бокьун букIанин турказул мацIалда кIалъазе киналго дагъистаниял, БалатIа гьезул мурад бергьаниги гьел мекъи рукIин бичIчIанин Совет хIукуматалда. 1930 абилел соназда киналго мацIазда тIахьалги риччазе, хъвай-хъвагIайги цебетIезе байбихьанин Дагъистаналда.

Амма Совет хIукуматалъ хIаракат бахъулеб букIанин Дагъистаналда гIарабалъул литератураги, хъвай-хъвагIайги тIагIинабизе. Атеистазул пропаганда билълъанхъизабулеб цIияб хIукуматалъе гIарабалъ хъварал Къуръаналги, цогидалги гIелмиял тIахьал цIунун хутIизе бокьун букIинчIелъул.

Совет хIукумат бачIинегIан миллиял мацIазда кинабниги хъвай-хъвагIай букIинчIилан чIезабизеги лъугьун рукIанин гьел, амма гьебги гьезул гъалатI букIанилан абуна МахIач Мусаевас.

Пантюркистазе бокьун букIинчIо миллиял мацIал церетIезе Дагъистаналда
Пантюркистазе бокьун букIинчIо миллиял мацIал церетIезе Дагъистаналда

МахIач Мусаев: «Гьез абулеб букIана Дагъистаналда миллиял мацIазул цебетIей лъугьанила Совет хIукуматалъул заманалдаян. БитIараб буго, гьедин букIана. Амма инкъилаб ккелалде цебе Дагъистаналда миллиял мацIазда бахъулеб литература букIинчIинги абулеб букIана гьез. БукIана. 17-18 гIасруялда хъварал кучIдулги, хъвай-хъвагIайги, тарихалъул тIахьалги рукIана Дагъистаналда риччалел.

МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда магIарул мацIалда бахъараб 124 тIехь букIана инкъилаб ккелалде, цогидал мацIаздаги рукIана гьел. Гьедин тIахьал риччалеб мехалъ литератураги букIинчIого букIинищ? Нилъедаги лъала гьеб, болмацI букIараблъи добмехалъ.

Гьединаб гъалатI букIана Совет хIукуматалъул гIалимзабазул, политикияб тIадкъай гIадаб жо букIана гьезул гьеб. Гьезие абизе бокьун букIана нахъеккун букIараб магIарул миллияб мацIги, литература жидеца цIигьабунин, жидер квербакъиялдалъун цебетIунин гьеб. ЦебетIуна дагIба гьечIо, школалги рана, тIахьалги риччана, батIи-батIиял мугIалимзабиги хIадурана, лингвистикаялъул мацIги цебетIуна магIарухъ. Амма гьелде щвезегIан болмацIалда хъвалебги, цIалулебги букIана гIадамаз».

Гьеб куцалда миллиял мацIал церетIезе хIаракат бахъанин Совет хIукуматалъ, амма гьеб гIадада ккана гурищин, мисалалъе жидер лезги мухъалда рахьдал мацIалда кIалъалев чи хутIун гьечIин киналго гIурусалъ кIалъалин. Щиб гьабизейин нилъеца цIунизе кколеб миллияб мацI, гIурус мацIалъул киса-кибего кIвар бугеб мехалъилан суал кьуна Каймаразов Гание, данделъиялда вукIарав цояс. ГIурус мацI кигIан машгьурлъаниги, жиндирго мацI гьечIони цониги халкъалъул цебетIей букIунарин, мун мекъи вугилан жаваб кьуна гьесие гIалимчияс.

XS
SM
MD
LG