МагъчIваялъе рес

Унго-унгоял бусурбабазе Европаялдаги буго бакI


Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIадал террористиял гIуцIабаз ГIагараб Машрикъалдаги Европаялъул улкабаздаги гьарурал бидулал акциязда хадуб, европаялъулазул бербалагьи бусурбабазде ва жибго исламалде квешлъанин, гIемер бицунеб букIуна Россиялъул исламиял инфосурсатаз.

Радикалиял гIуцIиязул хIаракатчилъи къувалъулеб букIиналде балагьун, Магърибалъул улкабазда гIумру гьабулел бусурбабазул гIумру гьанже, захIмалъизе бегьулин, абурал пикраби ахрисеб заманалда гIемер загьир гьарулел руго диниял информсурсатаз. Кинаб бугеб хIакъаб ахIвал-хIал ва кин бихьулеб бугеб гьеб жибго Европаялъул улкабазда гIумру гьабулел бусурбабазда? ​

Унго-унгоял бусурбабазе Европаялдаги буго бакI
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:16 0:00
Интернет-мухъ

ГIемер соназ Франциялда гIумру гьабун вугев чачаназул тарихчи Майирбек Вачагаевас абулеб буго, цо-цо информалатаз бихьизабухъе, Европаялъул улкабазда гьечIин исламофобиялъул гьединаб кIудияб даражайин. Гьелъие гIиллаги кколин, улкаялъул гIадамазда лъугьа-бахъунелъул хIакъал кьалбал кир ругелали лъалеб букIиналдайин.

Майирбек Вачагаев: «Европаялъул гIадамазул 90-99 проценталда бичIчIуна гьелъул хурхен я диналда, я миллаталда гьечIеблъи. Амма кидаго ва кирго ратула цо-цо гIадамал, цо-цо къокъаби, жамгIияталъул пуланаб бутIа киналго балагьал исламалда, бусубабазда хурхараб бугин рикIкIунеб.

Бицен гьабулел гIадамал аслияб къагIидаялда ккола радикалиял, ультракваранал бербалагьиязул гIадамал, гьел рукIуна ультракваранал, фашистазул бербалагьиялъул гIуцIабазул ва партиязул гIахьалчагIи. Гьединазул хIаракатчилъилъи хурхараб букIуна бусурбабазул диналде бугеб рокьи хIакъир гьабиялда. Мисалалъе, Франциялдаги рукIана Парижалъул рагIаллъиялда мажгиталда аскIобе яги бусурбабазул хабзалалъе болъоналъул бетIерал реххиялъул хIужа, букIана релъараб хIужа Бельгиялдаги.

Гьединаб къагIидаялда гьезие бокьун бихьизабизе жидеца гьеб яги доб теракталъухъ бецIизабунин. Гьединал гIадамаз гьединаб къагIидаялда Бельгиялдаги Франциялдаги терактал гьарурал гIадамазул гIайиб киналго бусурбабазде тIибитIизабулеб буго. Гьебни гъалатIцин кколаро, гьеб такъсир ккола. Амма, талихIалъ бицен гьабулеб буго жамгIияталъул гьитIинабго къадаралъул».

Вачагаевасул рагIабазда, Франциялъул ва цогидал улкабазул бутIрузул гIуралъ цIодораб реакция букIуна цо-цо нухалда загьирлъулел гьединал инцидентазда хурхун.

Майирбек Вачагаев: «ТалихIалъ улкабазул талъияз бицен гьабулел гIадамузул хIаракатчилъи гьоркьоб къотIизабула. Рехсарал гIадал хIужжаби загьирлъараб мехалда, премьер-министразцин жидецаго тIаса лъугьин гьарула бусубабазул уммаялдаса. Гьединаб къагIидаялда гьез чIван-къотIун бусурбабазда бихьизабулеб буго, миллатчагIазул къагIидаби жидеца къабул гьарулареллъи. Гьединаб къагIидаялда гьез бихьизабулеб буго гьединал актал пачалихъалъулги халкъалъулги пикру ва бербалагьи гьеб кколареблъи.

У, киналго улкабазда ратула бусурбабаздаги террористаздаги гьоркьоб ращалъиялъул гIаламат лъезе бокьарал гIадамал. Хасго "Исламияб пачалихъ" гIадал гIуцIабазул бидулаб багъа-башари загьирлъараб мехалдаса, гьединал радикалазул хIаракатчилъиги бихьулеб буго, мухIканлъизабуни, гьезул хIакъалъулъ дагьалъ цIикIкIун рагIунеб бугин, абизе бегьула.

Террористиял гIуцIабаз гIадамазул бутIрул къотIулел рукIин баянлъараб мехалда, гьез Европаялъул шагьаразда тIадекIанцIиял гьарун хадуб, Европаялъул радикалазул ресал цIикIкIана ислам агрессивияб ва дунялалъе хIинкъи бугеб дин бугин бициналъе.

Гьединал актазул гIемер бицунеб букIуна. Щуго гIан соналъ цебе гьединаб жо цебе чIезабизецин бегьулеб букIинчIо. Гьединаб хIакъикъаталъ гьа-гьай ургъел ккезабула, хасго хадур сунде гьелъ рачине рукIин лъалареб мехалда».

IslamNews абураб сайталъул макъалаялда кIвар буссинабулеб буго, Россиялда православиязул аслияб къадар бугел регионазда, бакIалъулал администрациязул цояз гьукъулел ругин бусурбаби рукъизе бакIал кьезейин. Мисал хIисабалда автораз бачунеб буго Москваялъул хьибилалда бугеб Одинцово шагьаралъул талъиялъ бусурбаби рукъизе гьукъи.

РукIунищ Магърибалъул улкабазда гьелда релъарал проблемаби? Суалалъе жаваб кьолаго, Вачагаевас абулеб буго, жиндир гIемер контактал рукIунин батIи-батIиял улкабазда гIумру гьабулел кавказалъулазулгун ва жинда киданиги рагIинчIин лъидасаниги гьединаб гIарзин.

Майирбек Вачагаев: «Гьаниб Европаялда нужер чи хвани вукъизе рес буго. Амма проблема бугониги, гьеб хурхараб буго нилъер гIадамазул, Шималияб Кавказалъул халкъазул психологиялда.

Дица гIумру гьаниб гьабун бугел соназда жаниб дида бихьана, нилъер гIадамазе бокьуларо жидерго гIага-божарал гьанир рукъизе. Гьезие бокьула гьел Чачаналъ, Дагъистаналда, жидерго ватIаналда рукIизе.

Гьеб учузаб ишги гуро. Ниж гьанире щвараб мехалда гьелъие холеб букIана щуазарго гIанаб евро. Гьанжейин абуни, гьеб микь азаргоялдацин чIоларо.

Гьанир Европаялда бусурбабазул батIа чIарал хабзал кверзул кильщазда рикIкIине бегьулел ратила. Амма щибаб хабзалалъ руго бусурбабазе рихьизарурал бакIал. Гьел рукIуна христианаздасаги, жугьутIаздасаги, буддистаздасаги ратIа гьарурал, ратIа чIарал бакIал. Аслияб къагIидаялда гьел сверун ккун рукIуна хъархъил чалиялъ. Гьединаб бакIал руго гьанир жиб-жиб хабзалалъ.

Гьединал бакIазда рукъула аслияб къагIидаялда алжиралъулал, мароккоялъулал ва цогидал. Гьеб рахъалъан проблема дидани бихьуларо гьаниб.

Проблема батаниги, гьеб буго гIицIго психологияб. Гьебги щиб нилъерал хIинкъун рукIуна, хварасул жаназа ватIаналде щвезабизецин гIарац гьечIин гьесулин, гIадамаз абизе бегьиялдаса.

Гьанир руго нилъер ракьцоязул хобал, довго Тапа Чермоевасул, Баммат ХIайдарил ва цогидазул.

Дие бокьун буго абизе, гьечIо гьаниб кинаб гIаги проблема бусурбаби рукъиялъул. Ай, лъицаниги абуларо нужеда, гьел рукъугеян, жаназабазул кремация гьабеян, ай, рухIеян. Гьединал жал гьанир рукIунаро. Кинабго жо дудаго бараб буго. Дуцаго ва дурго гIагараз бищула кин ва кив мун вукъивали".

Гьедин бицана нижер программаялъе гIемер соназ франциялда гумру гьабулев гIалимчи Майирбек Вачагаевас.

XS
SM
MD
LG