МагъчIваялъе рес

Абрини мукIурлъана Парижалъул терактал хIадур гьариялда гIахьаллъиялъе


Бельгиялъул прокурорас лъазабуна, рузман къоялда ккурав МахIамад Абрини мукъурлъанин гъоркьиса Парижалда гьарурал терактал хIадуриялде хурхен букIиналъе ва гьенирго цIиял терактал гьаризе хIадурлъулел рукIараблъиялъе. Гьев гьединго ккола 22 марталда Брюсселалда гьарурал тIадекIанцIиязул гIахьалчиги.

Рузман къоялда Абринида цадахъго ккун вуго тIадеги щуго чи, гьезул цIарал гьанжеги къватIир чIвазарулел гьечIо. Терроизмалде гIахьаллъи букIиналъул гIайиб гIунтIизабун буго Абриниде ва гьесда цадахъ вукIарав лъабго чиясдеги.

Бельгиялъул прокуратураялъ мухIканлъизабун лъазабулеб буго, ккурал мукIурлъанин Парижалда терактал гьаризе планал рукIараблъиялъе. Амма цIех-рехх цIакъго хехаб къагIидаялда унеб букIин бихьун хадуб, гьез гьел Брюсселалда гьаризе хIукму гьабун бугин, жубалеб буго прокуратураялъул лъазабиялда.

22 марталда гьарурал терактазул хIасилалда Бельгиялда хвана 32 чи, жалго хвалде унел рикIкIинчIого.

XS
SM
MD
LG