МагъчIваялъе рес

Щаклъи бугев лъабгояв ккун вуго Брюсселалда


Террористикияб хIаракатчилъиялда хурхен букIиналъул гIайиб лъабго чиясде гIунтIизабуна итни къоялъ Бельгиялъул Федералияб прокуратуроялъ. Гьел ккола Яссин, МухIаммад ва Абубекр абулел чагIи. Гьел ккун ругоан Брюсселалда, Мехеленалда ва Дюффелалда тIоритIарал рейдазул хIасилалда.

Прокуратуроялъ дурус гьабулеб гьечIо, Брюсселалда рукIарал терактазда гъозул хурхен бугищ-гьечIищали.

Итни къоялъ Бельгиялъул сахлъи цIуниялъул министр Маги де Блокица лъазабуна, азарханаялда жеги ункъго лъукъарав гIумруялдаса ватIалъун хадуб дол терактазул хIасилалда чIваразул къадар 35 чиясде баханин.

XS
SM
MD
LG