МагъчIваялъе рес

Кив вугев АхIмаддибиров МахIамад?


Ukraine – Prison, jail
Ukraine – Prison, jail

Лъабго къоялъ кив вугевали лъалев гьечIо МахIачхъалаялъул цIех-рех лъугIизегIан, заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда вукIарав АхIмаддибиров МухIамад.

Гьев 24 февралалда полициялъулаз малъараб гьабичIилан абун багьанаги батун административияб тамихI гьабун, анцIго сордо-къоялъ туснахъ гьавун вукIун вуго. Гьес малъараб гьабичIин низам цIунулезулин аби гьеб гьереси бугила, гьелъие нугIлъи гьабизе чанги чиги вугин лъазабулеб буго АхIмаддибировасул адвокат Ильясов ХIамзатица.

Гьесул рагIабазда рекъон низам цIунулез ургъун бахъун багьанаги батун туснахъ гьавун вукIун вуго гьев. Щай гурелъул гьев тIагIарав исана февралалъул байбихьуда Буйнахъск мухъалъул Гъоркьагъаздануши ккараб чIвай-хъвеялда хурхун рагьараб такъсиргьабиялъул ишалъулъ нугI вукIун. Гьеб росулъ вахIшиго херал рос-лъади чIван ратун рукIана. ЧанцIулго нусал кьабун, хъун инжит гьарун гьелгун, гьезул рокъоса 200 азаргогIан гъурущги босун тIагIун ратун рукIана такъсирчагIи. Жидецаго гьабуралъул лъалкIал тIагIинаризе чIваразул минаялда цIаги гъун буго гьез.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда адвокат Ильясов ХIамзатица бицана щуабилеб марталъул радакь къватIиве виччазе кколаанила МухIамад, амма гьев туснахъалъуса тIагIун ватанилан.

Ильясов ХIамзат: «Гьев къватIиве виччазе кколеб мехалда радакь лъабгоялда дунги гьесул гIагарлъиги щвана МахIачхъалаялъул цIех-рех лъугIизегIан заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалде. Гьениб нижеда лъазабуна гьев сагIаталъ цеве къватIиве виччанила жидецайилан. Къануналда рекъон бихьизабураб заманалдаса цебе гьев къватIиве виччазе ихтияр букIинчIо гьезул. Гьелдаса нахъе кив вугевали лъалеб гьечIо МухIамад. Полициялдаги абулеб буго жидер гьанив гьев гьечIилан».

МахIачхъалаялъул туснахъалдеги гIемер адвокатас ва туснахъазда бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул гIахьалчагIазул гIемерал гIарзазда рекъон вачун вукIун вуго гьев кIиабилеб марталда. Гьелде щвезегIан Буйнахъскалъул жанисел ишазул бутIаялда вукIун вуго гьев. Гьениб чIарбида гурони вега-вахъине бакI букIун гьечIо гьесие, квеназавулев вукIун гьечIо гьев. Лъабго къоялдасан гурони гьесухъе адвокатги виччан гьечIо.

АхIмаддибировасул гIагарлъиялъ жиндиргун къотIи-къайги гьабун гьесул адвокат жив вугин абурал документал гьеб полициялда рихьизаруниги, МухIамадилгун оперативиял тадбирал тIоритIулелъул гьезул гьенив вукIунев жидерго адвокат гурони жив ахIичIин гьезилан бицана Ильясовас. Гьениб жанив тIамураб бакIашлда гьесие гIазаб кьолеб букIиналдаги щаклъи бугила жиндирилан абуна гьес.

Гьеб кинабго АхIмаддибировасда гьел гIадамал чIваялъул гIайиб жиндаго тIаде босизабизелъун гьабулеб иш бугин абулеб буго Ильясовас.

Ильясов ХIамзат: «МухIамад гьеб такъсиргьабиялъул щаклъи бугев чицин гуро, гьев вуго гIицIго нугI. Гьев чIвай-хъвей ккараб мехалда тIубан батIияб бакIалда вукIараблъи чIезабун буго, гьелъие гIемерал нугIзалги руго. Гьелда т Iадеги АхIмаддибиров вуго кIиабилеб группаялъул сакъатлъи чIезабурав чиги. Низам цIунулезе гьеб киса-кибего ахIи – хIур бахъараб такъсиргьабиялъул иш рагьизе къваригIун буго.

Гьеб гьабурал чагIи ралагьизеги бажаринчIого лъиде реххунги гьеб тIаде реххизе хIаракат бахъулеб бугин гьезилан кколеб буго дида. Гьев МухIамадги гьенивго туснахъалдаго вугин, нугIасул бакIалдаса гьесул такъсирчи вахъинавизе къваригIун букIиналда щаклъи буго дир. Гьанжеги гьенив жанив тIамун гьесие гIазаб кьолеб батизеги бегьула. Цебеги гьесие гIазаб кьолеб букIараблъи тохтурзабазги тадсикъ гьабуна».

УФСИНалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов ГIамирханица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьев АхIмаддибиров МухIамад жанив тIамун гьечIила, виччазе кколеб заманалда эркен гьавун вукIанила гьевилан.

Ильясов ХIамзатица гьеб туснахъалъул хIалтIухъабазда тIасан гIарза хъван вуго республикаялъул прокуратураялде.

XS
SM
MD
LG