МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда ХIизбут-Тахриралде гьоркьоре унел ичIгоял ккун руго


ХIизбут-Тахриралъул гьукъараб литература
ХIизбут-Тахриралъул гьукъараб литература

АрбагI къоялъ ХIизбу-Тахрир гIуцIиялда гьоркьоре унев ичIго чи ккунила МахIачхъалаялдайилан лъазабуна къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

Интернет-мухъ

Исламияб сиясатияб партия ХIизбу-Тахрир экстремистиябгун террористияб гIуцIи бугинги лъазабун 2003 соналдаса нахъе Россиялда гьукъун буго. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон экстремизмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи бугел чагIазул рокъо-рокъоре ун хал-шал гьабулаго тIатинарун руго гьел ичIгоял. Такъсир гьабиялъул ишалъул цIех-рех гьабиялда гьоркьоре унел тадбирал рукIанила гьелиланги лъазабулеб буго низам цIунулез.

Щиб такъсиргьабиялъул иш гьебали баян гьабулев чи ккечIо гьезул рахъалдасан. Хамиз къоялъ баянлъана гьел ичIогоязул ункъояв ккурабго къоялъул къаси нахъе риччан рукIин. ХутIарал жеги жанир тIамун теялъе гIилла щиб бугебали лъалеб гьечIо. Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ гьеб ишалда хурхун жеги официалияб информацияги, ругел баяназда тIасанкIалъайги гьабулеб гьечIо.

Гьел низам цIунулез ХIизбу-Тахриралъул жигарал гIахьалчагIи хIисабалда ккурав лъабго чиясул рокъоб къануналъ гьукъараб экстремистияб литература батанин абурал баянала щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Къуваталъул идарабазул вакилзабаз жидецаго рехханила жиндир васасул рокъобе гьеб экстремистияб литература, гьев кквеялъе багьана къваригIун букIанила гьезиейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ккурав Рамазанов ХIажил эбел Аминатица. Гьелъул цойгидав вас ккола «Союз Справедливых» жамгIияб гIуцIиялъул вакил, кIиго соналъ цебе терроризмалъулгун хурхен бугев чи хIисабалда ккурав Рамазанов Шамиль.

Рамазанова Аминат: «КIиабилеб марталъул радакь дир васасул рокъоре рачIун руго маскабиги гьурмазда ххурал, ярагъ борчарал гIадамал. Жал къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби ругин абун гуреб, щибниги жидерго документги бихьизабун гьечIо гьез. Рокъоре жанир лъугьун хадуб гьеб бакIалдаго дир васги ккун, киса-кибего чIухь базе лъугьун руго гьел. Кинабго жо лъугIун хадуб нахъе унеб мехалда гурони чIухь базе рес кьолеб хасаб документги бихьизабун гьечIо гьез.

Дир вас вуго жиндирго как-кIалалдеги вуссун, хIалтIуде-нахъе хьвадун вукIунев чи. Дир гьитIинав вас Шамиль гIадаб жамгIиял ишазда гьоркьов вугев чиги вукIинчIо гьев киданиги, гьанжелъагIан жеги къуваталъул идарабаз цIехарав чиги вукIинчIо гьев.

Гьединлъидал гьел низам цIунулел Шамилил ишалъе гIоло рачIарал чагIийилан ккун буго дир нусалда. Гьез чIухь балелъул гьезда киса-киего хадуй хьвадулей йикIун йиго гьей. Нахъе йилълъайин, дуй щибин къваригIун бугеб мун бищун цIодорайищин йигейилан абун ццин бахъун кIалъалел рукIун руго гьел.

Цо нухалдаги нужеца чIухь балелъул жидер гьанибе кьвагьулеб жо реххун букIанин, гьаб нухалдаги гьебго жо гьабизе бегьулин нужецайин абун буго гьелъ. Гьеб мехалда гьелъул кIиго гьитIинаб лъимер кьижун букIараб рокъое жанире ун руго гьел, къан нуцIагун гьейги жание йиччан гьечIо. Чанго минуталдасан гьенир жанире аразул цояв къватIиве вачIун гьес цойгидасда абун буго кинабго хIадур бугилан.

Гьелдаса хадур дир нусги низам цIунулелги гьеб рокъоре лъугьиндал гьезул цояс шкафалда жаниса цо чанго техьги кагъталги рахъун рачIун руго. Гьеб кинабго къануналъ гьукъараб литература бугин абун дир васги вачун ун вуго гьез. Гьеб литератураги жидецаго реххана гьез гьенибе, нижер рокъоб киданиги букIараб жо гуро гьеб».

Рокъоб экстремистияб литература батунилан абун чи кквезе ва гьесда тIад тIакъсиргьабиялъул иш рагьи гьеб Россиялъул къануналда данде кколареб иш бугин абураб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокат ХIамидов Ринатица.

ХIамидов Ринат: «Рокъоб гьеб экстремистияб литература цIунунин абун гьев чиясе бихьизабураб тамихI гьечIо Россиялъул конституциялда. Гьев тамихIалде цIазе бегьула гьес къватIиве вахъун яги интернеталдасан гIадамал терроризмалде ахIулел ругони, яги гьеб терроризмалъул рахъккун гьес гьеб ритIухъ гьабулеб бугони.

Ай гьеб кинабго иш халкъалда гьоркьоб тIибитIизабулеб бугони. Гьедин гьечIеб гIан мехалъ чиясул рокъоб цо экстремистияб техь букIаниги яги гьезул чанго харчI букIаниги гьеб къанун хвезаби кколаро. Гьеб литература тIибитIизабулеб бугони гьелъухъгицин административияб тамихIалде гурони чи цIазе бегьуларо».

Цебехун бицен гьабурав «Союз справедливых» гIуцIиялъул церехъабазул цояв Рамазанов Шамиль диваналъ гьал къоязда ичIго соналъ жанив тIамизе хIукму къотIана. Гьесде улкаялда бугеб тIалъи хисизе хIалбихьиялъул, ва террористияблъун Россиялда рикIкIунеб «ХIизбу-Тахрир» партиялъул бутIа гIуцIиялъул гIайиб гIунтIизабулеб букIана.

Гьесдаго цадахъ гьебго гIайбиги гIунтIизабун анлъго сонги кьун туснахъ гьаруна Никифоров ГIумарги, ШиргIалиев Казимжанги. Гьел лъабалго диваналда мукIурлъана жал ХIизбу-Тахриралде гьоркьоре унел чагIи ругилан, амма гьез лъазабуна гьеб партия террористияб кколарилан ва жидецаги я улкаялъул тIалъи хисизе, яги гьелъул цолъи хвезабизелъун, ялъуни кинаб букIаниги террористияб пиша гьабулеб букIинчIилан.

ТIолабго дунялалда цохIо Россиялда чIезабун буго гьеб ХIизбу-Тахрир террористияб партия бугин абун. Гьеб партия экстремистияб кколарилан рикIкIунеб буго политолог ва исламалъул проблемаби лъазабулев гIалимчи Алексей Малашенкоца.

Гьес абулеб буго ХIизбу-Тахриралъулал радикалияб бербалагьиялъул чагIи, амма бокьараб гьабун Халифаталъе гIоло къеркьезе кколин лъазабулеб чагIи гурила гьелилан. Халифат сиясатияб къагIидаялъ гIуцIизе кколин абураб пикру букIунила гьезулилан.

XS
SM
MD
LG