МагъчIваялъе рес

Нилъер спортсменал кирего регIулел руго...


Гьал къоязда Дагъистаналда тIатинабуна «спайс» абураб синтетикияб наркотик бичулел такъсирчагIазул къокъа. Гьел рукIун руго спорсменал, самбоялъул рахъалъ батIи-батIиял къецазда бергьарал.

Наркотиказда дандечIараб федералияб идараялъ гьабураб операциялъул хIасилалда тIатинабуна 10 килограмм наркотиказул. Дагъистаналда гьединал такъсириял къокъаби цереккунги тIатинарун рукIана.

МахIачхъалаялда тIатинабуна кIудияб къадаралъ гьукъарал синтетикиял наркотикал ричулезул такъсирияб къокъа. Гьединаб баян кьуна федералияб наркотиказда дандечIараб идараялъ. ТакъсирчагIазул къокъа гIуцIун букIана Москваялда гIумру гьабулел дагъистанияздаса. Гьезул киназдего гIагарун рукIун руго батIи-батIиял къецазда бергьенлъаби росарал спортсменал-самбистал.

Ругьун гьарулел рукIун руго машгьураб самбоялъул клубалда. Операция гьабуна Дагъистаналдаги Москваялдаги цо заманалда. ТакъсирчагIазда кIвечIо рахчизе ва киналго гьеб къокъаялъул гIахьалчагIи ккуна.

Гьезда гъорлъ вуго цо Узбекисаналъул гражданинги абун лъазабулеб буго наркотиказда дандечIараб идараялъ. Операциялъул хIасилалда нахъе бахъана 2 килограмм жиндаса наркотикал гьарулеб химикияб реагент. Специалистазул баяназда рекъон, гьелдаса гьабизе бегьула 10 килограмм «спайс». Рехсараб къадар наркотиказул бичани такъсирчагIазе щвезе кколаан 30 млн гъуруш гIарац.

Наркоконтролалъул баяназда рекъон, ккуразул цониги чи кивниги хIалтIулев вукIинчIо, амма гьезул букIун буго гIезегIан бечелъи: цоясул букIун буго кIиго люкс классалъул машина ва кIитIалаяб рукъ МахIачхъалаялда. ГьабсагIаталда ккуразда тIад уголовияб хIалтIи гьабун буго. Къануналда рекъон гьезие кIудияб тамихI къотIизе ккола, хIатта гIумруялъго туснахъалъур тIамизеги рес буго.

Наркотикал ричулеб къагIида букIун буго мухIканаб, бичулев чи кквезе захIматаб. Гьеб гьукъараб хер бичулев ва босулев цоцада вихьулев вукIун гьечIо ва телефоналъ кIалъалев вукIун гьечIо. Гьеб бичулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ мухIканго «Эркенлъи» радиоялъе бицана Наркотиказда дандечIараб идараялъул цеве вукIарав хIалтIухъан АхIмад АхIмадовас. Гьесул группаялъ тIатинабун букIун буго араб соналъ цоги гьединаб наркотикал ричулезул такъсирияб группа.

АхIмад АхIмадов: «Наркотикал ричулев чияс интернеталде, кинабалиго социалияб гьиналде, машгьурал мессендежеразде рехула лъазаби. Босулев чияс гьенибе хъвала жиндие къваригIараб наркотик, гьелъул къадар, ва багьа рехсола. КъотIи ккун хадуб бичулес бицуна гIарац реххизе кколеб бакI. ГIемерисеб мехалъ гьеб букIуна электроннияб киса Qiwi ялъуни цоги батIияб.

Банкалъулаб карта бицунаро, щайгурелъул гьелда рекъон чи тIатинавизе бигьаго букIуна. Такъсирияб къокъаялъул вукIуна хасав гьеб информация тIибитIизабулев, щвараб гIарцул жаваб кьолев чи. ГIарац щун хадуб цоги чи уна наркотик босулев чи вугеб бакIулде ва гьениб лъидаго бихьуларедухъ бахчула гьеб. ГIемерисеб мехалъ гIемерэтажазул рукъзабазда цебе цо сунда бугониги жемун бахчула. Цо-цо мехалъ тIад щибалиго лъун тола, рищни-къул бугилан кколедухъ.

Гьеб гьабулевги хасав чи вукIуна такъсирияб къокъаялъул. Жалго наркотикалги батIи-батIиял руго. Мисалалъе, бищунго машгьураб буго гIолилазда гьоркьоб «лирика» абун лъалеб. Гьелъул цо капсулаялъул багьа букIуна гIага-шагарго 200 гъуруш. Босула гьез гьеб 90 гъуршиде. Цо капсула буго цо доза».

МахIачхъалаялда «спайс бичулел такъсирчагIазул къокъа тIоцебесеб нухалъ гуро тIатIинабураб. Гьал къоязда диваналде кьун буго цоги гьединаб къокъаялъул уголовияб хIалтIи. Араб соналъул январалда ккун рукIана Юсуп ГIабдулатIипов абурав чияс нухмалъи гьабулеб гьединабго къокъаялъул гIахьалчагIи.

Наркотиказда дандечIараб идараялъ кьолел баяназда рекъон, гьеб къокъаялъул электронниял кисабазде рехун батана 16 млн гъуруш гIарац. 2014 соналъул октябралдаса 2015 соналъул январалде щвезегIан бакIарараб гIарац буго гьеб. Гьенисан жидеего хIалтIизабизе бахъараб гIарац рикIкIичIого. ТакъсирчагIазул щивасе 20 соналде щвезегIан тусанахъалъул тамихI къотIизе рес буго диваналъ.

XS
SM
MD
LG