МагъчIваялъе рес

Даунил синдромалъул унтидул лъималазул хасаб центр базе гIарац бакIарулеб буго


Февраль лъугIизегIан халат бахъине буго Дагъистаналда цохIо гурони гьечIеб Даунил синдромалъ ва аутизмалъ унтарал лъимал цIалулеб  центр цIидасан кIодогьабун базе  гIарац бакIариялъул акция. Гьаб сагIат МахIачхъалаялда бугеб гьеб школалда 50 цIалдохъан цIалулев вуго, 300 гIан чи иргаялдаги чIун вугин, лъазабуна гьеб централъул бетIер ХIамзаева ГIайшатица.

ТIокIав чи цIализавизе бакI гьечIолъиялъ чIун хутIун руго гьелщинал лъимал иргаялда. Гьеб центр цIидасан кIодогьабун базеялъе гIоло ХIамзаева чанго соналъ къеркьелей йиго. Гьеб баялъе гIарац бакIаризе букIине 17 февралалда РГВК каналалдасан кIиго сагIаталъ лъасаб рахIму-цIобалъул марафонги тIобитIана. Гьеб акциялда жидее кумек гьабун батIи-батIияб пишаялъул гIадамалги рачIун рукIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIамзаева ГIайшатица.

ХIамзаева ГIайшат:«Нижер гьеб акциялъе квербакъи гьабуна Дагъистаналъул бетIерасги, МахIачхъалаялъул администрациялъги. Гьединго нижер рахъккун гьеб марафоналъулъ гIахьаллъизе рачIун рукIана гIалимзаби, артистал, спортсменал, жамгIиял хIаракатчагIи.

Гьел киназго гIарцулаб кумек гурониги щивас жинди-жиндир пишаялъул, хъулухъалъул рахъалдасан гьеб цеб центр баялъе квербакъи гьабилилан лъазабуна. Киназдаго бичIчIизе ккола гьеб Аллагьасул рахъалдасанги гIадамазул рахъалдасанги цIакъ кIудияб баркала бугеб иш букIин.

Гьел унтарал лъимал чияр рукIунаро, гьел киналго руго нилъер. Гьел лъималазе рукIине кколел шартIалги чIезарун, гьезда тIад хасал педагогалги хIалтIун, гьел куцани гьел заочно букIанигицин университетаздацин цIалун бажарула.

Нижер школалда гьел лъимал куцаялъе кIвараб хIалтIи гьабула, амма нижер дора цIалулел 50 лъимералъе кумек гьабизе кIваниги хутIаразда щиб гьабилеб ? Нижер гIадаб центр Дагъистаналда цониги гьечIо, руго унтарал лъимал кьолел хасал интернатал, амма нижер гIадаб цIалул программа бугел бакIал кирниги гьечIо.

Гьединлъидал гьезие цIияб кIудияб центр базе къваригIун буго нижее. Гьелъул мина базени гIарац бакIаризе кIванигицин гIелаан нижее. Жаниб лъезе къайи дагьабго бугониги нижерго буго».

Гьединго ГIайшатица бицана гьеб акциялъул хIасилал жеги данде гьарун гьечIила, кигIан гIарац гьеб марафоналда бакIаризе кIварабали лъаларилан. Гьеб ишалъе квербакъи гьабизе бокьараз хасаб номералде смс битIун, яги гьелъие бихьизабураб хасаб банкалъул счеталде битIизе бегьулеб буго гIарац. Гьединго гьеб гIарац бакIаризе хасал къалал лъун руго МахIачхъалаялъул супермаркетаздаги.

Гьеб централъул минаялъул хасаб проектги бахъун бугила, гьеб баялъе хIажатабщиналда тIад гьаризе ккезе ругел харжазулги хIисаб гьабидал гьеб иш рагIалде бахъинабизе пачалихъалъ яги чIахIиял бизнесчагIаз кумек гьабичIого бажарилин кколарин жиндидайилан абулеб буго ХIамзаева ГIайшатица.

ХIамзаева ГIайшат: «Гьеб центр баялъе цIакъго-цIакъ гIемер гIарац инехъин буго. ЦохIо къадалги тIохги гьабизегицин 50 миллион гъурущ хIажалъизехъин буго. Бищун гIемер гIарац жаниса гIебеде хIалтIаби гьариялъелъидал къваригIунеб. 300 чиясе бакI бугеб гьеб школа гIезегIан кIудияб бакI ккола.

ТIоцебе дица гьел батIиял лъималазе школа рагьараб мехалда гьезул эбел-инсуца гIарацги бакIарун гьелде къваригIараббги босун хIалтIилел рукIана ниж. Хадур спонсорал щвана нижее, чанго хитIабал гьарун, гIемер дун гьардон республикаялъул тIалъиялъги кумек гьабуна нижее. Гьанжеги пачалихъалъ яги рес бугел гIадамаз квербакъани гурони садакъаялъе бачIараб гIарцуде гьеб нижеца кидалха бан бахъинабилеб.

Гьеб цIияб школа базе ракь гьечIолъиги букIана нижер кIудияб проблемалъун. Чанго соналъ тахшагьаралъулги, республикаялъулги тIалъиялъухъе хьвадилей йикIана дун гьеб ишалъе кумек гьабейилан. ГIабдулатIипов Рамазан вачIараб мехалда гьес гурони гIинтIамичIо дихъ.

Гьесул амруялда рекъон МахIачхъалаялъул администрациялъ Ленинкент росухъ ракь бихьизабун букIана нижее школа баялъе, амма гьелъул документал гьаризе лъугьараб мехалда гьеб ракь щуго соналъ цебего цойгидал чагIазе кьун букIин тIатана.

Цойги батIияб бакIалда балагьилин гьеб школа базе бакIилан абуралдаса гIезегIан заманги ун букIана. Гьанже гьеб рахIму-цIобалъул марафон бугеб мехалда гьениве вачIун шагьаралъул администрациялъул вакилас лъазабуна гьебго Ленинкенталда нижее школа базе цIияб бакI бихьизабун бугилан, амма гьелъул документал жеги кодоре щвечIо дихъе».

2015 соналъ Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон республикаялда буго 32 азаргогIан сакъатаб лъимер. Гьезул ункъазаргогIан чи гурони хасал интернатазда гьечIо.

XS
SM
MD
LG