МагъчIваялъе рес

Цо-цоязни интернаталъул проблемабаздаса пайда босизецин гIамал гьабулеб рагIула


МахIачхъалаялъул гIакълудал рахъалъ нахъеккарал лъималазул «Забота» интернаталда сверун ахIи-хIур жеги гIодобцунеб гьечIо. Жидерго хасал мурадал ругел гIадамаз дагьабги цIакъ гьелегьинабулеб бугин гьебилан абурал баяналги руго.

Гьелъул нухмалъулей ГIумаханова Зарипат жиндиего бокьун хIалтIудаса нахъе ун йиго, гьелъул бакIалде жеги чи тIамун гьечIо. ЖамгIияталъ ва журналистаз гIемерб багъа-бачари лъугьинабуна гьеб интернаталда сверун. Волонтераз ва жамгIиял хIаракатчагIаз Россиялъул президент Владимир Путинихъе гьеб интернаталда лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугел интернаталъул хIалтIухъабазе гIадлу гьабейин, гьелъул нухмалъулей тамихIалде цIайилан тIалаб гьабураб онлайн-петициялъул 145 000 ялдаса цIикIкIун чияс рахъккун буго.

Гьениб лъугьа-бахъунеб бугелъул цIех-рех гьабейилан къуваталъул идарабазде гьабураб хитIабалъул хIасиллъун ккана интернаталда прокуратураялъ хал-шал гьабизе байбихьи.

Гьединго 23 марталда республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабуна интернаталда лъималазул букIине кколеб тIалаб-агъаз гьабулеб букIинчIолъиялда щаклъи ккун, гьениб лъугьа-бахъунелъул хIакъикъат чIезабизе такъсиргьабиялъул иш рагьун бугилан.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьеб такъсиргьабиялъул иш хас гьабун цониги чиясда тIад гьабун гьечIилан бицана Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Темирбегов Расулица.

Темирбегов Расул: «ГьабсагIат интернаталъул хIалтIухъабигун гьенир рукIарал ва ругел лъималазулгун цIех-рех гьабулеб буго. Гьеб интернаталъул жаваб кьолел, гьелда тIад ругел идарабазул вакилзабахъаги сурав босулеб буго.

Жакъа къоялде цIех-рехалъул аслияб масъала буго кинаб ахIвал хIал гьениб букIарабали тIатинаби, гьелъие хIажатал киналго документалги рорхун, хIалтIи гьабулеб буго».

Гьеб такъсиргьабиялъул иш рагьун хадуб интернаталъул нухмалъулейги гьелъул хIалтIухъабиги цIунун, гьезул рахъккун интернеталда хъвадарулезги кутак гьабулеб буго.

Рузман къоялъ интернаталда ругел унтарал лъималазул умумузул данделъи ахIун букIана. Гьелъул гIахьалчагIаз жидер толохIочарал лъималазул суратал интернеталдасанги, телевидениялдасанги щайин тIиритIизарурал, гьеб инсанасул ихтиярал хвезаби бугилан лъазабуна.

Гьединго гьез цIакъ кIудияб адабгун бицунеб букIана интернаталъул нухмалъиялъулги, лъималазул тIалаб-агъаз гьабулел хIалтIухъабазулги хIакъалъулъ. Гьез букIине кколедухъ балагьулила жидер лъималазухъ, гьезда чIвазе гIайибги гьечIин жидерилан лъазабуна гьез.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаницаги инстаграммалда бугеб жиндирго гьумералда хъван букIана интернаталда лъимал ракъуца хвезарулел ругин, гьел рухулел ругин, гьезул букIине кколеб тIалаб гьабулеб гьечIин абурал баянал хIакъикъиял ратичIин чIезабунила гьениб бугеб ахIвал-хIал лъазабулеб букIараб хасаб комиссиялъилан. Гьелдаса хадуб ГIабдулатIиповасул инстаграммалда чанго азарго тIадкIалъай гьабун букIана гIадамаз гьесде гIайиб гIунтIизабун, гьес гьеб ишалде букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIила, интернаталъул нухмалъулелъул рахъкколеб бугин абун.

Гьеб гурониги гIемер батIи-батIиял гIайибалги чIвана гьесда цохIо инстаграммалда гурони цойги социалиял гьиназдаги. Гьеб ахIи-хIур ургъунго ГIабдулатIипов дандекколарез багъаризабураб иш бугин абураб пикру буго чанги блогерзаул ва экспертазул.

Масала, гьеб ишалда сверун бищун цIакъ жиндиего цIар пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановасе гьабизе къваригIун бугин абураб пикру загьир гьабуна «Экренлъи» радиоялъе блогер ХIасанов Шамилица. Ризван Къурбановас Россиялъул прокурорасухъе хитIаб гьабун букIана гьеб интернаталда лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугин, гьелъие гIайибиязе тамихI гьабейилан тIалабги гьабун.

Блогерас бицухъе бищун цебе гьеб интернаталда лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугин, республикаялъул нухмалъи кибе балагьун бугебилан гIайибалги чIвараб хъвай-хъвай инстаграммалда бугеб «Тут Дагестан» абураб къокъаялда баккун буго. Гьеб Къурбановасул гIадамаз хъван букIин тIатаниланги бицана гьес.

ХIасанов Шамиль: «Тут Дагестаналъулги Къурбановасулги цIакъ цоцазе санагIалъи бугеб цолъи лъугьана. 400 азаргоялдасаги цIикIкIун чи гъорлъ вугеб къокъаялда Къурбановасе лъикIаб реклама гьабуна, гьеб ахIи-хIуралъ дагьалги гIадамал гъорлъе цIцIана гьеб къокъаялъги.

КватIичIого пачалихъияб думаялде цIидасан рищиял рукIине ругелъул, гьениб бергьиналъе гьедин нухал ралагьулев ватилан Къурбанов. ЦIикIкIун чи жанив вугогIан гьединал къокъабазда бизнес гьабизе санагIалъи букIуна. ГIемерисеб нухалда гьениб реклама лъуралъухъ саламатаб гIарац босула гьез, яги кинаб букIаниги лъазабиялъухъ.

Дагъистаниязул гIезегIанчи инстаграммалда вукIинги, унтарал лъималаздехун квешаб бербалагьи букIиналда тIад щивниги рекъолареблъи хIисабалдеги босун ургъунго гьеб халкъ багъаризабизе лъуна гьеб къокъаялда интернаталда лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугин абун баянал. Гьезул сураталги, видеоги.

Халкъ багъарун бахъиналде хантIан Ризван Къурбанов вачIана гьенивего жиндица гьеб суал гьедин тезе гьечIинги абун. Халкъалъе гьев кутакав чи лъугьана, интернаталда лъимал рухулел рукIанин ва ракъун толел рукIанин абурал баянал уял ратичIин лъазабурав ГIабдулатIипов квешав чи вахъана.

Гьесда щиб гIайиб бугеб, гьесищ интернаталъул нухмалъулей гьений хIалтIизе лъун йикIарай. Гьей хъулухъалде тIамураб республикаялъул цебе букIараб тIалъияда бихьулеб букIинчIищ гьениб лъугьа-бахъунев, живго Дагъистаналъул вице-премьерлъун вугев мехалда Къурбанов киве валагьун вукIарав. ГIадамаз гьелъул хIисаб гьабулеб гьечIо, гьанже кинабго гъегъ ГIабдулатIиповасде балеб буго».

КIиго къоялъ инстаграммалда бугеб Дагъистаналъул бетIерасул гьумер хIалтIулеб букIинчIо. Гьениб гъоркь жидеца хъванщинаб жо бацIцIунеб букIанила, хадуб гьеб гьумер тIубан къанилан абун гIадамазул разигьечIолъи букIана социалиял бухьеназда. 24 марталда ГIабдулатIиповасул пресс-хъулухъалъ лъазабуна гьесул киналго аккаунтазде хаккераз гьужум гьабулеб букIун, заманалъ гьел къан ругилан.

XS
SM
MD
LG