МагъчIваялъе рес

Лъица бачунеб «бакъан» гьеб кколеб?


Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасухъа хIалтIизе бажарулеб гьечIилан абун интернеталдасан петицияги гIуцIун, Россиялъул президент Владимир Путинихъе ритIизе гъулбасал ракIарулел руго.

Щив гьелда нахъа вугевали жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Амма цо пикруялда рекъон, гьел рукIине ккола Рамазан ГIабдулатIипов вачIун хадур тахбакIаздаса махIрумлъарал, гьанже Дагъистан тун къватIирехун ккарал гIадамал.

Буго цойги пикруги. ЭР-сан жиндирго цIар абизе бокьичIев чияс бицана Дагъистаналъул бусурбабазул идараялдехун бухьен бугел гIадамаз вацапалдасан хъванила жиндихъе Рамазан ГIабдулатIипов хъулухъалдаса вахъиялда бан гIуцIараб петициялда гъоркь гъулбас лъейилан. Гьевго чияс ракIалде щвезабуна гьанжегIагар «Черновик» газеталда бахъараб рейтингалда муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаев «халкъияв президентлъун» вихьизавун вукIинги. ГIадамаз ритIарал смс-сазул хIасил ккола гьеб.

Гьелда бан муфтиясе къваригIун бугин Дагъистаналъул нухмалъиялде вачIинеян абураб пикру бижулеб буго цо-цоязул. Амма гьеб гьереси гьабуна ЭР-ялъе «www.islamdag.ru» сайталъул нухмалъулев ГIабдулхIамид ХIажиевас.

ГIабдулхIамид ХIажиев: «Гьереси буго гьеб. Нижер позиция гурин гьебин абуна нижеца цогидаздаги. КъваригIел ккараб мехалда гьединан абизе информалатал гьечIогойищ ниж ругел? Рагьун абизе кIола, хIажалъи ккани. Амма гьабсагIаталда нижее къваригIараб жо гуро гьеб.

«Черновикалъ» «президентазул» рейтинг гьабулеб мехалда жамгIияталъулгун суалазул рахъалъ муфтиясул вакил МухIамад МухIамадов ун редакциялдегун, гьарана нахъе босейин кандидатазул сияхIалдаса муфтиясул цIарилан. Амма гъоз инкар гьабуна гьелдаса. Гьеб мехалда нижееги бокьичIоха муфтиясул цIар щалали лъаларел политиказул сияхIалда бищун ахада букIине. Гьеле гьелъ гьабураб жо букIана доб (муфтиясе гьаракь кьейин вацапалдасан лъазаби – ЭР)».

Гьаниб бицен гьабулеб петициялъе гъулбасал ракIаризе кьочIое босун буго лъаялъул рахъалъ гIажизал, сакъатал лъималазда хурхун гьанжегIагар МахIачхъалаялда бахъараб ахIи-хIур. Гьел хьихьулеб интернаталдехун гIалхулаб бербалагьи бугин тIадчагIазул, гьез кколеб къиматги кьолеб гьечIин республикаялъул бетIерасгиян абураб бицен буго гьал къоязда МахIачхъалаялда.

ГьанжелъагIан киб бугебалицин гьеб школа-интернет лъалеб букIинчIел чагIаз гьелдаса пайдаги босун, цогидазда ганчIал речIчIизе байбихьи бугин гьеб ахIвал-хIалалда гъорлъ бищун сурукъаб жоян абуна ЭР-ялъе бизнесмен ва блогер Тимур ГьиматхIажиевас. Жив батIаго Рамазан ГIабдулатIиповасда данде вугев, яги чара гьечIого гьесул рахъ кколев чи гурила, амма гьеб ахIи-хIуралдаса хадуб суал бачIунеб бугила къваригIунго ругелищин гьабсагIаталда республикаялда ругел гIанасел пачалихъиял информалатал абун. ГIабдулатIиповасул бакIалда вукIун, жинца гьездаса инкар гьабилаанила. Щайин абуни гьел пачалихъиял информалатазул тIубараб армия къезабулеб бугила интернеталда бугеб цо-кIиго сурсаталъ.

Тимур ГьиматхIажиевасул пикруялда рекъон, лъай мукъсанал лъималазул интернатги хIалае ккун, тахбакIаздаса махIрумлъизарурал цо-цо чагIаз хIалбихьулеб буго кватIичIого тIоритIизесел рищиязда гъоркь бакI хIадуризе.

Тимур ГьиматхIажиев: «Цогидал къагIидабазул хIалги бихьун, гьанже гьел гъаримал, сакъатал лъималазде щвараб куц буго гьезул ирга. Гьезул интернаталъул директор кинай ятаниги, дица дирго бухьеназдасан лъазабуна хIакъикъат. Лъаялъул рахъалъ нахъе ккарал гьел лъимал кутакалда захIмат букIуна хьихьизе. Масала, цебе бата-батараб жо кваналел рукIуна гьел. Амма гIадатиял гIадамазда ракIалде ккезе бегьула гьел ракъуца холел рукIун кваналел чагIиян. Гьезул директор нахъе ун йигин рагIана дида. Гьелъул бакIалде вачIине разиял чагIи гIемер рукIинарин ккола дида, бигьаяб жо гурелъул гьединал лъималазул интернаталда хIалтIи.

Гьанже гьеб ахIвал-хIалалдаса пайдаги босун, гIадамазул гъулбасал ракIаризе лъугьарал гIадамаз бищун мукъсанабгицин кумек гьабун батуларо гьезие. Гьелъие гIоло регионалъул нухмалъулев хъулухъалдаса вахъейин улкаялъул президентасда цебе суал лъолеб батани, гьединал хIужаби миллион рукIана нилъер. Гьеб тIалаб дос къабулги гьабуни, Россиялда щибаб кIиго къоялдасан хисизе ккела регионазул нухмалъулел. Гьеб жо чIанда буго. Гьеб буго исана сентябралда Россиялъул Пачалихъияб Думаялде, Федерациялъул Шураялда, Халкъияб Мажлисалде рукIинесел рищиязда жидеего гъоркьбакI къачIалел чагIаз бачунеб «бакъан». Гьенир кьижун, кванан ругьунлъарал гьел хIинкъун руго жал гьеб «мохмохидаса» махIрумлъилилан».

Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул бетIерлъун тIамуралдаса раккарал жал ругин гьев хъулухъалдаса вахъиялъул харбалилан, гIадамазул цо къадаралъ гIадахъги росулел гьечIо гьел.

XS
SM
MD
LG