МагъчIваялъе рес

Лъие ва сундуе балеб халкъалъ как?


"Карьеристасул как" абун цо кечI букIана Расул ХIамзатовасул. "Цо чинхъани чунтби цIолеб хъулухъ кье, Аллагь, хъулухъ кье ..." - ян. КIалалъ батIияб абуниги, рекIеца гьеб как такрар гьабуларев чи дагь ватилин ккола цо-цо мехалда жакъа Дагъистаналда лъугьа-бахъунелъухъ балагьун.

Киналго лъугьун руго хъулухъазда хадур. Щиб жоха кколеб гьеб хъулухъ? Нилъер улка Россиялда "хъулухъ" абураб рагIиялъ цебе бачIинабула гIорцIараб гьумер, тахбакI, машина, кабинет, курортазда бакI, гIамал кIудияв, гIадамал хIаларев чи. Гьеб чIобогояб бакIалда бижараб пикру гуреблъиги нилъее хIакъаб жо буго.

Гьедин букIун, бихьун, рагIун, гIумруялъулъ дандчIван щулалъана нилъер пикрабалъ ва ботIролъ гьеб образги. "Хъулухъ ва хъулухъчи" абурал рагIаби рагIарабго. Чан чиясдаха цеве тIамулев ватилев гьел рагIабаца хIалакъаб гьумералъул, тIеренаб лагаялъул, гIадамазул мурад киндай тIубалаян данде вортулев вакъва-къосарав чи?

Лъиданиги ватуларо, щай гурелъул гьединав чи вукIунаро тахбакIазда ва хъулухъазда. ХIалакъав вукIинеги рес буго, гIаламалда гурIхарав чи цIакъ къанагIатго гурони ватуларо. Амма жибго рагIул магIнаялъухъ балагьун гьедин букIине кколаан - хъулухъ тIубалев, гIадамазе хъулухъ гьабулев чиха. РагIи цо кколеб буго, цеве тIамулев чи тIуванго гIаксияв вуго. Цебехун абухъе гьедин букIунха гьеб гIумруялъулъ.

Гьединлъидалин киналго лъугьун ругел гьел тахбакIал ралагьизеги. Хур бекьиялдасаги, бокь бахъиялдаги лакайдул тахбакIидаги вукIун "алеее " - ян телефоналъ кIалъай бигьаяб букIунха. ТIаде жоялъе "дуе чайищ, кофейищ, Пулан Пуланович" - ан кIалтIа хьимхьидулей секретаршаги йигониги гурхIунищха бокьилареб эб хъулухъ?

Гьел секретаршабиги цо-цоязул Европаялъухъего мини юбкабалъ рукIуна, гьанже цо-цо хиджаб ретIаралги раккана. ШаргIалъул нухда къагьва-чай босулел чиновниказе. Гьел рокьиларищха гIолохъанчиясе, масала салигун цементги жубазабун бетон багъариялдаса? Хасго бакъги багIарун бугони.

Бухгалтергун кассиралги рачIуна духъе цо щавараб бакI лъалареб гIарац бугIизе, "гьадинги, гьадинги гьабуни лъикI букIинарищ?"- ан дур дагIба букIине ресго гьечIел суалалги росун. "БегьунгутIини гьелъул щибха букIинеб, амма законалда данде кколареб жо нилъеца гьабизе бегьуларо"- янги абун хъурщиялъубе реххула дуца тIогьилал кагътазул "кирпич". ГьадигIанго гьадин рекъон гьечIоян бакъанида как базеги уна мун, цо гIадамазда лъикI вихьулеб гIадаб бакIалдаги эхетун. Кин доб букIараб:

Рокъоб как баларев Гогол ГIалица

Гамидаги вахун жамагIат бала...- ян абухъего.

Бан бахъилелде ватцапалда ва фейсбукалда Дагъистанги сверула дур гьеб какалъ. ГIаламалъухъе гьеб щола, Аллагьасухъе щун батин захIматаб суал буго. "Ма ша Аллагь" бачунел диналъул вацалги рукIуна, дуе лайкал лъолезул къадарги чанго азаргоялде бахуна.

ГьадигIанго гьадин рекъон букIинарин дуца цо такъия лъурав чиясухъе пресс гIурччинал кагъталги ругIула садакъаялъе. Гьесги дуе боцIи гIемерлъагиян дугIа гьабула, гьаб мискинхалкъалъул гIарацги бикъуге, ришватги, цIогьги ахир къиямисеб къоялъ дуца Аллагьасда цебе жаваб кьезе кколеб иш бугин абизе кколеб бакIалда.

Балъго хIакимзабазе гьединаб вагIза гьабулищ дида лъаларо, амма рагьун ришват босуге ва бюджет бикъугеян гьабулеб вагIза дида рагIичIо. ГурхIунищха лъугьинарел гIадамал хъулухъазда хадур гьеб кинабго бихьун хадур? Гьелдаса инкарги гьабун Аллагьасул нух кквезе ккани хIажалъула кутакалда щулияб иманги, роцIцIараб гIакълуги, чохьолгун чорхол тIалаб къезабун бажарулеб къуватгун, ияхIги. Гьеб мукъсанлъиялъ лъугьун буго жакъа нилъеда гьоркьоб гIумруялъул магIналъун хъулухъ.

Какил шурутIал кIалалъ рукIине кколел рехсаниги, гIемерисезул ракIал жеги руго беццго, гьезулъ камиллъулеб гьечIо диналъул лъабго аслу: иманги, исламги, ихIсанги. Гьеб лъабабго гьечIебгIан заманалда кIалалъ как базе буго Аллагьасе - дун витIун вачеян, ракIалъ - хъулухъалъе, "цо чинхъани чванта цIолеб хъулухъ кье, Аллагь, хъулухъ кье..." - ян. Алагьас канлъиги кантIиги кьейги бусурбабазе, хабаралги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG