МагъчIваялъе рес

ХIайдар Жамал: "Фатваялъ ахIвал-хIал хисиларо"


ХIайдар Жамал. Тажикистан, 2011
ХIайдар Жамал. Тажикистан, 2011

26 маялда Россиялъул тахшагьаралда байбихьараб ва 27 маялда Чачан республикаялъул тахшагьаралда халат бахъараб халкъаздагьоркьосеб динияб конференциялъул гIахьалчагIаз тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ къабул гьабун буго Иджма абулеб гIаммаб фатва.

Гьал къояз Москваялда байбихьараб ва Грозныялда халат бахъараб динияб конференциялда Россиялъул исламияб комитеталъул бетIер ХIайдар Жамалица абулеб буго гьеб букIанила чIана бицин, щай гурелъул цониги цIияб жо доба рагIичIин, конференциялъул гIахьалчагIаз гьоркьоб лъун гьечIин цониги кIвар цIикIкIараб суал:

«Гьеб букIана цIакъго тIуцаб даражаялда гIуцIараб тадбир, идеологиялъулаб магIна гьечIеб. Гьеб пайда гьечIеб данделъиялъул бицине пайдаги гьечIо. Щай? Щай гурелъул доб данделъиялда кIвар кIудиял суалал цебеккунго нахъ чIван ругоан, ва кIалъазе рахъарал щиназ такрар гьабулеб букIана чIамучIал жал. ПалхIасил тIубанго магIна гьечIеб тадбир».

Москваялда байбихьараб гьеб динияб конференциялде рачIарал ГIараб улкабазул гIалимзабазул батIияб пикру буго гьелда бан. Гьезул хIисабалда гьеб букIана тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ гьабураб Иджма абулеб гIаммаб фатва. ГьанжелъазагIан радикализм какулел фатваби къватIире риччалел рукIана цо-цояз.

Рехсараб фатва къватIире риччараз гIаммал гьабуна халифат, такъфир ва жигьад абулел терминазул магIна бичIчIизабизе. Гьез абухъего гьел терминал мекъса бичIчIани – гIицIго Россиялда гуребги – тIолго дунялалдаги ругел бусурбаби радикализмалде руссинаризе бегьулилан.

Ахирисел соназ россиялъул экспертазги, политиказги ризго абулеб букIана шайих ГIабдул Вагьабил малълъи Шималияб Кавказалде СагIудиязул ГIарабустаналдаса бачун бугин гьениб питна багъаризаби мурадалда. Амма, абулеб буго ХIайдар Жамалица, гьеб малълъи жиндир заманалда хасго сагIудиязул ракьалда баккун бугониги ва гьеб малълъи сагIудиязул официалияб динияб гьаркьеллъун къабул гьабун бугониги жакъасел салафитаз сагIудиязул гIалимзабазул хIурмат гьабулеб гьечIин:

«Жакъасеб радикалияб салафийа байбихьулеб буго СагIудиязул тIалъиялде гьабулеб дандечIеялдаса. Ай СагIудиязул ГIарабустан гъозул пикруялда ккола кIигьумерлъиялъул, ришватчилъиялъул ва хал кквеялъул мисаллъун. Гьеб цо. КIиабизеги – жидерго низамазе хъулухъ гьабулел гьанжесел гIалимзабазул расги хIурмат гьабулеб гьечIо гьел гIолохъанал салафитаз, гъозда гьезул божелги гьечIо, гъозие гьез кIварги кьолеб гьечIо. Хасго Шималияб Кавказалъул гIолохъанал салафитаз дол гIалимзаби жидерго гIакълучагIилъун рикIкIунел гьечIо. Къувейталъул ялъуни СагIудиязул гIадал цогидал низамаз рилълъанхъизарулел щинал къагIидаби жакъа пайда гьечIеллъун ккола».

Москваялъулаб динияб декларация абулеб гьеб тIадехун рехсараб фатва хъван буго гIарабалъ. ТIоцебего гьениб бицен гьабулеб буго би гIодобе тIеялъул. Къураналде мугъ чIвайги гьабун гIалимзабаз абулеб буго гIайиб гьечIев чи чIвай Ислам диналда рекъон мунагь бугин. Жигьадалъул хIакъалъулъ гьениб абулеб буго гьеб бугин щивав бусурбанчиясда тIадаб иш, аммаила жигьад гIицIго рагъ гурин ва гъазават гьабулаго жигьад питнаялде буссинабизе бегьуларин. Гьеб гуребги, абулеб буго гьеб фатваялда, бусурбаби гурел гIайиб гьечIел чIвайги шаргIалде данде кколареб иш бугин.

Россиялъул ва Чачан республикялъул тахшагьаразда гьалкъояз тIобитIараб динияб конференциялъ кинаб гIаги асар гьабизе гьечIин Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъе, ян чIван къотIун абулеб буго ХIайдар Жамалица:

«Гьеб кинабго гьабун бугоан тIаса-масаго цохIого цо мурадгун – гьеб тадбиралъе биччараб гIарац кванай. Гьединлъидал гьеб конференция лъугIарабго гIуцIарухъабазе кватIичIого камула гьоркьоб лъураб суалалъе интересги».

ТIадехун рехсараб халкъаздагьоркьосеб динияб конференциялда гIахьаллъи гьабуна исламиял ищазул Къувейталъул министр хисулев Адел ГIабдаллагь ал-Фалагь, Къувейталлда бугеб Ал-Вассатийа абулеб ТIолго дунялалъул Централъул хъулухъчи МустIапа ЯхIия, диниял ишазул суалазда сверухъ СагIудиязул ГIарабустаналъул ТIадегIанаб Шураялъул генералияв секретарь СалехI бин ХIусен аль-Аид, Хирияб Къураналъул хафизазул ТIолго Дунялалъул комитеталъул генералияв секретарь ГIабдуллагь бин ГIали Басфар ва цIар арал гIемерал цогидал гIалимазги.
XS
SM
MD
LG