МагъчIваялъе рес

"РухIчIаголъаби" гIадамазде руссинариялъул къагIида


Араб анкьил бищунго хъуй гIемераб ва инжитаб хабарлъун лъугьанин абизе бегьула Калмыкиялда буддистазул храмалда дагъистанияс гьабураб "гьунар". МахIачхъалаялдаса СагIид ГIусманов абураб рухIчIаголъиялъ инжит гьабун буго гьезул буддистазул гIаламат ва ролик реххун буго интернеталде.

Щай "рухIчIаголъи" букIунеб? Щай гурелъул инсан гьелдаса ватIа вахъизе лъалеб аслияб гIаламат намус, бегьулебги гьукъарабги жоялъул гIурхъи лъай.

Гьебги лъани, намусги букIарабани инаандай гьев чияр ракьалда гьезул диналда, хасаб халкъалъул рухIиял мисалазда хъатIулеб жо гьабизе? Инароан, гьеб буго гьеле гьеб намус гьечIолъиялъул гIаламаталдаса. Кинха чIезабулеб намус гьечIеб рухIчIаголъи гьукъараб гьабиялдаса?

ЦохIо хIинкъиялдалъун. Дагъистаналда, Чачан республика, Ингушетия гIадал бакIазда гьелъухъ бетIер тIаса босизе рес букIана, хIинкъула ва гьабуларо гьелда релълъараб жо. Калмыкиялъ бегьилин ккун бугоха гьесда "гьунарал" рихьизаризе. Гьеб гьунаралъухъ тIубараб Россиялда Дагъистанги суризабуна, ахиралда дозда цеве накабазда чIун тIаса лъугьаянги гьаризе ккана. Гьабун гьечIищха кIудияб "гьунар"?

ТIокIабги кIудияб ахIмакълъи ургъун гьабизе тIамуниги хадур гъелароан. Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго жакъасеб Дагъистаналда кигIан нилъеца какал раниги, вагIзаял такрар гьаруниги жеги жагьиллъигун бецIлъи тIегьалеб букIиналъул.

Кинаб ахIвал-хIалалда чи кIудияв гIезе кколев батIияб диналъулги, халкъалъулги, бакIалъул адаб тараб, гьел инжит гьарулеб жо бегьулареблъи лъангутIизе. Асда гIадамалгойищ рихьичIел? МагIарулаз абухъе гьеб киналдасаго махIрумлъизе хIамил гIинзунивищ гьев гIурав?

Гьаб буго тIад гIалимазабиги, хъвадарухъабиги хIалтIизе гIураб тема. Дир хIисабалда телевидениялъги лъикIан гъваридаб журналистазулаб цIех-рех гьабизе гьев чи цIалараб, тарбия щвараб, гIураб бакI, гьесул сверухълъи лъазабизе.

ЧIобогояб бакIалда бижараб пикру гьеб гуро. Кин гъосда ракIалдецин ккараб буддистазул храмалдеги ун малал хьвагIизе бегьилн гьенир абун. Гьеб киналъулго хIисаб гьабун дида цо бетIер сверарал гIолилаз цоцадехун чухIулеб чIанда ракIалде бачIуна мех-мехалда.

Дун университеталда цIалулеб мехалда Сепараторный поселокалда рахьгун чед бичулел тукаби рукIана нижер. Бакъанида дора ричарулел руччабиги рокъоре риччан, дунго чIолаан кватIизегIан рахьгун чед бичун. Цо щиб бугониги цIалулеб жоги букIунаан дир, хинаб печалда аскIов чайги гьекъон сордо бащалъизегIан чIолаан.

Цо бакъанида битIун гIумруялъул 18 соналде рахарал, къвалакь "арбузал ккураб" къапила кIусана дир тукада цебе харбида. Рагьараб гордухъа рагIулеб букIана гьез бицунеб щинаб.

Щивалиго Шамаца хIинкъизарун Таркиялде рачарал телкабазул, гIарацги босун тIад буссинабичIев чиясул, камазистаздаса бахъараб гIарцул ва гIемерал "гьунарал" рехсолел рукIана. Рецц гьабулаго гьоркьо-гьоркьоб реххун бачIунаан цо цебехун дида рагIичIеб калам "он конкретный беспредельщик" абураб.

Гьеле гьеб "беспредел" абураб рагIи дида цIогьазул дунялалда гьел понятияби абурал жалазда данде кколареб ничаб жойин рагIун букIана. Гьанир гьал къватIул жалаца рецц гьабун, кутакаб иш гIадин хIалтIизабулеб бугоан гьеб рагIи. Аб гIел гIадада кодоса анинха гьанже, гьазда жалго цIогьазул хьвада-чIвадицин къосун буго. Лъарас лъараб гьабиялде ана гьанже ишин ракIалде ккун букIана до мехалда.

Хадуб 90 абилел соназул бащалъуда цо-цо гьел "конкретный беспредельщикал" гIумруялъул, кIуди-кIудиял тахбакIазул хважаиналлъунцин рахъанин рагIана. Рихьулел рукIана гьел телеэкраназда, газет-журналазул гьурмазда ва данделъабазул цебесеб кьерда. Гьеле гьеб халкъ бихьана дов Калмыкиялда малал хьвагIулев бахIарчиясдаги.

Гьесда лъалеб буго цохIо хIакъикъат - лълъурдул рекулеб хIалалъ кьабгIи щолареб бакIалда гьеб "беспредельщиклъи" гьабизе гьукъунгьечIолъи. Гьалдаса хвасар гьаризе буго кIиго нух: тарбия кьей ва хIинкъи зари. ТIоцебесеб гьабизе ккола рукъалъ, къватIалъ, школалъ, мажгиталъ ва пачалихъалъ.

КIиабилеб - низам цIуниялъул идарабаз ва пачалихъалъул къануналъ. Гьеб кIиябго чучлъиялъул хIасилалда гIун бачIуна гьединаб боцIи. Гьел гIадамазда релълъинаризе хIажалъула цIал ва такъсиралъухъ нахъ буссин ва рахIму гьечIеб тамихI. БатIияб мацI гьезда бичIчIуларо. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG