МагъчIваялъе рес

Суалал дагьаб бахIсал гьарзаяб сессия


Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессия рагьана цIияб гимналда гъоркь. Гьеб цIияб букIин загьирлъулел гIаламатал залалда халлъичIо. Амма бачунеб букIана бакъан. Залалда букIана сихIкъотIи. Эхетун вукIана республикаялъул бетIерги, парламенталъул спикерги, хIукуматгун министралги, журналисталгун жамгIиял хIаркатчагIиги.

Повестка тасдикъ гьабуна сессиялъ. Суалал цересел сессиязда данде ккун кIиго нухалъ дагьал рукIана. Залалда гIодор чIарал чагIазда гъорлъги цо-цо бакIал эркенго ругоан. Жидеда хъинтIулел суалал гьечIел цо-цоял рачIинчIого чIараб къагIида. Цере рахъана кидаго гIадин парламенталъул фракциязул церхъаби.

ЧIамучI гьабиларо, гьезул ункъасго рицарал жалазулъ цониги кIвар буссинабизе гIураб ва нужеца "щибдай алъул ккела" - ян абизисеб гIадаб суал букIинчIо. Масала, депутат МухIамадхан ГIарациловасул кIалъаялдаса бичIчIана гьадинаб пикру - дагьав цеве хварав Владимир Юмин интернеталда тIибитIизабураб хIалалъ мискинлъиялда хвечIевлъи.

Гьесие пачалихъалъ чемпион хIисабалда нусазаргоялде гIагарун гIарацги кьолеб букIана абураб. Гьединго Олимпиялъул призер ГIарациловасда лъикIаблъун бихьана машгьурал спортсменазе ва "спортсменазул эмен" абун цIар щварав, гьезие кидаго кумек гьабурав цеве вукIарав Верховный Советалъул председатель Шагьрудин Шамхаловасул цIар абадияблъун гьабизе. Гьезул цIаралда къватIал, бульварал, спортзалал рукIине ккелин.

Аслияб докладгун цеве вахъана Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов. Доклад букIана гIезегIан магIна бугеб ва кьучIаб.

Россиялда данде ккун 3 нухалдасаги дагь рагIула Дагъистаналда такъсирчилъи. Бицана нухазда ГИБДДялъ гIарац босиялъул ва гьеб сабаблъун араб соналъ хъулухъалдаса реххарав 20 гIан чиясул ва гIурхъи тун гIемерал нухазда авариял ккеялъул. Аварияз гIадамал чIваялъе цо гIилла бугила, ахираб щуго соналда жаниб лъабго нухалъ цIикIкIун ругила автомобилалин абуна министрас.

Гьелдаго цадахъ дагъистаниязул нухазда гьарулел жалазда хадур гъезе кIолеб гIелмуги гьечIила. Кин бугониги кIвараб жоги гьабулеб буго, хIасилалги квешал гьечIин лъугIизабуна министрас доклад. КIиго депутатас суалал кьуна цоялдаса цогидаб магIна гьечIеб. Гьел рукIана "суалниги кьезе ккела"-ян кьурал гIадал суалал.

Гьезул бицине хIажалъи бихьуларо. Повесткаялда рекъон, ГIабдурашид МухIамадовасда хадур кIалъазе вахъана парламенталъул комитеталъул председателал Назим Апаев ва Камил Давдиев. Назимица бицунеб букIана бизнес-проекталъе патентал тасдикъ гьариялъул ва бизнесалъулгун пачалихъалъул магъалабазул гьоркьорлъабазул.

Давдиевасги тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабураб цо законалъул пунктал рехсана. Гьениб хъван бугоан экстремизмаялда данде чIезе коллила нилъ абун. Гурин, эб экстремизмалъул рахъ кквезе кколин тIаде вахъарав чиги ккечIо цониги. Гьединабго тIабигIиял бечелъабазда хурхараб суалалда тIаса кIалъана министр Набиюла Карачаев. Ахиралда республикаялъул мал-мулкалъул приватизация абураб суалгун цеве вахъана имуществоялъул министрасул тIоцевесев заместитель МахIач Расулов.

Гьес докладалда рехсана 20I6 абилеб соналде приватизациялъе хIадур гьарурал газалъул сетазул ва цогидаб магIишат. Гьелъул хIасилда рекъон республикаялъул бюджеталде бачIине кколеб рагIула 5 миллиардзун 300 миллион гъурущ. Докладалдаса хадур МахIач Расуловасе суалал кьуна депутат МухIамад ХIасановас.

Гьесда лъикIаблъун бихьичIо Гъизаларалъул коньяк биччалеб заводго гIадин федералияб буголъиялъе газалъул сетал кьей. Гьелъ сунде нилъ рачинел абун суалал кьуна.

МахIач Расуловас пачалихъалъул нормативиял актазда, къануналда ва улкаялъул президентасул хIукмуялда рекъон гьелде ине кколел ругин законалъул нухдаса кьуна жаваб. Нахъаойги суал бачIана гьеб приватизациялъ газги хиралъун халкъалъе квеш букIине гьечIищан. Гьеб рахIатхвейги кьучI гьечIеблъун бихьизабуна Расуловас.

Лъабабилеб суал букIана депутат, "Россельхозбанкалъул" нухмалъулев ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовасул: "Церехун кIалъалез абулеб приватизация мекъи бугин абураб пикруялъул дица рахъ кколаро. ХIалтIи лъугьине ккани магIишаталъул бетIергьаби рукIине ккола. Дир къокъаб суал буго.

Гьел приватизация гьабизе рихьизарурал объектал банкалъул залогалда ратизе гурин. Духъе бугищ гьелда хурхун информация?"- ян. Гьезул цонигиялъул банкалъулгун гьоркьоблъи гьечIоян жаваб кьуна Расуловас. Ахиралда лъималазул рукъ "Заботаялда" сверухъ политикиял провокатораз тIиритIизарурал гьерсазул хIакъалъулъ баян кьуна спикер ШихсагIидовас ва вице-премьер А.Карибовас.

Политикиял мурадазе ва популизмаялъе унатарал лъималазда сверухъ хIаял гьари къадарлъилъун рикIкIана киназго. Сессиялда вукIана живго Рамазан ГIабдулатIиповги. Гьесие ва парламенталъе хIисаб кьолеб букIана лъималазул рукъалда хурхун комиссиялъ. ГIаммаб хIасилги гьабун сессиялъе ахир лъуна. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG