МагъчIваялъе рес

КIибетIераб цIудул бидулал квачIал...


Чачаназул депортациялъул бицунеб "Февраль" абулеб фильмалдаса сцена
Чачаназул депортациялъул бицунеб "Февраль" абулеб фильмалдаса сцена

(Чачаназул ва ингушазул трагедиялъул хIакъалъулъ)

23 февраль рагъулаб къуваталъул къо абун гьекъолдулев чи дица бусурманчилъунги, бихьинчилъунги, магIарулавлъунги, камилав, тIуварав чилъунги рикIкIунаро. У ле, гьеле гьеб къо хас гьабун кIодо гьабулев чи. Гьес дидаги чIвазе буго гIайиб гьал рагIабазухъ. Патриот гурин, улкаялде рокьи гьечIин, вагьабияв вугин абизеги рес буго. Абуни дие гьелъул ургъелги гьечIо. Щай дир гьединаб радикалияб пикру бижараб хас гьабун гьеб къоялда хурхун? Гьеб буго инсан тIаса лъугьине бегьулареб вахIшияб такъсир гьабураб къо. Инсанасул, миллатазул, хасал халкъазул къадруги гIодобегIан гьабураб, гьезда зулмуги гьабураб къо. Гьеб къо букIине ккола киналго сахал гIадамазе пашманлъиялъул ва рогьоялъул къолъун, байрамлъун гуреб. Гурони гьелде рачIарал такъсирал жеги такрарлъула ракьалда.

Дица гьаб къо байрамлъун рикIкIунаро 1944 абилеб соналъул 23 абилеб февралалда нилъер мадугьалзаби ингушазда ва чачаназда тIад пачалихъалъ гьабураб зулму сабаблъун. ХIисаб гьабурабго цебе тIамизе кIолеб сурат гьечIо гьениб вахIшилъиялъул рахъалъ. Нусазарго чи вугеб армияги реххун гъаримаб халкъалда тIад гьабураб зулму азарго сон свераниги гьел халкъазул ва наслабазул рекIелъа нахъе унаро. Рес рекъанщинабго гьелъие къисасалъул дандерижиги такрарлъулеб буго. Нилъеда бихьаралъул гьеб тарихалда. РакI гъанцIизабулеб сурат цебе бачIунеб буго дол къоязул къисматги, тарихги цебе тIамизабураб мехалда. Л.Бериял нухмалъиялда гъоркь Казахстаналде ва Киргизстаналда чачанал ва ингушал гочинариялъе Шималияб Кавказалде реххараб 100 азарго чи вугеб армиялъ цебе тIамизе кIолеб зулму гьабичIо гъаримал халкъазда тIад.

"I80 эшелон битIана тIад 494 269 чи вугеб, вагоназда жанир цоцада тIаде чIван битIахъе хIайваназе букIунелдаса квешал шартIазда. Казахстаналде щвелелде нухда гьабун рагIула 56 лъимер, хун руго 1272 чи. Гочинарулаго дандечIей гьабун чIван вуго 780 чи, официалиял баяназда рекъон. Жанив тIамун вуго 2016 чи, бахъун буго 20 азаргоялдаса цIикIкIун туманкI, 479 пулемет. МугIруда вахчана ва кодоре щвечIо 6544 чи" - ян хъвалеб буго рагьарал баяназда. Баянал батIи-батIиял руго, цойги баяназда рекъон гочинарун рукIун рагIула 650 азаргогIан чи. ХIакъикъат Аллагьасда лъала. Амма тарих букIана гьединаб, пашманаб, магIуги, биги, пашманлъигун къварилъиги жубараб. Хваразда чIагоял бахилаб, рухI хвасарлъиялъе гIоло халкъ къеркьолеб.

Доба мугьажирлъуда жеги къваридаб ва пашманаб букIана гьезул къисмат. ЦохIо 1945 абилеб соналъ 42 422 чи хвана Казахсатналда гьезул. ТIад рогьоялъул мугьруги чIван зулмуялъ кIвекIулел халкъал рукIана гьел дол гIасиял соназда. Нилъер мадугьалзаби чачаназул Россиялъул империялъулгун гьоркьорлъаби гIодосанго ритIичIо. Нус-нус сонаца гьоркьоб къотIичIеб питнаги, биял тIейги унеб буго гьезул империялда данде къеркьолаго.

Гьезул тарихалъул ва къисматалъул пикру гьабурабго цIакъ гIемер ракIалде бачIуна Л.Толстоясул "ХIажимурад" къисаялдаса мухъал: "Херал ракIарун рукIана годекIанир. ГIурусаздехун бугеб рокьукълъиялъул ва цциналъул гьез бицунеб букIинчIо. Чачаназул кIудияздаса гIисинлъималазде щвезегIан гIурусаздехун букIараб асар рокьукълъи ва ццин букIинчIо. Гьеб асар рокьукълъиялдаса къуватаб букIана, рокьукълъи букIинчIо гьеб. Гьеб букIана гьел гIурус гьаби гIадамаллъунцин хIангутIи. БукIана гьединаб ракIкъай ва сурун рихьи гьезул ахIмакъаб вахIшилъиялъ бижараб, хIажат букIана гьел вата-ватарав тIагIинаризе гIункIкIал гIадин, загьруял борхьал, бацIал ва цогидаб заралияб рухIчIаголъи гIадин, гьездаса жалго цIунизе..." - ян хъвалеб буго Толстояс. Гьеб вахIшилъиялъул хIасилалда бижараб рокьукълъи ва тушманлъи гIелаз гIелазухъе кьун букIунелъул. Ва гьеб чIобогояб бакIалда бижуларо.

Гьелъул хIасилалда унев вукIун ватиларо чачанав рагъде тIубан жиндираблъун лъугьинчIеб улка цIунизе. Щибха гьабураб улкаялъ данде? Гьабуна жеги кIудияб зулму, азарго сон свераниги миллаталъул пикрабалъа нахъе хъвагIазе рес гьечIеб. ЦохIо кьерцин хисилелде тIуна нахъойги биял. БитIун 50 соналдаса, I994 абилеб соналъ рахъана нахъойги кьвагьиял. Поэтас абухъе:

Цингиги Россия кIудияб улка -

КIибетIераб цIудул бидулал квачIал...

АнцI-анцI азаргояз чIвана гIолилал, гIодоре тIуна биял, хвалил махI бахъана Кавказалда. Гьеб такрарлъана санаца. Гъаримаб чачан халкъ, цоял хвана, ана, цогидал апараглъуда, мугьажирлъуда дунялалда щущана. I944 абилеб соналъул февраль такрар гьабурал къоял жеги такрарлъана. Амма чан балагьал тIаде кканиги, киналгIаги зулмучIагIазда кIвечIо гьеб бахIарчияб миллатлъул рухIги, яхIги, къадруги чIвазе. Биччан те гьеб насалабаз насдабахъе кьун цIунизе ва цIиял гIелаздаса балагьалги къварилъиги рикIкIалъизе.

Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG