МагъчIваялъе рес

Сониселъухъ къисас - жакъа босулел


(Н.Михалковасул хитIабалда тIаса) Машгьурав кинорежиссер Никита Михалковас СССР биххиялъухъ диваналде цIазе ккола Борис Ельцин ва Михаил Горбачев абураб хитIабалда гIурусаца абула "популизм" абун. МагIарул мацIалда мухIканго гьеб рагIи хисулеб калима кинаб букIунебали дида лъаларо. ЧIобогояб харбида чIандайин абулаха нилъеца.

Дица гьеб калам чIандалъун тола. Амма... Гьал мухъалги цIалун гIемерисел магIарулал лъугьине руго гIарчIиххун бералгун керен буххизе, "кинаб чIанда, щай гьеб чIанда букIунеб?Биххизе гьабичIищха гьез СССР, гьез гурищ нилъ мискинлъизарурал, рагъал тIамурал, ваучерал рахъарал, гIалам мискиназдеги бечедаздеги бикьизабураб" - ин ахIдезе.

ХIасил калам, жиндир тIох гIеккеялдаса бахъараб, гIанкIу хIорлъиялде щун киналго такъсирал Горбачевасда дализе ва Михалков ритIухъ гьавизе. Лъалеб букIахъе Михалковал, эмен Сергейги, вас Никитаги кидаго, киналго нухмалъулезе рекъараб бакъан кутIутелел чагIи хIисабалда машгьурал руго улкаялда.

СССРалъул заманалда генсеказе, хадур жакъа какулев Горбачевасе, Ельцин вугеб мехалда гьесие, гьесул эпоха ун хадур В.Путинил рукъалъул чагIи. Эмен хвана, гьеб гьайбатаб гIадат цIунун кIалдиса цIа парулеб буго жакъа Никитаца. ЦIакъ сурунха букIунеб тIалъи беццун, арал какун ва ругел чIахъун кIалъалеб интеллигенция.

Гьале гьеб "интеллигенция" абураб рагIи дица Михалковасда хурхун хIалтIизабулеб буго гьев творческияб ва гIакълияб пишаялъул чи вукIин хIисабалде босун. Амма гражданинасул позициялъул рахъ босани гьесие гьеб данде кколаро. Нилъеда гьесул эмен, машгьураб Советазул гимн хъварав Сергей Михалковги, вас Никитаги лъала советияб империялъул рахъ ккурал чагIи хIисабалда.

СССРалъ гьезие цIаралги, шартIалги чIезаруна, машгьурги гьаруна, битIахъе нахулъ хIан гIадин бечелъиялъулъ тIерхьун рукIана. СССР биххиялъул аслияб гIайиб бугин зулмуялдалъун батIи-батIиял халкъалги цолъизарун, гьел республикаби миллиял хаслъабаздалъун гIуцIарав азул рухIияв эмен Сталинилги, коммунистазулгиян абулеб буго миллиял ва федеративиял гьоркьорлъабазул махщелчагIаца.

Хасго гIемер гьелъул бицуна В.Жириновскияс. Масала, зулмуялдалъун гуреб демократияб нухда гIуцIизеги гIуцIарал, миллиял хаслъабаздалъун гIурхъабиги чIвачIеб США биххулеб гьечIогури кибениги. Гьеле гьеб гъалатIаб, кида-къадги биххизе бугеб, къан зулмуялъгун яргъица ккун чIезабураб пачалихъалда цIигьабунгIуцIи байбихьана М.Горбачевас.

БайбихьичIого ресги букIинчIо. КидалъагIан букIинеб гIалам ХХ гIасруялъул ахиралда хохол чакмабиги ретIун, чадида нахъ очередазда, кьавуца ккурал ракетабаз дунялги хIинкъизабун . Долдаса инсан инжит гьавураб гIуцIиги, нухмалъиги ургъизе ресго букIинчIо. Гьеб лъикIаб букIун батила Михалковал гIадал гимназул авторазеги, генсеказулгун ЦКаялъул хъулухъ тIубалеб чвантил "интеллигенциялъеги", гIадатияб халкъалъе гуреб.

Дица хасаб баркала загьир гьабула М.Горбачевасе жакъасеб гIумруялъухъ. Горбачев вукIинчIевани нилъ жакъаги рукIинаан завмагасулгун лъай-хъваялдалъун повидло босулел, гречка балагьулел, нахул таллоналгун тукабазул кIалтIа женжелел. ТIад ретIине сахаб ретIелги, рекIине транспорти, сах гьаризе даруги, рагIуегун пикруялъе эркенлъиги гьечIого хадуб харж гьечIел захIматкъоял рикIкIунел.

Долдаса инжитаб режим ХХ гIасруялда гIемер бакIазда букIун батиларо. Нилъер гьанир ригь арал гIадамазул гIемерисез беццула СССР доб заман ва шартIал лъикIал рукIун гурел, доб заманалъ жал жакъаялдаса гIолохъанал рукIун.

МахIалда хIалги, беразда канлъиги, сахаб черхги бугеб заман лъикIаб букIинарищха, унтараб заманаялда данде ккун? Гьелъ гуккулел руго гIемрисел. Щайха Михалковас какулев вугев Горбачев, гьеб лъаларогойищ? Гуро, кутакалда лъикI лъала гьесда Горбачевасул тIокIлъиги, гьес халкъалъе гьабураб лъикIлъиги.

Михалковас гьев какулев вуго жакъасезда лъикI вихьизе. Россиялъул киналго балагьал ва талихIкъосин буго цебе тIураб дунялалда гIадин демократиялъул нухда тIалъи бищиги, рищарал хисиги гьечIолъиялъ. Киналго пачазаби ва гьезда хадур генсекал хъулухъаздаса ана я хадусес цевесесе къор гъун чIван, яги хъулухъалда хвезегIан вукIун, бохдул цевехун жаназа къватIибе босун. М.Горбачев вуго цохIого цо жиндир тахбакIалъе гIоло биял тIечIого хъулухъ кьурав чи живгоги нахъе ун.

Гьесда хадув вачIарав, гьададигIан президентасда гурев ханасда релълъарав Б.Ельциницацин кьуна тIалъи В.Путинихъе живгоги нахъе ун. Пайда щиб гьеб демократиялъул нух гьездалъун къокълъана. Гьелъухъ баркалаги реццги гьабизе кколеб бакIалда Михалковас диваналде ахIулел руго. Кидаго гIадин гIурусал даимаб гъалатIалде тIад руссунел руго.

Поэтас абухъе: "Сониселъухъ къисас - жакъа босулел, къаникь регаразул - занал рекулел". Пайда щиб, тарихалдаса дарс босизе кколеб бакIалда диван гьабулел хутIун руго. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG