МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалъул депутатаз цоцаде «гъегъ балеб буго»


Буйнахъскалъул депутатал МахIачхъалаялда пресс-конференциялда, 1Фев2016
Буйнахъскалъул депутатал МахIачхъалаялда пресс-конференциялда, 1Фев2016

Буйнахъскалъул мэрлъун вукIарав ГIусманов ГIусманил рахъккун митинг тIобитIизе ракIалда бугошагьаралъул мажлисалъул депутатазда.

Цеве Буйнахъскалъул мэрлъун вукIарав ГIусманов ГIусманил рахъалда ругел Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатазда ракIалда буго гIагарал къоязда цIидасан гьесул рахъккун митинг тIобитIизе. Гьеб гьабилалде, цере ГIусмановасул рахъалда рукIарал гьанже Буйнахъскалъул мэрасул ишал тIуралев ГIамиров Закарьял рахъалде арал депутатал нахъруссун ГIусмановасулго рахъалде рачIинчIони жидеца депутатазул мажлис биххиялъул суал борхизе бугин бицана гьез итни къоялъ МахIачхъалаялда «Черновик» газеталда тIобитIараб пресс-конференциялда.

Гьеб тадбир тIалъиялда гIайибал чIваялдасан байбихьанин абизе бегьула. ГIусмановасул рахъккураз лъазабуна заманалда тIалъиялъ жидехъ гIинтIамун букIарабани гьадинаб захIматаб ахIвал-хIал Буйнахъскалда лъугьунароанилан. Буйнахъскалъул халкъ гIодобе биччазабизе ккани ва депутатал цоцалъ рекъон хIалтIизе лъугьине ккани республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница жидер тIалабал тIуразе кколин лъазабуна гьеб пресс-конференциялда жамгIияв хIаракатчи Зайнудинов ГIалибегица.

Зайнудинов ГIалибег: «Нижеца бакIалъулги, республикаялъулги, Россиялъулги тIалъиялъухъеги прокуратураялдеги хъвараб цониги нижер кагътил букIине кколедухъ хал гьабичIо. Цонигиялъе жавабги бачIинчIо. Гьебгиха 5-6 моцIида жаниб. Гьедин гIинтIамичIого тезе ккани нижеца гьабураб такъсир щиб бугеб. Рищиязда ниж бергьин хIехьезе кIоларогойищ гьел ругел. Нижер ветераназул партиялъул вакилзабазулги ГIусмановасулги хIаракаталдалъун тIоритIана Буйнакскалда рукIине кколел рищиял. Цере гIадин тIалъиялъе бокьухъин гьел гьаризеги течIо. ГIезегIан къоги бихьун гьенир бергьинеги бергьана нижер партиялъул депутатал. Халкъги нижее гIоло къватIибе бахъун букIана. Гьанже кинабго гьеб хIадурараб бакIалде тIаде вачIинейилан лъугьана ГIамиров Закарья. Гьеб гурищ яхI гьечIолъи, щай гьев мэрасул хъулухъалда ГIусманов ГIусман вукIине бегьуларев. ТIалъиялъ жидецаго багъаризабуна Буйнахъскалда гьеб гъалмагъир».

Россиялъул ветераназул партиялъул рахъалдасан Буйнахъскалъул мажлисалъул депутаталлъун вахъарав 17 чи ГIусманов ГIусманил рахъалда рукIана. Хадур гьезда гьоркьоса цо къокъаялъ лъазабуна ГIусманов тIалъиялъе данде кколев гьечIила, гьелде данде рахъунарила жал ва республикаялъул нухмалъиялъ шагьаралъул бетIерлъун тIамурав ГIамиров Закарьял рахъалде ине ругин жалилан. Гьел депутатал кIийиде рикьиялъе батIи-батIиял гIиллаби рехсолел рукIанила, амма гьелъие аслияб гIиллалъун ругила букIине кколедухъ жидерго хIалтIи гьабизе лъалареб республикаялъул тIалъиялъул вакилзабийилан абуна гьеб тадбиралда гьеб шагьаралъул мажлисалъул депутат МухIамаев МухIамадица.

МухIамаев МухIамад
МухIамаев МухIамад

МухIамаев МухIамад: «Гьаб сагIатни рикьун руго ниж, амма нижеда ккола гьеб заманаялъулаб иш бугилан. Гьел ГIамировасул рахъалде арал гIолохъабазда кинабго бичIчIилин ва гьел тIад руссун нижер кьеразулъе рачIинин ккола дида. Гьел киналго руго гIисинал гIолохъаби, гьезул бетIер бокьухъин сверизабизе бегьула. Бицунеб букIана гьезие гIарац кьун бугиланцин, амма дун гьелда божуларо. Нижеда гьоркьоб гьеб рикьелги лъугьунароан, шагьаралда ахIвал-хIалги гьадигIан цIакъ хIалуцунароан гьел суалал тIуразе кколел Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабаз жидерго хIалтIи букIине кколедухъ гьабун букIарабани. Цониги нижер я кагътие я хитIабалъе жаваб кьечIо гьез. Гьанисан-добасан ГIусманов мэрлъун киданиги толарин абун бакк-баккизаби гурони щай гьев гьеб хъулухъалда толаревали цониги чияс бичIчIизабичIо. Гьев такъсирчийищ вугев, хIалтIигьабун бажаруларевищ вугев, гьеб хIалалъ нахъе цвизе ккани гьез. Гьелъие гIиллагIаги бицунебани. Гьебго тIалъиялъ гьоркьоса къотIичIого тIадецуй гьабулеб букIана депутатазде, гьев ГIусманилги нужерги жо кколарин абун. Гьеб чIалгIун хIехьезе кIвечIого ГIамировасул рахъалде анин дол депутаталин ккола дида».

ГIазизов Шамил
ГIазизов Шамил

Депутат ГIазизов Шамилица лъазабуна жидеда дандеругез абулеб букIанила ГIусманов ГIусманица жидеда тIадецуй гьабулеб букIанин депутатлъиядаса инкар гьабейилан абун. Гьеб гьереси бугила, я ГIусмановас я Буйнахъскалъул вукIарав мэр ХIамзатов ХIусеница жидеда гьелдаса инкар гьабейилан абичIин ва тIадецуй гьабичIилан. Цадахъ рекъон ХIусеновги ГIусмановги депутатазда гьезул мандатал нахъеги кьезарун, цIидасан рищиял гьаризе къваригIун бугин абиги гьереси бугилан. Гьел кIиялго цолъиялъул хIакъалъулъ цIарцин бахъизе бегьуларин, гьеб киданиги букIунеб иш гурилан.

Гьединго Шамилица баян гьабуна жиндихъаги цойги жидер рахъалда вугев цойги депутатасухъаги мандат нахъе босизейилан гьанже Закарья ГIамировасул рахъалда вугев Темирханов Темирлан лъугьун вукIанилан. Гьес абунила нужеца ГIамировасул рахъкколеб гьечIеблъидал жиндица республикаялъул рищиязул комиссиялдеги ун нужер мандаталги нахъе кьун нуж депутатлъиялдаса эркен гьаризе ругилан.

XS
SM
MD
LG