МагъчIваялъе рес

Путин вокьулелги вокьуларелги


Ахираб соналда жаниб президент Владимир Путиница гьарурал лъикIал ишал рехсезе бажаричIо россиялъулазул 50 проценталда. Гьелда бан цIех-рех тIобитIана «Общественное мнение» абураб фондалъ. Гьелъулъ гIахьаллъана батIи-батIиял шагьараздаса 1500 чи.

Путин вокьулелги вокьуларелги
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:04 0:00
Интернет-мухъ

ГIадамазул 51 проценталъе захIмалъун буго кинаб букIаниги жаваб кьезе. Путинил бищунго рокьарал ишазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда буго Сириялда рагъулаб операция тIобитIи (8 процент). КIиабилеб бакIалда – Крым Россиягун цолъизаби (7 процент). Лъабабилеб – чIагояб эфиралдасан Путиниде хитIаб гьабун хадуб масъалаби тIурай (5 процент).

ГIадамазул 42 проценталда кIвечIо жидее Путинил рокьичIел ишал яги гьес гьарурал хIукмаби рехсезе. Амма 5 проценталъ жаваб кьуна жидее бокьуларин цогидал улкабазе гьес кумек гьаби. 4 проценталъ кIвар буссинабуна гIадамазул гIумру гIодобегIанаб даражаялда букIиналде. КIиго проценталъе рекIее гIолеб гьечIо багьаби рахин. Гьединго 35 проценталъ жаваб кьуна жидее кинабго бокьулин Путинилъ.

Дагъистаналдаги дагьал гьечIо Путинил рахъккурал чагIи. Масала, батIи-батIиял митингалгицин гьесул сурат бахъарал футболкабиги ретIун гьарула цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз.

Владимир Путинида кIванин накалда ккун букIараб улка тIаде бахъинабизеян бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Шамил мухъалъул администрациялъул жавабияв хIалтIухъан Ибрагьим МухIамадовас.

Ибрагьим МухIамадов: «КIиабилеб иргаялда, Путиница бихьизабуна Россиялъул къуватги букIин, бажариги букIин, гьарулелщинал ишал рагIалде рахъинарулел рукIинги. БакътIерхьул рахъалъ абунщинаб жоги гьабун Путин чIун вукIаравани, жакъа Россиялъул букIинаан Ельцинил заманалда гIадаб къисмат. Гьелъин гъоб Крым жиб букIараб бакIалде бачараб. Сириялдаги бихьизабуна Россиялда бокьараб хIалтIи тIадкъани, гьелъухъа гьеб бажарулеб букIин. Гьединго Путиница кколеб буго пенсионеразе, лъимал гIемерал хъизаназе, ресукъазе кьураб рагIи. Гьединлъидал моцIи-моцIие гьезие биччалеб гIарцудаса инкар гьабизе ракIалда гьечIо гьесда.

Халкъалъулгун ракIрагьараб хабарги букIунеб буго гьесул. Санайилго гьарулел руго чIагоял эфирал. Гьенир рорхарал суалал нахърахъичIого тIуразарулел руго.

Кинабго жоги лъикI букIинищха? ХIукуматалъул иш лъикI гьечIин абизе бегьула. Амма гьеб Путинил г1айиб гуро».

Ибрагьим МухIамадовас хадубго ракIалде щвезабуна Путин вачIаралдаса Россиялда росдал магIишат цебетIезабизе кIвеялъулги.

Путин тIалъиялде вачIун байбихьуда, масала, улкаялда ругел масъалаби тIураялъе гьес рагIи кьолеб мехалда президентасда кутакалда божилъи букIун буго Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Казихан Къурбановасул. Ришватчилъиги лъугIизаблин, эркенаб прессаги букIинабилин, чорокал диванчагIаздаги ракь тезабилин ва халкъалъе цогидал жалги гьарилин Путиница рагIи кьун хадуб, гьалейинха, ахир-къадги щванин Россиялъе унго-унгояв цевехъанилан ккун букIун буго Казихан Къурбановасда. Амма сангицин гьабичIого конституцияги тезе лъугьараб, гIорхъичIваял митингазеги гьаризе байбихьараб, цебесан гIадамазул ихтияралги хвезаризе байбихьараб мехалда Путиниде букIараб божилъи тIагIун буго Къурбановасулъа.

Казихан Къурбанов: «ГIезегIан жо гьабилин рагIи кьола, амма гьеб рагIи кколаро. РагIи кквейни щиб букIинеб, жинца гьединаб рагIи кьун букIараблъицин кIочон тола гьесда. Гьединго мисалалъе росилин КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи. 20I0 соналде щивав ветеранасе рукъ кьезе рагIи кьун букIана. Кирха гьел ругел? Щай ветераназда бичIчIизабулареб, гьадинги гьадинги кканилан. Гьединго буго цогидабщинабги, щай гъоб кьураб рагIи тIубачIебани бицунаро».

«Общественное мнение» абураб фондалъ тIобитIараб доб цбехун рехсараб гьикъа-бакъи гьабуразул 4 проценталъ абуна Россиялда квешал хиса-басиял Путин сабаблъун лъугьунел ругин. ЛъикIал хиса-басиял ккеялъейин абуни гьесда бараб жо гьечIила. 20I3 соналда гьединан жаваб кьун букIана гIадамазул 9 проценталъ. 26 проценталъул ракIчIун буго квешалги лъикIалги хиса-басиял президент сабаблъун кколилан.

Гьединго гьикъа-бакъаразул гIемерисез абуна улкаялда лъикIал хиса-басиял ккей гьелъул бетIерасда бараб бугилан. Квешал хиса-басиял ккеялъе гьесда бараб жо букIунарилан. 2013 соналда гьедин жаваб кьун букIана гIадамазул 23 проценталъ. Исанайин абуни – 38 проценталъ.

XS
SM
MD
LG